Аслияб гьумералде

Фатимаца хвасар гьабуна

Фатимаца хвасар гьабуна

2025 соналъул августалда Биби Фатимаца нухмалъи гьабулеб Индиялъул Карнатака штаталдаса руччабазул цоцазе кумек гьабулеб къокъаялъе щвана «Экваторалъул инициатива» абураб тӀабигӀат цӀуниялъул шапакъат.

 

Гьез аза-азар бакӀалъул фермерал мукӀур гьаруна ракъдаллъиялде дандечӀарал культураби гӀезаризе ва гьава-бакъ хисулеб мехалда жидеца цӀикӀкӀун пайдаяблъун рикӀкӀунел гӀадатияб магӀишаталъул къагӀи-дабазде руссине.

Индиялъул фермер Биби Фатима агрономиялъе цӀализе байбихьана 2018 соналда. Гьелъул хъизамалъ гӀумру гьабулеб букӀана росулъ.

Гьелъ гӀумру гьабулеб регион буго ралъдал рагӀалдаса 100 км рикӀкӀад ва бакъвараб гьава-бакъ бугеб бакI. Гьенир гIезарулел росдал магӀишаталъул нигӀматал рижи бараб букӀуна къанагIатго гурони раларел цӀадазда.

«Дица дирго хIалтIул нух байбихьана 2018 соналда. Дун йикӀана гӀицӀго рукъалъул хӀалтӀухъанлъун. Дир росасги хъизамалъги ритӀулароан руччаби хӀалтӀизе. Кинабго байбихьана Сахажа Самрудха нижер росулъе ячӀараб мехалда», - ян бицана гьелъ.

Агрономиялъул курсал лъугӀун хадуб Биби Фатимада ва гьелъул пикруцоял Тирта росулъа руччабазул къокъаялда бичӀчӀана гӀадатиял культурабазде ва магӀишаталъул къагӀидабазде тӀадруссине ккеялъул хӀажалъи. ГьабсагӀаталда бугеб гьава-бакъалда бищунго данде кколеб букӀана ракъдаллъиялде дандечӀолеб культуралъун кколеб тIигьало (просо).

Гьеб нигӀмат гӀасрабаз гӀезабулаан Индиялъул бакъварал регионазда, амма 1960-70-абилел соназда лъалъай ва удобрениял гӀатӀидго хӀалтӀизариялдалъун фермераз байбихьана гьеб рехун тезе ва пиринчӀ, цӀоросаролъ, тӀощел гӀезабизе. Гьанже, ракъдаллъиялъ къварилъи ккарал бакӀал цӀикӀкӀунел рукӀиналъ, гьеб культура нахъеги халкъалда гьоркьоб машгьурлъулеб буго.

НКОялда 15 чӀужугӀаданалъул къокъа ругьун гьабуна удобрениял ва пестицидал хӀалтӀизаричӀого мугь ва ракь цӀуниялъул, магӀишат гьабиялъул къагӀидабазе.

«Нижеца байбихьана магӀи-шатазде хьвадизе ва нижерабго тӀибитӀизабизе. Нижеца фермеразда бичӀчӀизабуна халатаб заманалъул планалда тIигьало гӀезабиялъ пайда цӀикӀкӀинабизе букӀин, щайгурелъул гьеб ракъдаллъиялде дандечӀолеб букӀиналъ», - ян бицана Фатимаца.

Дагь-дагьккун халкъалда гьоркьоб машгьурлъи щвана активистазул къокъаялъулазе. Росабалъ гIумру гьабун ругел фермерал руссана тIапало гIезабиялде. Гьез гӀезабула батӀи-батӀиял сортал ва гьеб хӀалтӀизабулеб, гьелъул ханжу гьабулеб щуго заводги буго гьениб.

 

ПатIимат МухIаммадова

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...