Аслияб гьумералде

Ахираталда бищунго халатав

Ахираталда бищунго халатав

Ахираталда бищунго халатав

Как ахIиялъул бугеб хиралъи гIадамазда лъалеб букIарабани, гьез гьеб  хвалчабаз яги можоро тIамун бахъилаан. Как ахIиялъул гьаракь рагIаралщинал гIадамазги, жиназги, гъутIбузги, ганчIазги Къиямасеб къоялъ как ахIарав чиясе нугIлъи гьабула.

 

Будунасул как ахIи рагIанщинаб жоялъ гьесул мунагьал чурагиян дугIаги гьабула, гьесул как ахIиялъе кинабго жоялъ жавабги гьабула, гьесда цадахъ как баразе щвараб гIадаб кириги гьесие щола. Как ахIулеб мехалъ шайтIан лъутула. Будунзаби Къиямасеб къоялъ бищун рорхатал гIадамаллъун рукIине руго. Гьел хабалъаги рахъуна как ахIулаго, Аллагьасе бищун рокьулездасанги гьел ккола. Щуябго как ахIулел чагIи Къиямасеб къоялъ мискалъул гохIазда тIад рукIуна. Къиямасеб къоялъ гьезие хIинкъиги букIунаро, гьел цIаялдасаги цIунула, Алжаналдеги лъугьуна, гьезие шагьидасул кириги щола.

Как ахIараб росу гьеб къоялъ гIаммаб балагьалдаса цIунула.

12 соналъ как ахIарав чиясе Алжан хIакълъула, щибаб къойил гьесие 60 лъикIлъиги хъвала. ГIалахалда какги ахIун как бани, гьесда хадур гIемерал малаикзабазги как бала.

 

Как ахIиялъул шартIал

Как ахIиялъул шартIал ккола, как ахIулев чи бусурманав, гIакъилав, бихьинав вукIин, какил рагIабиги рачIараб тартибалда аби, тIатIалаго ахIиги, жамагIаталъе ахIулеб бугони, жамагIаталъул цониги чиясда  гьеб рагIуледухъ ахIи.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...