Аслияб гьумералде

Лъималазе динияб тарбия

Лъималазе динияб тарбия

Лъималазе тарбия кьеялъулъ эбел-инсул, гӀагарлъиялъул ва цогидалги гӀадамазул асар букӀуна. Гьелъулъ щаклъи гьечӀо. Амма социалиял ва физиологиял гурелги, руго рухӀиял къваригӀелалги. Гьеб ккола лъимералъе кьолеб динияб тарбият. Лъимер Аллагьасукьа хӀинкъулеб, ритӀухъаб лъугьине ккани, кин тарбия кьезе кколеб, гьел лъикӀаллъун гӀезе, эбел-инсудехун лъикӀаб бербалагьи букӀине, жамгӀияталъе пайдаяллъун рукӀине?

 

Хъизамалда жаниб лъимералъе щола тӀоцебесеб лъай ва бичӀчӀи киналго дунялал рижарав ТӀадегӀанасул хӀакъалъулъ. Бусурбабаз хӀаракат бахъизе ккола гьитӀинаб къоялдаса нахъе лъимадул ТӀадегӀанав Аллагьасулгун бухьен щула гьабизе. Лъимер жеги гьитӀинго бугеб мехалда гьелда ракӀалде ккола эбел-эмен киналдаго хӀалкӀолел ругин. Амма нилъеца гьезда байбихьудаго бичӀчӀизабизе ккола нилъее киназего Аллагь хӀажат вукӀин, нилъеца кинабго жо цохӀо Гьесда гурони гьарулареблъи. Масала, лъимералъ эбел-инсудаса цо жо тӀалаб гьабураб мехалъ, кӀвар бугеб жо ккола кинабго бихьулев ва рагӀулев Аллагь ракӀалде щвезави, киналго гьариял нилъеца, тӀоцебесеб иргаялда, Гьесдехун руссинаризе кколин аби. Гьедин, нилъеца лъимералъе Халикъасул хӀакъалъулъ гӀемер бицанагӀан Аллагьасулгун гьезул бухьенги щулалъула. Нилъер заманалда гӀадамал гӀемер руссунел руго психологиялде, жидедаго жанир ругел гӀунгутӀаби ралагьиялде, масала, жидедаго щаклъи, жидерго къимат гӀодобегӀан гьаби. Амма гьеб кинабго гӀицӀго советияб заманалда динияб тарбия кьечӀолъиялъул хӀасил ккола, унго-унгояв ТӀадегӀанав ва Кинабго къуват бугев, бокьараб гӀумруялъул ахӀвал-хӀалалда, бокьараб ритӀухълъи гьечӀолъиялда цебе лъимал руссине бегьулев Аллагьасдаса лъимал махӀрум гьарурал. Гьелъ гьезул рекӀелъ божилъи бижизабилаан жал жалго цохӀо, кумекалдаса махӀрумаллъун гьечӀолъиялда, Живго Аллагьас жал цӀунулел рукӀиналда ва кидаго Жиндихъе руссине рес букӀиналда.

ГьитӀинаб къоялдаса нахъе лъимералда малъани как базе ва дугӀа гьабизе, гьезие киданиги хӀажалъиларо цогидал гӀадамазул яги лъилниги кумек. Гьезие Аллагьас кидаго гӀей гьабила. Имам АхӀмадица бицараб хӀадисалда Аллагьасул Расулас ﷺ ибну ГӀабасиде хитӀаб гьабун абулеб буго: «Я дир вас! Дие бокьун буго дуе насихӀат гьабизе. Аллагьасда гьаре кумек, Гьес мун цӀунила. Кидаго Аллагь ракӀалде щвезаве, Гьес мун киданиги рехун толаро. Дуе щибниги къваригӀани, Аллагьасда гьаре, кумек Гьесдаса тӀалаб гьабе. Ва ракӀалда чӀезабе: тӀолабго дунялалда ругелщиназе данделъун дуе лъикӀлъи гьабизе бокьани, гьезда кӀола цохӀо Аллагьас бихьизабураб къадаралда гьабизе. Ва тӀолабго дунялалда ругелщиназе бокьани дуе квешлъи гьабизе, гьезда кӀола цохӀо Аллагьас бихьизабураб къадаралда».

КӀиабилеб иргаялдаги, эбел-инсуца лъималазда малъизе ккола гӀибадат бокьи. Гьаб масъала битӀахъего хурхараб букӀуна цебеселда. Халикъасде рокьи гьечӀони, гӀибадат бокьизе рес гьечӀо. Нилъее лъимералъ как базе бокьун батани, гьезда как базе кколин абураб гӀоларо. Инсанасул напс кидаго дандечӀола бокьараб гьукъиялда ва амруялда. Гьединлъидал эбел-инсуе гӀорхъолъа араб кӀвар букӀуна гӀибадат малъиялъулъ гӀакълу хӀалтӀизабиялъул. Гьелда гъорлъе уна лъимералда Хирияб Къуръан малъиги. Абу НугӀаймица бицараб хӀадисалда буго: «Лъимадул рекӀелъ лъабго жо бижизабе: Аллагьасул Расуласде ﷺ рокьи, гьесул хъизамалде рокьи, Къуръан цӀалиялде рокьи. Щайгурелъул Къуръан лъалезе Аллагьасул ГӀаршалъ рагӀад гьабизе бугелъул, тӀокӀаб рагӀад букӀунареб къоялъ».

