Аслияб гьумералде

Ихлас - гIамалазул хан

Ихлас - гIамалазул хан

ТIадегIанав Аллагьас рижана квешалги лъикIалги гIамалал. Амма квешабги лъикIабги тIаса бищизе ихтияр инсанасухъе кьуна. Гьес тIаса бищарабги ЛавхIул МахIфузалда Жиндир хIикматалдалъун цебеккунго хъвараб букIана.

 

ЛъикIал гIамалал гьарун – хвасарлъи-гурхIел, квешал гIамалал гьарун - къосун ккей, ццим бахъин бижана БетIергьан Аллагьас инсанасе. ЛъикIабги квешабги кинабго хъвараб даптар - динул Исламги рещтIана нилъее. Гьеб кинабго гIамалалде босун мисал бихьизабизеги, нилъехъе щвезабизеги хирияв авараг МухIаммад ﷺ кьуна нилъее рахIматалъе. Гьесул умматлъун нилъ рижигун цадахъ, хирияб Исламги сайгъатлъун кьун, талихI бугеллъун рижун гIезаруна нилъ гьаб ракьалда Аллагьас. Амма гьеб талихI бугеллъун нилъ Аллагьас рижун рукIин аслияб жолъун батани, талихI букIин лъан, нилъеда хьвадун бажари гьечIого гIолареб жо буго. Гьеб релълъуна цойилалда ва гьезда нахъа ругел нолазда. Цоялда хадуб ноль лъун анцIго, кIиго ноль лъун – нусго, лъабго лъун – азарго лъугьун, цойилалъул сияхI - къадру борхулеб гIадин: цойил - нилъ Исламалда рижун рукIин, хадур ругел нолал гьелда рекъон нилъеда хьвадизе лъай. Исламалда рекъараб рукIа-рахъин, магIишат, гIумру букIин. Цойилалда хадур нолал цIикIкIанагIан гьелъул къадарги борхулеб гIадин, Исламалда хурхинабун гIумру берцин гьабурабгIан инсанасул Аллагьасда аскIобги къадру борхула. Аллагьасда аскIов къадру борхарав чиясул къиматги холаро.

Исламалда цадахъ иман букIине кколеб гIадин, иманалда цадахъ ихласги букIине бихьизабун буго. Аллагьасда божизе - Иман, гIамал борцине - Ислам, ракI бацIцIад гьабизе - Ихлас. Гьаб лъабабго бахъун чIолеб хIокI гьечIони, чиясул Исламалда вугин абураб цIар букIин гуреб, диналда хурхараб жо букIине рес гьечIо.

Кинниги нилъер хIаракаталда барабги букIуна гIемераб. «Аль баракату филь хIаракати» абураб кици буго гIарабиязул. Гьелъул магIнаги ккола хIаракаталда жаниб баракат камуларин абураб. Гьединго, кIалдибе борта багIаргIечин гъотIода гъоркь вегун чIарав чиясул кIалдибе гIеч бортун бачIунаринги аби буго магIарулазул. Гьелдалъун цо бакIалда чIарав чиясулги цебетIей букIунаро.

Аллагьасда аскIоб къадру букIине, Гьесул разилъи тIалаб гьабун, киналго ишазулъ ихлас букIиналда тIад хIалтIулев чиясулъ гьеб лъугьинчIого рес букIунаро. Инсанасул хIаракаталда рекъон гьесие кумекалъе сундулъго ТIадегIанав Аллагь вукIунеб мехалъ, хасго ихласалда хурхараб ишалъулъги гурхIел цIикIкIарав, цIоб гIатIидав БетIергьан Аллагь, инсанасул ракI бихьун гьесие кумек гьабулевлъун вукIин хIакъаб жо буго.

Дунялалда щибаб жоялъул багьа букIунеб гIадин, ахир Къиямасеб къоялъ чиясул гIамалги ихласалъул цIайиялда рекъон борцине буго.

РукIине руго гIамалал жидер кIодолъи УхIуд мегIералда бащадал, амма цIадироялда лъедал жидер бакIлъи ракьул хIуралда бащалъи гьечIел, ай ихлас жиделъ батичIеб.

Ихласалъул бицунаго рехсезе рекъола кIудияв хан Баязидил къиса.

Баязидие бокьула жиндирго бугеб бечелъиялдаса пайдаги босун, хведалги цIаралъе букIине Аллагьасул рукъ - мажгит базе. Гьеб ишалъе Баязидица ралагьула къадахъаби, пуланал шартIалги церелъун. ТIоцебесеб шартI, жал Исламалда рукIин. КIиабилеб, къойил щуябго как балел рукIин. Лъабабилеб, щибаб къойил радал, хIалтIи байбихьилалде цебе, хIалтIухъабаз черх чуриялъул парз тIубазе ккей. Ункъабилеб, мажгит базе босулеб ва хIалтIизабулеб къайи ханасул гIарцуде босараб букIин.

Гьединаб къотIи-къайги гьабун, байбихьанила мажгит базе. Зама-заманалдасан Баязидги вачIунев вукIанила хIалтIи кин унеб бугебали балагьизе.

