Аслияб гьумералде

РакӀ гӀодулеб мехалда…

РакӀ гӀодулеб мехалда…

ГIагарав чи ками ккола чӀужугӀаданалъ хӀехьезе рес бугел бищунго захӀматал къварилъабазул цояб. Гьеб ккола кутакаб унти. Амма Исламалъ нилъее кьола гьеб бецӀлъиялда жаниб сабруялъул ва иманалъул канлъи, кигIан кIудияб къварилъи тIаде щваниги, гьеб бигьа гьарулел сабабал.

 

Хвел – гьеб ахир гуро. Гьеб буго панаяб дунялалдаса, бацIцIадаб, даимаб Ахираталде ин, цӀияб гӀумруялъул байбихьи. ТӀадегӀанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Щибаб рухӀалъ хвел къулчIила», - ян («ал-Анбия», 35 аят). Гьеб буго Аллагьасде, рахӀматалде ва ритӀухълъиялде тӀадруссин.

ТIоцебесеб иргаялда, къадаралда божиялъ кумек гьабула ками къабул гьабизе. Ахираталда, рокьулел гIадамалгун, БетIергьанас нилъ данде гьаризе руго ва гьаб кьогIаб ратIалъи заманалъ бугеб жо ккола. Халикъасул амру гьечӀого щибго жо лъугьунаро. «Аллагьас инсанасда хӀехьезе кӀолареб тIад лъоларо», - ян буго Къуръаналда («ал-Бакъара», 286).

МухӀаммад аварагас ﷺ абуна: «ХӀакълъунго, кӀудияб балагьалъухъ кири кӀудияб букӀуна. Аллагьасе халкъ бокьулеб мехалъ, Гьес гьезул хӀалбихьула», - ян (Тирмизи). Жеги абуна: «Сабру гьабурав чиясе Аллагьас сабру кьола. Ва сабруялдаса лъикӀаб яги кӀудияб сайгъат гьечӀо», - ян (Бухари, Муслим). Гьел рагӀабаз ракӀалде щвезабула дур къвакӀи – гьеб кириялде ва рацӀцӀалъиялде нух букIин.

МагӀуялдаса яги загӀип-лъиялдаса нечоге. Дуцаго дуего ракӀ бате. Амма мунго йикӀунге, дурго унти бичӀчӀулезде бикье. Гьев кинабго лъалев вугониги, дурго рекӀел хӀал БетIергьанасда бице, Гьесдаса кумек тIалаб гьабе. ГӀадатиял ишал, ай рукъ бакIаригIадал жал гьариялъцин дагь-дагьккун тӀадбуссинабула гӀумруялъул букIараб тIагIам. Пашманлъиялъулъ гъанкъизе чIоге.

Дур къварилъиялъ ва пашманлъиялъ хварасе пайда кьоларо. Гьелъул гIаксалда, пикру гьабе гьев рази вукIинаандайин дуда бугеб гьеб хIал бихьун? Мун йигеб куц лъалебани, гьев живго пашманлъизе вукIинчIищ? Гьесул ракIбакъвалеб гьабичIого, кIванагIан сабруялда чIун, хирияв чиясе, малаикзабигун, сайгъатал ритIе. ДугӀа, садакъа, Къуръан цӀали - гьел руго хварасул рухӀалъе бищунго лъикӀал сайгъатал.

Аллагь ﷻ гурхӀулев вуго. РекIее парахалъи кьолел сабабал хIалтIизаре: аятазухъ гӀенекке, зикру баче, асхӀабзабазул руччабазул биценал цӀале - гьезулги рокьулел камуна, амма гьел иманалдаса ратIалъичӀо.

Мун цохӀо гьечӀо. Аллагь ﷻ дуда ракӀалде кколелдасаги гӀагарда вуго. Дур ракӀ бекун бугониги, гьеб канлъиялъул гъамаслъун гьабе. Биччанте дур унти рухIанияб къуваталде буссине, дур магӀуги, сабруялъул жавгьарлъун сверизе. ГурхӀулев, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абун буго: «ХӀакълъунго, захӀмалъиялда цадахъ бачӀуна бигьалъиги», - ян («аш-ШархI», 6).

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...