Аслияб гьумералде

Хассаб гьунар кьурал

Хассаб гьунар кьурал

Хассаб гьунар кьурал

ХIилла гIемерай гIаданалъ шайтIаналда абун буго: «Пуланав вукъарухъанасул хъизан биххизабизе кIолищ дуда?» - ян.

 

«ГьебгIан бигьаяб жо гьечIо», - ян жавабги кьун, шайтIаналъ байбихьун буго гьев чиясул рекIелъе васвасал рехизе: «Мун хIалтIуда вугебгIан заманалда дур чIужуялъухъе вокьулев вачIунин. Гьелъ дуе хиянат гьабулин», -абун. Амма вукъарухъанас, цIакъ диналда тIадчIарав чи вукIиналъ, гьел пикрабазде щибго кIвар кьоларо. Гьесие лъадиги йокьулаан ва гьелда щакдарулароан. ГIемераб мех иналде, шайтIан мукIурлъула жибго къеялъе. «Досул къвакIараб иман буго, дида щибго гьабизе кIолеб гьечIо», - ян абула гьелъ. ЧIужугIаданалъ абула: «Кин гьабизе кколебали дица бихьизабилин», - абун.

Гьей уна вукъарухъанасухъе ва абула: «Дие кумек гьабиларищ дуца цо берцинаб ххам тIаса бищизе? Рукъалда йигей ясалъухъ рокьиги ккун, дир вас гIантлъун вуго. Гьелъие сайгъат гьабизе бокьун бугинги абун, берцинаб ххам тIаса бищизе йитIана дун», - ян. Гьимизеги гьимун, вукъарухъанас ххамил кесек къотIун кьола гьелъухъе. Хадубги ячIана гьей вукъарухъанасухъе, как базе йиччаларищинги абун. Жиндие квешлъиялъе ургъарай гIадан вукъарухъанасул чIужуялъ жание йиччана. Бихьиларедухъ, гьелъ доб ххам гьелъул кьижулеб рокъобе ккезабула. Къаси рокъове вачIарав росасда бихьула доб ххам. Гъой гIаданалъ абурабги ракIалде щун, ццидаца гьалаглъарав вукъарухъанас гьебсагIат чIужуялда цIар тIамула.

Цинги гьей гIаданалъ шайтIаналда абула: «Бихьанищ бигьаго гьабураб куц?» - ян. Гьениб шайтIаналдацин абизе рагIи батуларо. Гьанже гъой гIаданалъ абула: «КIолищ дуда гьел рекъезаризе?» - ян. ШайтIаналъ абула кIоларин. Цинги гьей гIадан уна вукъарухъанасухъе ва абула: «Дие додинабго ххам хIажат буго. Гьаниса унаго дун цо рокъое лъугьана как базелъун. Гьениб кIочон хутIун буго ххамги. Гьеб рукъалъул бетIергьан лъикIай гIадан йигоан ва гьанже дун нечолей йиго гьелъухъе ине, ххам нахъе кьейин абизе», - ян. Гьеб калам рагIидал бетIер ккола вукъарухъанас ва йигелъуй гьейги тун, гIодилаго векерун уна рокъове.

Аллагьас чIужугIаданалъе кьун буго хасаб гьунар. Гьелда кIола жиндирго гIакълу хIиллаяб къагIидаялъ хIалтIизабизе. Цо лъикIай гIадан азарго бихьинчиясдаса лъикIай йигин абиги бугелъул, рекъараб буго гьеб гIакълу лъикIлъиялъе хIалтIизабизе. Хасго росасул ццим бахъунеб калам гьабичIого тезе. ГIакъилай лъадуца рос рази гьавизе хIаракат бахъула.

Умму Саламатидасан бицараб Аварагасул хIадисалда буго: «ЧIужугIаданалъул рухI босани, гьелъул рос гьелдаса рази вукIаго, гьей Алжаналде лъугьина», - ян (Ат-Тирмизи). Гьединлъидал, нилъее рахIматлъун кьураб нигIматазул хан, ай гIакълу хIалтIизабизе ккола Аллагь разилъи тIалаб гьабиялъул нухда.

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...