КIудияб байрам
Къурбан хъвеялъул хIукму
ШафигIиясдаги, АхIмади-даги, Маликидаги аскIоб къурбан хъвей муаккадаб суннат ккола, ай кIвар кьун тIадчIей гьабизе кколеб суннат. АбухIанифада аскIоб - шагьаразда, росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамазда тIадаб буго. («РахIматул уммат»)
ШафигIиясда аскIоб къурбан хъвей паризаяблъун лъугьуна кIиго жоялдалъун. ТIоцебесеб, цо чияс абуни «Дица къурбан хъвезе назру гьабуна», - абун яги «Дица Аллагьасе ﷻ гIоло къурбан хъвезе тIаде босана», - ян абун. КIиабилеб, къурбаналъе хъвезе бегьулеб жиндирго хIайваналде ишараги гьабун яги гьебги бихьизабун, гьелъул бетIергьанас абуни «Гьаб дир къурбан буго» яги «Гьаб дица къурбаналъе хъвезе буго», - ян, гьеб хъвезе тIадаблъун лъугьуна. («Фикъгьул мангьажи»)
ШафигIиясул мазгьабалда рекъон, къурбан хъвезе хIалкIолев чиясе гьеб хъвечIого тезе карагьатаб буго. Къурбан хъвезе хIалкIолевлъун рикIкIуна къурбан къоялъги хадусел ташрикъалъул лъабабго къоялъги кваназе гIураб жоги, гьелда тIаде къурбаналъе хъвезе бегьулеб жо (чIегIерхIайван, гIиялъажо) босизе ресги бугев чи. Гьединав чиясе къурбан хъвезе суннатаб буго, хъвечIого тезе карагьатабги буго.
Къурбаналъе хъолезул сипатал
Къурбаналъе хъолеб хIайван букIине ккола гIайибаздаса бацIцIадаб. Лълъурдул гьечIеб яги лълъурдул рекараб хIайван къурбаналъе хъвезе бегьула, цо-цо цаби камурабги бегьула, киналго цаби камураб бегьуларо, цаби гьечIебго бижарабги бегьула. («ШархIул мангьаж»)
Канлъи загIипабги бегьула, гIин хъвалхьарабги бегьула, гIин бихъарабги бегьула - тIун гьечIони, гванзабги бегьула, цIуябги бегьула - гIемер къинлъараб батаниги, гIундул гьитIинабги бегьула, дагьабго унтарабги бегьула, дагьабго рекъабги бегьула, дагьабго хIалакъабги бегьула. Къинаб бегьуларо, цIакъго хIалакъабги бегьуларо, цIакъго унтараб, беццаб, рекъаб бегьуларо. («ШархIул мафруз»)
Масала, рекъаб бегьуларо, рехъадаса нахъе кколедухъ рекъдулеб батани яги лъикIаб харде сахал гьелдаса цере кколел ратани. Къурбаналъе хъолаго бох яги цоги лага бекани, гьебги бегьуларо, гIантлъарабги бегьуларо, цо бер беццабги бегьуларо, берал чваххулеб бегьула, мугьру чIвараб бегьула, къаси канлъи бихьулареб, къад бихьулебги бегьула, дагьаб бугониги гIин къотIараб, мацI къотIараб, гъвари къотIараб, рачIчI къотIараб бегьуларо. Гъвари гьечIого, рачIчI гьечIого, магъ гьечIого бижарабги бегьула. ГIин гьечIого бижараб бегьуларо. Лълъурдул рекарабги бегьула, рекун хадуб ракканиги, гьелъ гьан хвезабичIониги. Амма лълъурдул рекараб яги лълъурдул гьечIеб карагьатаб буго. АбухIанифатида аскIоб гIиналъул лъабил бутIаялдаса дагьаб къотIун батани, гьеб къурбаналъе хъвезе бегьула.
Абуюсуфица абуна бащдалдаса дагьаб гIин къотIарабги къурбаналъе бегьулилан. ШафигIиязеги имам Къази ХIусейницаги фатва кьолаан бащдалдаса дагьаб гIин къотIараб къурбаналъе хъвезе бегьулин абун. Щай абуни, сахал гIундул ругел жал щвезе захIмат бугелъул. («Бугъят»)
Лъабил бутIаялдаса дагьаб рачI къотIарабги бегьула, ХIанафиясда аскIоб - рекъабги бегьула. ГIин къотIичеб хIайван щвезе захIмалъулеб бугони, шафигIиязеги, ХIанафиясда нахърилълъун, лъабил бутIаялдаса дагьаб гIин къотIараб жо къурбаналъе хъвезе бегьула. Амма хIанафиязда нахъвилълъун къурбан хъолев чиясул ташрикъалъул къоязул ахирисеб къоялъ гьединаб, ай дагьаб гIин къотIараб хIайван къурбаналъе хъвезе бегьуларо, гьелдаса цересел къояз бегьула.
