Аслияб гьумералде

Нухда гIансалъун ккве

Нухда гIансалъун ккве

 

ДугIа буго муъминчиясул ярагъ. РакI-ракIалъ гьарун дугIа гьабулелъул лагъ вукIуна Аллагьасде ﷻ гIагарлъаравлъун, гьесул рахIмат щвеялде цIикIкIун хьул бугевлъун, гьеб хIалалъ гьаридал Аллагьасги ﷻ жаваб гьабула ва жаваб гьабичIого чIового гьев нахъчIвазе БетIергьанасги ﷻ къабул гьабуларо. «Жинда гьарун лагъас кверал рорхидал гьел чIорого нахъруссинаризе Аллагь ﷻ нечола», - ян буго хIадисалдаги. (АхIмад)

 

«Нужеца Диде ахIи бай, Дица жаваб гьабила…», - абун буго хирияб Къуръаналда (суратул «Гъафир»). Гьадин абулев БетIергьанги ﷻ вукIаго Гьесда гьарунгутIи ахIмакъасул хасият букIина. Жеги, гьеб дугIа гурони цоги гIамал гьечIо хIукму хисизабизе кIолеблъунги. Аварагас ﷺ абун буго: «Гьабураб мунагь сабаблъун чиясдаса ине рес буго кинаб бугониги ризкъи, нигIмат. ТIадегIанас букIине бугин къадар гьабураб чIезабизе кIолеб цонигияб гьечIо дугIа гурони. ГIумру халат (баракатаб, рохалилаб) гьабизе кIолеблъунги цонигияб гьечIо (чиясул рахъалдаса БетIергьанасдехун бугеб) шукру гьаби гурони», - ян (ибну Мажагь).

ДугIабиги руго батIи-батIиял сабабазе хIалтIизарулел. Гьединаздаса ккола пашманлъигун къварилъаби гIадал захIмалъаби тIаса рорхиялъе бугеб. Аварагас ﷺ абунин ГIабдуллагь ибну МасгIудидаса бицана: «Цониги бусурбанчиясде щвечIо ургъел, пашманлъи рекIел рахIат хвезабулеб ва гьес: «Я Аллагь ﷻ, дун вуго Дур гIабд, Дур гIабдазулги вас, дир гIумру Дур кодоб буго, дилъ билълъунеб буго Дур хIукму-къадарги, Дуе ругел Дуца Дурго напсалда тарал Дурго тIахьазулъ рещтIарал Дурго халкъалъул цонигиязда малъарал яги балъгоял гIаламазул Дуца Дуего тIаса рищарал цIараздалъун дица гьарулеб буго Хирияб Къуръан Дуца дие рекIел гьалмагълъун, ургъел-пашманлъи рекIел рахIат хвезабулеб, инабулеблъун гьабе», - ян абуралдалъун гьарун, гьесул гьеб хIал тIаса ун гурого ва гьеб хисун тIаде рохел бачIун гурого», - ян.

Гьарараб кьеялъе. Гьебги ккола ТIабаранияс «Ал-АвсатI» абураб тIехьалда рехсараб. Гьениб хъвалеб буго аварагас ﷺ абунин, цониги чи гьечIин гьал рагIабаздалъун Аллагьасда ﷻ гьарун, БетIергьанас ﷻ гьесие гьарараб кьун гурониян. Гьелги ккола: «Аллагьу ла илагьа илла Ллагь ва Ллагьу акбар, ла илагьа илла Ллагьу вахIдагьу ла шарика лагьу лагьул мулку ва лагьул хIамду ва гьува гIала кулли шайъин къадир, ла илагьа илла Ллагь ва ла хIавла ва ла къуввата илла би Ллагь».

