Аслияб гьумералде

Пихъал щоларо

Пихъал щоларо

Гьаб заманалда гIадамаз жигар бахъула зикруялдалъун, Къуръан цIали-ялдалъун, дугIа-ялдалъун ТIадегIанав Аллагьасулгун бухьен щула гьабизе. Нилъер хьулги гьелдалъун букIуна Аллагь рехсеялдалъун рекIее парахалъи щвеялда, нафс бацIцIад гьабиялда, жидерго БетIергьанасде жал гIагар гьариялда.

 

Амма кIудияв гIалим, имам Рабанияс гьелдалъун нилъее кIудияб, багьа тIокIаб насихIат гьабуна: «Зикруялъул пайда цо хасал шартIаздалъун гурони букIунаро», - ян.

Имам Рабанияс жиндирго машгьурал кагътазул цоялда хъвалеб буго зикруялъул пайда ва гьелъул рухIияб пихъ битIахъего бухьараб бугин шаргIалъул къагIидаби цIуниялда. Гьелъул магIнаги ккола гIицIго зикруялъул рагIаби цIаларал гIолареблъи. Зикруялъ унго-унгояб хIасил кьола битIарал ва лъикIал ишаздалъун гьеб тасдикъ гьабулеб мехалъ.

ТIоцебесеб иргаялда, муъминчияс хасаб кIвар кьезе ккола паризаял жал тIураялде ва Аварагасул ﷺ суннаталда тIадчIей гьабиялде. КIвар бугеб жо ккола гьел ракIбацIцIадго, кIвар кьун ва адаб-хIурматалда тIуразари. Бусурбанчиясул тIолабго рухIияб гIумруялъул кьучIлъун ккола тIадаб гIибадат.

Хасго имам Рабанияс тIадчIей гьабулеб букIана хIарамалдаса ва щаклъи бугебщинаб жоялдаса рикIкIад чIеялда. Мунагьаз битIахъего асар гьабула инсанасул рекIее. Гьоркьоса къотIичIого гьукъарал ишал гьарулел ругони яги щаклъи бугел жалазе кIвар кьолеб гьечIони, гьесул ракI дагь-дагьккун биццалъула.

Гьеб хIалалда зикруялъ кьезе кколеб пайда кьоларо. Инсанас гIемер бачине бегьула зикру ва гьебгун цадахъ рекIее щибго парахалъиги гьечIого

Аллагь ﷻ лъаялъул нухда хасаб бакI ккола рухIияв эмен, ай камилав шайих вукIиналъ. Гьединав насихIатчияс кумек гьабула инсанасе дин гIакълуялдалъун бичIчIизе гуребги, гIамал-хасияталдалъун ракI бацIцIадго гьабизеги. Гьесул нухмалъиялда гъоркь зикру чIаголъула, гъварилъи щола, инсанасул жанисеб хIалалъе тIубанго асар гьабизе байбихьула. Камилав шайих кквечIони, чанго соналъ зикру бачаниги, пихъал щвечIого хутIизеги рес буго.

Гьеб хIалалда, зикру ккола рагIаби аби гуребги, битIараб гIумруялъул къагIидаги, ракIбацIцIалъиги, рухIияб тарбияги къваригIунеб нух. ШаргIалъул тIадкъаял цIунизе, гьукъараб жоялдаса рикIкIалъизе ва хIалбихьи бугев шайихасул тарбиялде инсан лъугьиндал, гьесул Аллагь ﷻ рехсей мацIалъул гIадатлъун букIин гуребги рекIел хIаллъун лъугьуна.

 

Камил МухIамадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Камиллъарав авараг

Нилъее мисаллъун ва шаригIат малъизелъун Аллагьас ﷻ витIарав чи вуго хирияв МухIаммад авараг ﷺ. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул расуласда буго нужее, я муъминзаби, берцинаб нахърилълъин…». (Сура «ал-АхIзаб», аят 21).   Нужеца...


Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго...


ХIасил щиб ккараб?

АлахIамдулиллагь, щибаб рецц Аллагьасе ﷻ, ракI бохулеб, черхалъе гьайбатаб асар гьабулеблъун букIана риидалил гIодоркъоязда Къуръан цIализе, как базе, тIабигIат берцин гьабизе, дарсазде хьвадун, лъималаз мажгитал цIун рукIараб заман.   Лъимал руго нилъер берзул канлъаби, рухI кьунги гьезие...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


ХIалтIи лъикI букIине

Гьабулеб хIалтIи-пиша лъикI букIине (баракат) бокьарас тIадчIей гьабила щуго жоялда.   ХIалтIи сабаблъун Аллагьас ﷻ тIадкъарал жал нахърахъуге ва кIарчанлъиги гьабуге. Жиндир заманалда тIадкъарал жал тIурани, хайир батила. ХIалтIи сабаблъун Аллагьасул ﷻ махлукъат хIакъир гьабуге. Нилъер...