Къурбан хъвеялъе бихьизабураб гIуж
Къурбан хъвеялъул гIуж байбихьула гIидалъул къоялъ радал, бакъги баккун, къокъабго кIиго ракагIатги бан, къокъабго кIиго хутIба цIализегIанасеб заман арабго. Гьеб гIуж халат бахъуна гIидалъулги гьелда хадусел ташрикъалъул лъабалго къоязулги ахирисеб къоялъул бакъ тIерхьинегIан.
Къурбан хъолев чияс цIализе суннатаб «такбир»
«Аллагьу Акбар, Аллагьу Акбар, Аллагьу Акбар ва лиллагьил хIамду. Бисмиллагьи ррахIмани ррахIим. Инна ссалати ва нусуки ва махIяя ва мамати лиллагьи раббил гIаламина, ла шарика лагьу ва бизалика умирту ва ана минал муслимина». Цинги ссалат битIила.
«Аллагьу Акбар, Аллагьу Акбар, Аллагьу Акбар. Аллагьумма гьаза минка ва илайка фатакъаббал минни». Гьаб буго цIализе хирияб ва суннатаб жо. Амма «Бисмиллагьи. Аллагьу Акбар» абун таниги, гьелдалъун суннат тIубала.
Суннатаб къурбаналъе гьабизе кколеб жо
Суннатаб къурбаналъе хIайван хъурав чияс гьелъул гьан кваназе бегьула, хIатта суннатабцин буго. Къурбаналъул гьан капурчиясе кьезеги гьесда кваназабизеги хIарамлъула.
Бечедал бусурбабазда кваназабизе бегьула, амма гьел бетIергьабилъун рахъинаризе бегьуларо (масала, гьезие чIобого кьун). Бечедалин абула жидее закат кьезе хIарамлъулел гIадамазда. Сайгъат хIисабалда бечедазе къурбаналъул гьан битIизе бегьула. Къурбан хъурав чияс къурбаналъул гьан, рокъоб течIого, бикьизеги суннатаб буго. Бищунго хирияб буго, баракаталъе цо чанго лукъмаги кванан, хутIараб мискинзабазе кьезе. Гьел лукъмабиги тIулалдаса кваназе хирияб буго. Аллагьасул ﷻ Расуласги ﷺ гьедин гьабуна.
Гьелдаса хадусеб хиралъи буго, гьелъул цо лъабил бутIа рокъобги тун, цоги лъабил бутIа мискинзабазе садакъа гьабизе, цоги лъабил бутIа – сайгъат гьабизе. КьучIаб рагIиялда бан, дагьабниги жо гьелдаса мискинзабазе гIатIгояб гьаналъул кьезеги гьел бетIергьабилъун рахъинаризеги тIадаб буго. ТIом, тIул, бакьал, хъвата, рачIчI, тIатIи гIадаб жо кьеялъ гIей гьабуларо. Мискинасе кьолеб бутIа гьесухъе рокъобе битIун тарабги гIоларо, «Дица мун гьалъул бетIергьанлъун гьавуна», - ян абизе ккола. («Мавгьибату зул фазли»)
Мискинчиясе гIатIгояб гьанал бутIаго кьечIого, къурбан хъурав чияс кинабго кванани, гьесда мискинзабазе кьезе кколеб гьанал къадар гьезие бецIизе тIадаб буго. Къурбаналъул нахъе хутIараб гьан нахъе цIунизеги бакъвазабизеги бегьула. Суннатаб къурбанги, паризаябго гIадин, хъураб росулъа яги шагьаралдаса цоги бакIалде къватIибе босизе бегьуларо.
Къурбаналъе хъураб жоялъул гьан, тIом яги щибниги жо гIарцухъ бичизе хIарамлъула, мунпагIат босизелъун тIом жиндиего тезе бегьула, садакъаялъе кьезеги бегьула. ХIайван хъурав чиясе мухь хIисабалда тIом кьезе хIарамлъула.
Назру гьабун тIалъараб къурбан
Къурбан хъолеб гIуж щведал, нахъбахъичIого хъвезеги ккола. Къурбаналъе тIалъараб хIайван хъураб мехалъ, кинабго садакъаде мискинзабазе кьезеги тIалъула. Гьелдаса щибниги жо жинцаго кваназе хIарамлъула, жинца хьихьизе тIадал гIадамазе кваназе кьезеги хIарамлъула. ТIадаб къурбаналъул щибниги жо кванани, кванараб жоялъул къимат мискинзабазе бецIизеги тIалъула. («Аль-фикъгьул ислам ва адиллатугь»)
Къурбаналъе хъвезе бищун хириял
Къурбаналъе хъвезе бищун хирияб хIайван варани буго, цинги – чIегIерхIайван, цинги – гIиялъажо, цинги – цIелжо, цинги вараниялъул анкьил бутIаялда, цинги чIегIерхIайваналъул анкьил бутIаялда гIахьаллъи гьаби хирияб буго. Вараниялъул яги чIегIерхIайваналъул анкьил бутIаялда гIахьаллъиялдаса цо гIиялъажо хъвезе хирияб буго. («Бугъят»)