Аслияб гьумералде

РакIал гвангъизарулел моцIал

РакIал гвангъизарулел моцIал

РакIал гвангъизарулел моцIал

МоцIрол канлъуца чIегIераб сордо гвангъизабулеб кинниги, мунагьаз чIегIер гьарурал ракIал гвангъизаризе тIаде щолел руго хириял моцIал. Нилъер кавуялда кIутIулеб бугеб Ражаб моцIалъе нуцIаги рагьун, рачIа ургъизе, кин гьелдаса пайда цIикIкIун босилеб бусурбанай чIужугIаданалъин абураб масъалаялда тIад.

 

ТIадегIанасе рецц, исанаги нилъее рес кьурав, Аллагьасул моцIилан цIар жинда тараб Ражабгун дандчIвазе. Жиндилъ гьабураб лъикIлъиялъухъ кири, мунагьалъухъ гIазаб цIикIкIунеб гьаб моцI гIадада биччазе бегьуларо.

  1. ТIоцебесеб иргаялда, нилъеца лъазабизе ккола Ражаб моцIалъул хиралъи, Аварагасул ﷺ гIумруялда кинал лъугьа-бахъинал рукIаралали. Лъималазе рухIанияб тарбия кьезе хIаракат бахъила. Киналго данде ракIарараб мехалъ яги кьижилалде цебе къисаби рицун, Аварагасул асхIабзабазул гIумру баян гьабун, гьездаса гIумруялъул мисалал росизе малъила.
  2. Ражабалъул тIоцебесеб рузман сордо, Аварагасул ﷺ эбел-эмен данделъарал, Лайлатул Рагъаиб ккола. Жеги гьеб моцIролъ буго МигIражалъул сордо, как жинда жаниб тIадаблъун гьабураб. Гьел хириял сардаз рокъоб хассаб гьава-бакъ гIуцIила. Лъималазе, росасе бокьулеб квен гьабун, гьел рохизарила. Гьел сардаз гьабураб гIибадат жеги хирияб буго. Рос рази гьави ва лъимал рохизари гIадаб кири цIикIкIарал гIамалал гьаризе щвараб рес борчIизе тоге. Бице гьезие гьел сардазул, какил хиралъиялъул, гьаре какалда хурхарал гьитIинал сайгъатал, какикьтIам, такъия, ясалъе как балаго ретIулеб гурде ва гь. ц.
  3. РецIизе хутIарал Рамазан моцIалъул кIалал рецIила. Ражабалъул суннатал ва рецIулел паризаял кIалазул кири щвела.
  4. РецIизе кIалал гьечIезе цIакъго хирияб буго суннатал кIалал кквезе. Амма росасул разилъи гьечIого кквезе хIарамаб буго. Гьев рикIкIад ватани яги гьесул разилъи лъалеб бугони, кквезе бегьула. МухIаррамалда хадуб, суннатал кIалал кквезе бищун хирияб буго Ражаб.
  5. Аварагас ﷺ абуна: «ЛъикIаб тIабигIаталда тIадчIей гьабе. Кидаго вуцIцIун чIун вукIа. Дир рухI кодосев АллагьасхIаги, гьездаса лъикIал гIамалал гьечIо» (ТIабарани). Рекъон ккела гьаб кIиябго жоялда даимлъи гьабизе лъагIалида жанир цо нухалъ нилъехъе щварал гьалбал - хириял моцIазул адаб гьабун. Гьереси-гъибаталдаса рикIкIалъила, мацIал гьари жибго тун, зикру-салават цIикIкIинабила. Лъил бугониги гIунгутIи рехсезе бокьараб мехалъ, юцIцIун чIун, нафсалда тIад хIалтIи гьабила. Берцинаб тIабигIат сундулъго загьир гьабила.
  6. Нагагь кIалбиччанкъоялде ремонтал гьаризе ракIалда батани, Рамазан моцI тIаде щвезегӀан нахъбахъиларо, гьеб гIибадаталъе биччазе букIине.
  7. Щибаб жо гьабулаго Аллагьасе гIолойин ният гьабила. Кваналаго, кьижулаго - гIибадаталъе къуват букIине, хIалтIуде унаго - хIалалаб ризкъи тIалаб гьабизе, рукъ бакIарулаго - Аварагас ﷺ иманалъул бащалъи бугин абураб рацIцIалъи цIунизе.
  8. ДугIа гIемер гьабила.

НигIмат щвараб мехалъ шукру гьаби цохIо кIалалъ букIунаро, гьеб нигIмат сундуе бихьизабун батаниги, гьелъие хIалтIизабиги шукру гьаби ккола. Аллагьасул гIорхъи гьечIеб рахIмуялдалъун нилъее кьурал гьал хириял моцIал гIадада риччазе рекъеларо.

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...