Аслияб гьумералде

Алжаналда рукIунел хIурулгIинзаби

Алжаналда рукIунел хIурулгIинзаби

Руччабазул гӀемер гьикъулеб суал буго Алжаналда рукIунел хIурулгIинзабазул хӀа-къалъулъ. ГӀемерисезе бокьуларо росас цоги лъади ячине, ахираталда гьесие щвезе рес бугей хIурулгIин гьей ятанигицин. Кинниги Аллагь гIадилав вуго.

 

РитӀухъаб гӀумру гьабурал, БетIергьан разияб хIалалъ хьвадарал бусурбанал руччаби, Алжаналде лъугьине ихтияр щведал, гьел рукIине руго бищун гьайбатаб, бицине хIалкIолареб гIажаибаб сипаталда. Алжаналдаго рижарал, щибго дунялалъул къварилъи-захIмалъи ва гIибадаталъул таклиф бихьичIел хIурул-гIинзаби бусурбабазул руччабазда кигIан гьитӀинаб къадаралъги дандекквезецин рес гьечIо. Аллагьасе мукIурай гIадан даражаялъул рахъалъги гIемерго тӀадегӀанлъиялда йикӀине йиго.

Алжан ккола щибго квешаб, рокьукъаб, рахIат хвезабулеб жо гьечӀеб бакӀ. Гьенире лъугьуна гӀицӀго квешал пикрабаздаса рухӀал рацӀцӀад гьарурал чагӀи. ЧIужугIаданалъеги гьениб щибго квалквал, ургъел букIине гьечIо, росасе хIурулгIинзаби щваниги. Гьелги Аллагьасул рахъалъан ругел кири-сайгъатал кколелъул.

Ахираталъул пикру гьабулеб мехалъ бусурбабаз жидеего кьезе кколеб аслияб суал буго Алжаналъул ахазда гьоркьоб абадияб гӀумруялъе кин мустахӀикълъизе кIолебин, абадияб талихӀалъул ва разилъиялъул гӀумру гьабизе мустахӀикъавлъун кин лъугьине рес бугебин абураб. Ургъел гьабуге, Алжаналъуре щведал хутIараб жо Аллагьас бищун лъикӀаб куцалда рекъезабила, ин шаа Ллагь.

 

Хадижат Хизриева

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...