Нагагьаб балагь-къварилъиялдаса цIунизе. Цо чи вачIуна Абу-Дардаихъе ва абула дур рукъ бухIулеб бугин. Жаваб гьабун гьес абула: «Гьеб иш лъугьине биччалевлъун Аллагь ﷻ вукIинароан, дун вукIаравани Бичасул расуласдаса ﷺ рагIарал рагIаби абуравлъун», - абун. Гьес ﷺ абуна: «Щив чи вугониги гьел рагIаби радал абун, гьесде къасимех щвезегIан балагь-къварилъи щвеларо. Къоялъул ахиралда гьел рагIаби абурасдеги рогьинегIан щвеларо», - ян. Гьел рагIабиги ккола: «Я Аллагь! Мун вуго дир БетIергьан. Лагълъи гьабизе кколевги Мун гурони гьечIо. Дуде гьабула дица киналъулъго тавакал. Мун вуго кIудияб ГIаршалъул БетIергьан. Дуе бокьараб буголъана, бокьичIеб буголъичIо. ХIавлу-къуватги гьечIо ТIадегIанав КIудияв Аллагьасдалъун гурони. Дуда лъай, Аллагь ﷻ киналдего хIалкIвей бугев вуго, лъаялъул рахъалъ Гьев кинабниги жоялда хадув гIунтIарав вуго. Я Аллагь! Дица Дудалъун цIуни гьабула дир напсалъул ва кинабниги хIайваналъул квешлъиялдаса, Мун вуго киналъего кколеб хIакъ босулев.

Дир БетIергьан ﷻ битIараб нух бихьизабулев вуго», - ян абураб.

Иман цIунизе ва рухI бахъиялъулъ ритIун ккезе. «Кунузул аман мин фитани з-заман» абураб тIехьалда рехсолеб буго КъутIбул ХIададидасан бицун. «Астагъфиру Ллагьа ллази ла илагьа илла гьувал хIаюл къаюму ллази ла ямуту ва атубу илайгьи рабигъфирлии» абурал рагIаби маркIачIул какалда хадур рехсолев чи иманалда хвелин абун. «Хазинатул асрар» абураб тIехьалда бугин абун хадубги рехсолеб буго: «Аварагас ﷺ абуна: «Щив чи вугониги жинца «Къул гьува Ллагьу ахIад» жиндилъ хвезе вугеб унтулъ цIаларав, гьесие хабалъ питна гьабиларо, хоб данде къаялдасаги божаравлъун вукIина, Къиямасеб къоялъ малаикзабазги гьев сиратIалдаса вахун Алжаналде щвезегIан жидер куркьабузда ваччила», - абун. Хвалил унтулъ вукIаго лъабго нухалъ къулгьу цIаларав шагьидлъун хвелин абун буго цогидаб хIадисалдаги. Гьеб хIадисалъе баян гьабулеб бакIалда гIалимзабаз хъвалеб буго, гьев вукIинин жиндие хабалъ кIалгьикъи гьабуларел шагьидзабаздаса абун.

Хвалил захIмалъаби. Къиямасеб къоялъул руго аза-азар хIинкъаби. Гьелъул бищун бигьаябги хвалил кьогIлъи буго. Хвелалъеги 99 нухалъ кIотун ккей ва азарго хвалчадул кьаби буго. Гьел хIинкъалабаздаса хвасарлъизе бокьарав чи ватани, гьес щибаб какда хадуб анцIго калима абе. Гьел щал калимабиян асхIабзабаз цIехедал, аварагас ﷺ жаваб гьабуна: «Дунял-ахираталъулъ дандчIвалел киналниги хIинкъиязда данде (абизелъун) дица бихьизабула – Ла илагьа илла Ллагь, къварилъигун рахIатхвеязде – Ма шаа Ллагь, нигIматазе (шукрулъун) – алхIамдулиЛлагь, захIмалъабигун гьарзалъабазулъ – аш-шукру лиЛлагь, гIажаиблъизарулел жалазе – субхIаналлагь, мунагьазе (тавбулъун) – астагъфируЛлагь, тIаде рачIарал балагьазе – инна лиЛлагьи ва инна илайгьи ражигIун, захIматал хIалазулъ – хIасбия Ллагь, хIукму-къадаразулъ – таваккалту гIала Ллагь, тIагIаталгун гIасилъабазулъ – ла хIавла ва ла къуввата илла би Ллагь абурал калимаби», - ин.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги щивасе, кинал хIалазде кканиги Гьев ﷻ разилъулел гIамалазда чIезе тавпикъги гьабеги! Амин!

 

АхIмад Къурбанов

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...