Щаклъи гьечӀого, нилъеца цебехун бицухъе, лъимералъ кидаго мисал босула эбел-инсул хьвада-чӀвадиялдаса. Нилъго гӀибадаталъул ургъел гьечӀел, каказда ва Аллагьасул ТӀехь цӀалиялъулъ кӀарчанал ратани, сунде нилъеца хьул лъолеб? Къуръан дуцаго цӀале, гьелъухъ гӀенекке, гӀелму боси кӀвар кьечӀого тоге, дуда хадур лъималазги такрар гьабила, иншааЛлагь.

Хадусеб гали ккола динияб лъай щвеялде ахӀи ва нилъецагоги малъи. Масала, бусурбанчияс чанго нухалъ ва щибаб къойил цӀалула «Ал-ФатихӀа» сура. Ва гьеб сурат лъимералда малъарав чиясе щибаб нухалда гьез гьеб такрар гьабураб мехалъ кири щвезе буго. Гьедин батани, лъималазда малъичӀого щай гьеб кӀудияб кириялдаса нилъго нилъецаго махӀрум гьарулел ругел? ХӀакъикъаталдаги лъималазул ахикь тӀадкъалеб кечӀ рекӀехъе лъазабиялдаса захӀматаб жойищ гьеб бугеб?

Динияб тарбия кьеялъулъ цоги бухьен буго хъизамалъул гӀадатазул. Инсуца лъимал мажгиталде рачине бегьула рузманалъул яги гӀидалъул как базе, лъимал мажгиталде хьвадизе гьитӀинаб къоялдасаго ругьунлъизе. Лъимал ругьун гьаре гӀагарлъиялде щвезе, гӀагарал чагӀазулгун гьоркьорлъаби щула гьаризе, унтаразухъе щвезе, гурхӀел-рахӀму бихьизабизе. Биччанте лъималазда гьитӀинаб къоялдасаго бихьизе щиб кколеб Ислам, гьеб баракатаб диналъул бичӀчӀи жидеего щвезе букIине.

 

 

Хадижат Хизриева

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


Балагьаздаса цIуниялъе

Жакъа нилъ киналго руго Дагъистаналда ккаралъул нугIзаллъун. ГIемерал гIадамал захIматаб хIалалде ккана, гьебги, щаклъи гьечIого, ТIадегIанав Аллагьасул рахъалдасан бугеб хIалбихьи ккола.   ХIакъикъаталдаги, гьаб дунял бижунго букIана хIалбихьиялъул бакI хIисабалда. Нилъер бугебщинаб жо -...


Мордовиялъул муфти ва волонтерал

Лъим кIанцIиялдалъун къварилъи ккаразе кумекалъе Дагъистаналде вачIун вукIана Мордовиялъул муфти Раил Асаинов ва нусгогIанасев волонтер. ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандихъеги щвана Мордовиялъул муфти. Гьениб АхIмад-афандица баркала загьир гьабуна гьесие ва гьесда цадахъ рачIаразе...


Гьалаглъиялде рачунеб

Исламалда хъантIи рикIкIуна какарал тIабигIатазул бищунго захIматал, хъубал жалазул цояблъун, дунялалъул лазатаздехун гIорхъолъа араб рокьиялъул кьалбалги жиндир бугеб. Гьеб хасияталъ инсанасул рухIияб гIумру хвезаби гуребги, гьев дунялалда талихI къосиналъеги ахираталда тамихIалъе сабаблъунги...


Иманалъул бутIа

Сабру ккола инсанасул тӀабигӀаталъул бищун берцинал гӀаламатазул цояб. ЗахӀматаб ахӀвал-хӀалалде ккарал гӀадамазе заман къваригӀуна жидерго ракӀ гIодобе биччазабизе. Гьединаб заманалда сабру гьаби ккола нилъер иманалъул чара гьечIеб бутIалъун.   Аварагас ﷺ Абу-Гьурайратидасан бицараб...


17 мина къачIазе буго

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандил бихьизабиялда рекъон, муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибировги Хасавюрт районалъул росабазул имамзабиги, «Инсан» фондалъул вакилзабиги рачIун рукIана ЦIияб ЦIиликь росулъе. Гьениб бугеб ахIвал-хIалалъухъги...