Аслияб гьумералде

КIодолъи гьабурав гIодовегIанлъула

КIодолъи гьабурав гIодовегIанлъула

Аллагьасул Расулас ﷺ ратIлилъ бугониги кванилъ батаниги, цогидазулалдаса лъикIаб жиндиего тIаса бищулароан, асхIабзабазде щвараб захIмалъи, хинлъи-цIорой, ракъи гьесги ﷺ хIехьолаан цадахъ.

 

«Мавагьиб» абураб тIехьалда ибну Бухайрадаса бачIараб хIадисалда буго: «Цо нухалъ Аварагасде ﷺ щун букIана кутакаб ракъи. Цинги гьес ﷺ чехь кквезелъун (цIакъго ракъи халлъичIого букIине) гьелда къоно бухьана. Цинги абуна: «Гьадин гурищ нилъер напс, гIемериселъ кванилъ, ратIлилъ, рахIатазулъ лазатги босун, (хадуб) ахираталда ракъигун къеч хIехьезе ккун захIмалъиялде ккезе бугеб? Гьелъ гурищ, жиндир напсалъе (гьелъул гьаваялда ва дунялалъул берцинлъабазда нахъги вилълъун) кIодолъи гьабурав, гьелъго (напсалъ) гIодовегIан гьавуравлъун (ахираталда) вукIине вугев (Аллагьасул ﷻ рахIматги щвечIого)? Жиндир напс (захIматлъабиги раччун, дагьаб бугониги Аллагьас ﷻ кьуралде гIейги гьабун) гIодобегIан гьабурав гурищ вукIине вугев (ахираталда, абадияб талихIги щун, Алжаналда кверщелги батун) тIадегIанавлъун».

Абу Гьурайратица бицун буго: «Цо нухалъ дун лъугьана Аварагасул ﷺ рокъове. Дида Авараг ﷺ ватана гIодовги чIун как балев. Дица гьесда ﷺ цIехана: «Щиб дуе ккараб?» - абун. Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Ракъи», - абун. Цинги дун гIодизе лъугьана. Аварагас ﷺ абуна: «ГIодуге, (Къиямасеб къоялъ) ракъиялъул захIмалъи тIаде щоларо гьаб дунялалда вакъулесде, бихьаралда гьев разиявлъун вугони», - абун.

Имам Муслимица рехсон буго Абу Гьурайратидасан бачIараб хIадис: «Цо нухалъ Аллагьасул Расул ﷺ рокъоса къватIиве вачIана гIуж гуреб мехалда. Гьединаб заманалда Аварагасухъе ﷺ щивго вачIунароан. Абу-Бакар вихьидал, Аварагас ﷺ цIехана: «Гьаб заманалда мун къватӀиве вахъине ккараб жо щиб, я Абубакар?» - абун. Гьес жаваб гьабуна: «Дун къватӀиве вахъана Аллагьасул Расулгун ﷺ дандчӀвазе бокьун, гьесул гьайбатаб гьурмахъ балагьизе гIишкъугун ва гьесие ﷺ салам кьезе», - абун.

Гьелдаса гIемер заман инчIо, аскIове вачIана ГIумар-асхIаб. Аварагас ﷺ гьесдаги цIехана: «Гьаб заманалда мун къватӀиве вахъине ккараб жо щиб, я ГIумар?» - абун. «Ракъи, я Аллагьасул Расул ﷺ» - абун жаваб гьабуна ГIумарица. Аварагас ﷺ абуна: «Дидаги гьединабго хIал буго», - ян. (Аварагас ﷺ гьедин абуна, гьел гIодоре риччазе рукIине ва гьезулгун ракъи жинцагоги гIахьал гьабулеб букIин бихьизабизе). Цинги цадахъ гьел ана Абул Гьайсамихъе. 

Гьев вукIана ансариязул цояв, гьесул рукIана чамасдакалъул гIемерал гъутIби, гIи. Гьев рокъов ватичIо. Гьалбадерица гьесул чIужуялда цIехана рос кив вугевин абун. Гьелъ абуна жидее лъим цIезе анин. Дагьаб заманалдаса Абул Гьайсам, лъел рагIгун, вачIана. Лъим жаниб букIараб рагIги гӀодоб лъун, гьев Аварагасда ﷺ аскӀове вачӀана ва гьесда ﷺ хурхана (гьесул ﷺ баракат щвезелъун, жиндир тIубараб кереналдалъун Аллагьасул Расуласул къаркъалаялдаги цун). Цинги лъугьана гаргадизе Аллагьасул Расуласе ﷺ гIоло жиндир бугеб бищун къиматаб Къурбан гьабизе хIадур вугин абун. Хадур гьел къватIире рахъана Абул Гьайсамил ахикьехун ралагьун.

Абул Гьайсамица гьезие гIодоб тIамуна халича ва живго ахикье ана. Цинги вачIана чамасдак тIад бугеб гIаркьелги босун (гьелда букIана барщарабги барщун бахъинчIебги тIагIам) ва гьеб лъуна гьалбадерида цебе. Аварагас ﷺ гьесда цIехана: «Дуца нижее барщараб гIатIгояб тIаса бищичIищ?» - абун. Абул Гьайсамица абуна: «Я Аллагьасул Расул ﷺ, дица нужее тIуна хьоп, нужецаго бокьараб тIаса бищизелъун ва тIад лъимги гьекъезе», - ян. Гьеб мехалъ Аварагас ﷺ абуна: «Дир напс кодоб бугев АллагьасхIаги, гьаб кинабго буго Къиямасеб къоялъ нужеда кIалгьикъи гьабизе бугел нигӀматаздасан: гьогьомараб рагIдукь бакI, барщараб чамасдак, цIорораб лъим», - абун.

Гьединав вукIана Аллагьасул Расул ﷺ, кинаб хIалалъулъ ругониги ахир Къиямасеб къоялъ букIине бугелъул пикруги гьабулев, лазат босун дунялалъул нигIматазул халги гьабуларев. Аллагьас ﷻ гьесул ﷺ баракат-шапагIаталдаса махIрум гьаругеги нилъ! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...