Аслияб гьумералде

Руччабазда хурхарал суалал

Руччабазда хурхарал суалал

Руччабазда хурхарал суалал

ХIайизалда йигей гIаданалъ зикру бачине бегьулищ?

 

- ХIайизалъул заманалда, Къуръан цIали тун, хутIарабщинаб, бокьараб зикру бачине, вирдал гьаризе, салават битIизе, азкарал цIализе бегьула. Гьединго бегьула жиделъ дугIаялъул магIна бугел аятал цIализеги, амма Къуръан цIалиялъул нияталда гуреб, цохIо дугIа хIисабалда.

 

- ХIайизалъул заманалда какие яги черх чуризе бегьулищ?

- Гьединал къояз хIадас борхиялъул нияталда какие чуризе бегьуларо, гьеб рикIкIинеги рикIкIунаро. Бегьулареблъиги лъалаго, какие чури яги хIайиз лъугIичIеблъиги лъалаго паризаяб черх чури гьабуни, чIужугIадан мунагьалде ккола.

Амма рацIцIалъи цIуниялъе гIоло чвердезе бегьула. Гьединго рузман къоялъул, хIеж-гIумра бухьиналъул, гIидалъул къоязул суннатаб черх чуриги гьукъун гьечIо. Гьогьомизе яги рацIцIалъиялъе гIоло какие чуриялъул лугбал чуриги нахъчIван гьечIо.

 

- Как баларого ругел къояз чIужугIадан мажгиталде дарс босизе ине бегьулищ?

- ХIайизалда йикIаго, чIужу-гIаданалъе мажгиталде ине ва гьений чIезе хIарамаб буго, чорок гьабиялда хIинкъи батичIонигицин. ЧаракъотIараб хIалалде ккани, цо нуцIихъан жаниеги ун, цогидаб, дандбитIараб нуцIихъан къватIие лъугьизе рес бугони, чорок гьабиялда хIинкъиги батичIони, мажгит къотIун ине изну буго, гьений лъалхъичIого.

Нагагь мажгиталъуб дарс лъезе бихьизабураб батIатIураб класс батани, гьение лъугьине бегьула. Какие чуризе, хьитал рахъизе бихьизабураб бакIалде ячIинеги бегьула.

 

- ЧIужугIаданалда кидал тIадаб букIунеб, хIайизалъул заманалда хутIарал какал рецIизе?

- ХIайизалда йикIаго как базе бегьуларо ва гьел какал рецIизе хIарамабцин буго. Амма руго цо-цо масъалаби, как бецIи тIад гьабулелги. Гьел лъачIого бегьуларо.

  1. ЯцIцIад йикIаго как ахIани, цохIо парзалги тIуран какие чуризе ва гьеб как базе гIолебгIанасеб заманги ун батани, яцIцIалъараб мехалъ гьеб бецIизе тIалъула. Гьелдаса дагьаб заман ун букIун батани, бецIизе хIарамлъула.
  2. Какил заман лъугIулеб мехалъ яцIцIалъани, хIатта как бухьиналъул «Аллагьу акбар» абизе гIолебгIанасеб заманцин хутIун букIун батани, гьебги бецIизе ккола.
  3. Бакъанил какил заманалда яцIцIалъаралъ къаде какги бецIизе ккола. Гьединго боголида яцIцIалъаралъ маркIачIул какги бецIила, гьел сапаралда дандекъан разе бегьулел какал рукIиналъ.

 

- Операция гьабун больницаялда йигей яги унтун яхъине кIоларей гIаданалъ паризаяб черх чури кин гьабилеб?

- Гьелъ таяммум гьабизе ккола.

 

- ХIайизалда йикIаго ретIун букIараб ретIел, яцIцIалъун хадуб, чуричIого ретIизе бегьулищ?

- Нажас бахун батичIони, чуричIониги ретIизе бегьула.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...