Аслияб гьумералде

Балагьал нахъ чIвалеб пардав

Балагьал нахъ чIвалеб пардав

ТIадегIанав Аллагьас Хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьас нужее кьураб ризкъиялдаса нужеца Аллагьасул нухда хвезабе нужер рес бугеб къадар», - ян.

Аллагьасул нухда хвезабулеб ризкъиялда гьоркьобе бачIуна нилъеца цогидазе мунпагIаталъе кьунщинабги: нухал-кьоязде, мажгит-мадрасазде, къварилъи ккаразе. Къокъ гьабун абуни, гIицIав Аллагьасе гIолойин абун нигаталда нилъеца кьураб чадил лукъмацин ккола Аллагьасул нухда хвезабураблъун. Щайин абуни, Аллагьас нилъеда тIад гьабун бугелъул лъикIлъи гьабулеллъун рукIине.

Гьаб хIадисалдасан бичIчIула кигIан дагьабниги нилъедасан цогидасе хайир бугеб гIамал гьаби, гьимиялдалъун ракI бохизабигицин, садакъа кколеблъи. Жиндаса цогидазе хайир цIикIкIинги бищунго жиндир садакъа гIемерав вукIин буго чиясул. Имам Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Садакъаялъ Аллагьасул ццим нахъчIвала ва квешаб хвалдаса цIунула», - ян.

Квешаб хвелин абураб жоги буго рухI бахъиялда аскIор мекъи ккей. Жиндаса Аллагь разилъаяв ТIабаранияс бицараб хIадисалда буго: «Садакъаялъ нахъчIвала 70 балагьалъул каву», - абун.

Нилъеца кидаго абула садакъа кьолеб мехалда, Аллагьас киназдего бачIунеб балагь нахъе босиялъе батагиян абун. Хириясул хIадисалда ругел рагIаби тасдикъ гьарун абулел рагIабилъун руго нилъер гьелги.

Дунялалъул рокъоб гIемер садакъа кьуразда бищунго кIудияб гьелъухъ бугеб кири бихьизе буго Къиямасеб къоялъ. Гьелъул рахъалъ Аллагьасе Хириясул r хIадисалда абулеб буго гьадин: «Къиямасеб къоялъ, ай ГIаршалъул гурони рагIад гьечIеб къоялъ, Аллагьас гьеб рагIдукье рачарал анкьгоязда гьоркьов вукIине вуго жиндир кваранаб квералъ кьураб садакъа квегIаб квералда лъазе биччачIев бусурбанчи», - абун.

Щайилан абуни, нилъер ракIазулъ бессараб унти буго рияъ-сумгIат, ай гьабураб лъикIаб гIамал рагIизе, бихьизе бокьи. Садакъа кьураблъи рагIизе, бихьизе бокьула гIемерисезе. Гьадинаб, цогидазда рагIизабун кьураб садакъаялъул нилъее мунпагIатги цIакь дагьаб гурони щолеб гьечIо. Гьелдаса нилъ нахъчIвалелги руго Исламалъ, рияъ-сумгIатги нафсалъул бищунго квешал унтаби рукIин баянги гьарун.

Ахираталда нилъ жужахIалъул цIаялдаса цIунулеб къолденлъунги буго садакъа. Хирияв ХIабибасул хIадисалда буго: «ЦIуне нужго жужахIалъул цIаялдаса бащдаб чамасдакI садакъаде кьунги», - ян.

Нилъеца кьураб садакъа мунагьал чуриялъе сабаблъунги буго. Аварагасул хIадисалда буго: «Садакъаялъ чурула мунагьал, лъеца цIа свинабулеб гIадин», - ян

ЗахIматаб унтуца унтарай бусурбанчIужуялъ Индонезиялдаса ахIула гъаравашлъун хIалтIизе цо мискинай гIадан. Рукъалъул хважаиналда халлъула дой гъараваш хIамамалде уней йикIин. Ахирги яхI гьабизе кIвечIей гьалъ цIехола щай гIемер дое хьвадулейин абун. Долъги бицуна жиндир ватIаналда тараб каранда хахулеб лъимер бугин, долъие бугеб рахь карандаса бахъизе (бечIчIизе) жийги унин гьение гIемерилан абун.

Гьелъул хабар рагIидал хважаиналъ гьебсагIатго гьелъий ватIаналде тIадюссине билет заказ гьабула ва кIиго соналъ гьабулеб хIалтIухъ цебеккунго гIарацги кьун, абула: «Мун дурго лъимада аскIое тIадюсса. КIиго соналдаса, дуе данде ккани, ячIине бегьила дихъе хIалтIизе», - абун.

Гьелдаса хадуб унтарай гьей гIадан тохтурасухъе индал баянлъула, гьелъул чорхолъа квешаб унти тIагIун букIин. ХIикмалъарав тохтурас, сунца сах гьаюрайин цIехедал, гьелъ рехсола Аварагасул хIадис: «Нужеца унтаби сах гьаре садакъаялдалъун», - абураб.

Аллагьас нилъер киназулго ракIазе тамахлъи кьеги, Аллагь разияб куцалъ садакъа кьолеб гIамалги кьеги, кьураб садакъаги Аллагьас къабул гьабулеблъун батаги. Амин.

ПАТIИМАТ ХIАСАНОВА

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...