Цо къоялъ маркIачIуда хIалтIухъабазда аскIое ячIанила, гьитIинаб цIарагIги кодоб ккун, херай гIадан. Гьелъ гьаранила хIалтIухъабазул цевехъан ахIейилан. Гьев вачIиндал, хералъ бихьанила цIарагIалда жаниб бугеб бетараб рахь ва гьаранила, кваналелъул киназго гьекъейин, гьеб жинца кьолеб садакъа бугин. Гьезул кIудияв бетарахь къабул гьабизе разилъичIила, ханасул амру бугин мажгит балеб ишалъе цогидаб рахъалдасан щибго кумек къабул гьабунгутIизейин абураб. Гьесул рагIабаз ракI бекарай херай, угьун хIухьелги биччан, ганчIида кIусанила ва гьелъ абунила: «Дун йиго мискинай гIадан. Цо чанго сон буго дир рос хунги. Цо гIака гуреб дир тIокIаб щибго магIишатги гьечIо. Гьеб гIакдадаса бечIчIараб рахьдал нисо-хIан гьабун, гьеб бичун бетIербахъи гьабула дица. Гьаб бетарахьги нужее садакъаде кьезе гьабураб буго. ТIокIаб батIияб кумек гьаб мажгиталъе гьабизе ресги гьечIо. Аллагьасе гIололъун, къабул гьабе», - ян.

Нахъисеб къоялъ радал ханас данде гьарула хIалтIухъаби. Баязидица гьикъула сон гьаниб щиб лъугьарабин абун? Гьеб мехалъ хIалтIухъабазул кIудияс бицуна хералъулгун ккараб. Гьезул харбихъ гIенеккарав хан гIекиялда гIодула, «бетарахьдал суркIа бакIаб батана, бетарахьдал суркIа бакIаб батана», - янги абулаго. Киназулго гъира ккана ханасе лъугьараб жо лъазе. Гьев гIодове вуссиндал, суал кьуна щиб ккарабин абун. Ханас бицана: «Нолъ макьилъ бихьана Къиямасеб къоги чIун, хIисаб-суал гьабулеб. Гьаб нилъер мажгит баялъул хIисаб-суал гьабулаго, гьалда гьорлъ бугеб дир тIолабго гIахьаллъи цояб рахъалда лъедал, цогидаб рахъалда дой гIаданалъ бачIараб бетарахьдал суркIаги лъедал, гьеб суркIа бакIаб батана», - ян.

ГIужбу-рияъ гьоркьобе лъугьун гьабураб ханасул мегIергIадаб кIудияб гIамал, кигIанго Аллагьасда цебе къимат цIикIкIараб иш мажгит бай букIаниги тIадагьлъун буго, гьелдаса гIицIаб Аллагьасул разилъиялъе гIоло кьураб дой херай гIаданалъул бетарахьдал садакъа Аллагьасда цебе къиматги жиндир цIайиги бугеб гIамаллъунги ккун буго.

Ихлас гьечIого гьабураб гIамал релълъинабизе бегьула меседил хъал тIад бугеб, жанисан кьавуялъ кваналеб маххуда. Аллагьас цIунаги.

 

 

 

ПатIимат ХIасанова

 

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Иблисалъе вокьулев

БетIергьан Аллагьас ﷻ инсанасулъ рижун руго реццарал ва какарал тIабигIатал. Реццарал тIабигIатал Аллагьас ﷻ кьурав чиясда тIадаб буго гьезухъ шукру гьабизе, амма какарал тIабигIатал ругони, гьес кIвараб хIаракат гьабизе ккола гьел тIагIинаризе.   Бахиллъи, къарумлъи, барахщи – гьал...


ХIикматал махлукъатал

Руз   Руз ккола дунялалда ругел бищунго гIажаибал ва хIикматал хIанчIазул тайпабазул цояб. Абула гьезул бугин 200-250 гIанасеб тайпа. Гьел дандчIвазе бегьула киса-кирего. Руго чIахIиялги, гIисиналги.   Гьанжесеб заманалъул бищун кIудияб рузлъун рикIкIуна Россиялда, Китаялда ва...


ЛъикIазулгун гьалмагълъи гьаби

Гьудул-гьалмагълъи лъи-кIасулгун гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ гIемер бицуна имамзабаз мажгитахъ гьарулел вагIзабазда, гIалимзабазул мажлисазда. Гьебги гIадахъ босун лъикIал гIадамазулгун цIикIкIараб гьоркьоблъи гьабизе хIаракатги бахъула гIемерисев чияс. ХIакъикъаталдаги кутакалда лъикIаб, беццараб...


ТIаса лъугьайин гьарилищ?

Гъибат-бугьтан гьаби ккола мацIалъ гьарулел мунагьазул бищунго гIемеразул цояб. ГIемерисеб мехалъ инсанас бигьаго абула диналъул вацасул яги яцалъул хIакъалъулъ рагIаби, ТIадегIанав Аллагьасда цебе гьеб мунагь кигIан кIудияб букIине бегьулебали хIисаб гьабичIого.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ...


Рецц-бакъ гьабизе бокьи

Бахчараб ширкин абулеб гIамал ккола лъикIал гIадамазда бихьизелъун, гIамалал рихьизелъун, халкъалъ рецц гьабизелъун гьабулеб ишалда. Гьеб рекIел унтиялъ инсан вачине бегьула ахираталда кири щвеялдаса махIрум гьавиялде, гьабураб гIибадат чIобогояб, пайда жиндаса щвечIеблъун гьабиялде.   Гьеб...