Аслияб гьумералде

Лъие дугIа гьабулеб?

Лъие дугIа гьабулеб?

Малаикзаби ккола ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ мунагь гьечIел рацIцIадал махлукъатал. Гьел руго нуралдаса рижарал, я кваналарел, я гьекъоларел, я кьижуларел, шагьват гьечIел, киданиги Аллагьасул ﷻ амру хвезабуларел, щибго ишкал гьечIого жидее гIоло рижарал жал тIуразарулел.

 

Гьел рукIуна кидаго гIибадаталда, Аллагьасул ﷻ тIадкъай тIубазабун, Гьев ﷻ рехсон. Гьез цIун руго зобал ва ракьал, гьезул рикIкIенги Аллагьасда ﷻ гурони лъаларо.

Аллагьасул ﷻ изнуялдалъун, Къиямасеб къоялъ, жидедаса БетIергьан ﷻ рази вугел муъминзабазе гьез нугIлъиги гьабула. Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Гьез (малаикзабаз) шапагIат гьабуларо жидедаса (Аллагь) разиязе гурони…», - абун (суратул «Анбияъ» 28 аят). Гьелъ, Аллагьасул ﷻ амруялдалъун малаикзабазда кIола муъминзабазе гIибадат гьабиялъулъ тавпикъ ва кумекгун дугIа гьабизе. Гьебги кIудияб нигIмат буго муъминчиясе, гьезул дугIаги Аллагьас ﷻ къабул гьабулеблъун бугелъул.

 

Малаикзабаз кидал дугIа гьабулеб муъминчиясе?

Малаикзабаз муъминчиясе дугIа гьабула гьев как базелъун тIоцебесеб мухъилъ чIедал. Бараъ ибн ГIазибидасан бицун буго, мажгиталде ракIарарал асхIабзабазда гьоркьоса Аллагьасул Расул ﷺ цояб рагIалдаса цогидаб рагIалде щвезегIан унаанин, гьезул гъажалдагун каранда кверги лъун ва абулаанин: «Нужеца (какилъ) кьерал рикь-рикьизе риччаге, риччани нужер ракIалги рикь-рикьула, хIакълъунго, Аллагьасгун ﷻ малаикзабаз салават битIула тIоцебесеб кьерда чIаразе», - абун (АхIмад, ибну ХIиббан).

Как бан лъугIидал муъминчи мажгиталда вугебгIан мехалъ. Абу Гьурайратидасан бицун буго Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Малаикзабаз нужер бокьарав чиясде салават битIула, гьев как бараб бакIалда гIодов чIун вугебгIан заманалъ ва гьесул какичури биххизегIан малаикзабаз абула: «Я Аллагь ﷻ, гьасул мунагь чуре, я Аллагь ﷻ гьасда гурхIа», - ян абун (Бухари, Муслим).

Унтарасде ваккизе индал. ГIали-асхIабас бицун буго жинда рагIанин Аварагас ﷺ абулеб: «Радал унтарасухъе ваккизе арав бусурбанчиясде къасимех щвезегIан лъабкъоялда анцIазарго малаикас салават битIула (лъикIалдалъун дугIа гьабун Аллагьасде ﷻ гьардон), къаси заманалда ваккизе ани, рогьинегIан гьебго къадаралъул малаикзабаз салават битIула. Алжаналдаги гьев чиясе нигIматал данде гьарун рукIуна», - ян (Абу Давуд, Тирмизи).

ЛъикIаб жо гIадамазда малъулебгIан заманалда. Абу Умама ал-Бахилиясдасан бицун буго, Аварагас ﷺ абунин: «Аллагьасги ﷻ Гьесул малаикзабазги, зоб-ракьалъул агьлуялъги, хIатта картIиниб бугеб цIунцIраялъги, ралъдалъ бугеб хIутIалъги салават битIулеб букIуна гIадамазда лъикIаб жо малъулев чиясде», - ян (Тирмизи).

Диналъул вацасухъе гьоболлъухъе щведал. Аварагас ﷺ абун буго: «Пуланаб къоялъ цояв ун вуго цоги росулъ гIумру гьабун вугев жиндирго вацасухъе гьоболлъухъ. Гьеб заманалда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ малаикасде амру гьабун буго гьев унеб нухде, гьесухъ балагьун чIезе айилан. Гьев чи аскIове щведал, малаикас гьикъун буго: «Мун киве унев вугев?» - абун. Гьес жаваб кьола: «Дие бокьун буго гьаб росулъ гIумру гьабун вугев вацасухъе щвезе», - ян. Малаикас нахъеги цIехола: «Дуца гьесие кинаб бугониги лъикIлъи гьабураб къагIида, гьанже дуеги гьелдаса пайда босизе бокьун батила?» - абун. Гьес жаваб гьабула: «Щибго мурад гьечIо, кинниги дие гьев Аллагьасе гIоло вокьула (гьелъ унев вуго гьесухъе щвезе)», - абун. Цинги малаикас абула: «Дун вуго духъе БетIергьанас ﷻ витIарав расул, дудаги абизе Аллагьасе ﷻ гIололъун гьев чи дуе вокьарав кинниги Жиндиеги ﷻ мун вокьанин бицине», - абун (Муслим).

Диналъул вацасе, гьев гьечIеб бакIалда дугIа гьабулелъул. Абу Дардаица бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «Диналъул вац гьечIеб бакIалда гьесие гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабула. Гьесул бетIералда аскIовги вуго малаик, щибаб нухалъ гьес вацасе лъикIалдалъун дугIа гьабунщинахъе «Амин» ва «гьелдаго релълъараб дуеги» абун данде гьаризе вакил гьавун тарав», - ян (Муслим).

Какичуриялда кьижидал. ГIабдуллагь ибну ГIумаридаса бицараб хIадисалда буго: «Какичуриялда кьижарав чиясул ратIлилъ малаикас сордо рогьуна. Гьев макьидаса вигьанщинахъе, малаикас абула: «Я Аллагь ﷻ! Дур пуланав лагъасул мунагь чуре, гьев кьижизе вахана какичуриялда», - абун (ибну ХIиббан).

ТIадехун рехсарал хIадисазул цо-цоялда абулеб буго малаикзабаз салават битIулин абун ва гьелъул магIнаги ккола, малаикзабаз муъминчиясе дугIа гьабулин абураб. Щайин абуни, малаикзабаз чиясде салават битIи буго гьесие лъикIаб гьарун, Аллагьасде ﷻ гьел руссин. Аллагьас ﷻ Жинцаго битIиги буго рахIму-цIоб, баракат гьесде цIикIкIинаби. Гьебги кIудияб нигIмат буго. Аллагьас ﷻ цIикIкIинабеги нилъеде битIулеб салават ва дугIа! Амин!

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...