Аслияб гьумералде

Инсанасул талихI

Инсанасул талихI 

Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.

 

ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе. Аллагьасул ﷻ цIобалдалъун гьеб рехана щугоялде. Амма кири кьезе бугин абуна кIикъоялда анцIабго бараб гIадаб.

Аварагас ﷺ бицун буго МигIражалде араб сордоялъ, Аллагьас ﷻ кIикъоялда анцIго как тIадаблъунги гьабун тIадвуссунаго, анлъабилеб зодов ватарав Муса аварагас «Гьелщинал какал разе дур умматалъе захIмалъула, тIадвуссун гьаре БетIергьанасда ﷻ бигьалъи гьабеян» абун малъун рехаралги рукIана гьел щугоялде ккезегIан. Ва абурабги букIана: «Ва МухIаммад ﷺ, Нижер ﷻ рагIи хисулареблъун буго. Сордо-къоялда жаниб балеб гьеб щуго как буго жидер щибалъе анцIго как барабгIанасеб кири дуе хъвазе бугеб», - абун. (СахIихIул Бухари)

ГьедигIан кири цIикIкIараб гIамаллъун бугеб как, щуго нухалъ гурони базе жибги гьечIеб, рекъараблъун букIина гIужда базе, хIалкIун жамагIаталда. ЖамагIаталда бараб какил кириги нилъеда лъала къоло анкьиде бахинабулеблъи. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абун буго: «Нужеца тIадчIей гьабе паризаял какал гIужда ва камилго раялда…», - абун (сура «Бакъарат», 238-абилеб аят). Цоги аяталда буго: «Нуж лъикIлъаби гьаризе гIедегIе», - ян. Жиб базе бихьизабураб гIужда как баялдаса лъикIаб гIамалги щиб букIинеб? ГIабдуллагь ибну МасгIудидаса бачIараб хIадисалда Аварагас ﷺ абун буго: «Инсанас жиндир щуябго какил, гьел рукIине кколеб къагIидаялъ тIуразарун кIвар гьабуни, гьесие какал нурлъун, хIужалъун ва хвасарлъилъун лъугьина Къиямасеб къоялъ», - абун. (Муслим)

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Нужеца хехлъи гьабе Аллагьас ﷻ нужер мунагьал чурулел ва Гьев ﷻ нужеда гурхIулел лъикIал гIамалал гьариялде», - ян (суратул «ГIимран», 133-абилеб аят).

Мунагьал чурулеб, Аллагь ﷻ гурхIулеб гIамаллъунги как буго. Цо нухалда Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ асхIабзабазда гьикъун буго: «Нужеда кин кколеб, нужер цоясул рукъалда цебесан чвахулеб букIарабани гIор ва къойида жаниб щуго нухалъ гьенив чвердолевги вукIаравани гьев, гьесул черхалда чороклъи хутIизе букIанищ?» - абун. АсхIабзабаз жаваб кьола: «ХутIилароан кинабниги чороклъи», - ян. Цинги Аварагас ﷺ абуна: «Гьеб релълъараб буго къойил балеб щуябго какалда, жиб сабаблъун Аллагьас ﷻ мунагьал чурулеб», - абун. (Муслим)

Суннатаб буго, гIуж щведал как базе, гIужил авалалда как баялъул хиралъи хIасуллъизе. Амма гIужил авалалда как баялъул хиралъи борчIун кколаро, как баялъе къваригIунел сабабазда машгъуллъунин абун.

Имамасеги суннатаб буго гIужил авалалда как баялда тIадчIей гьабизе. Амма как ахIун хадуб, гIадамал какде рачIинегIан дагьаб заманалъ балагьун чIела гьевги. Ибну МасгIудица бицун буго: «Жинца цо нухалъ Аварагасда ﷺ гьикъана гIамалазул бищун хирияб щиб бугебилан. Гьес ﷺ абуна: «ГIужил авалалда бараб как буго», - ян.

Аварагасул ﷺ абунин Абу Къатадаца бицана: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Дица дур умматалъе амру гьабуна щуго как базе ва къотIиги гьабуна жиндир заманалда гьел тIуразарулев Алжаналде лъугьинавизе. Амма гьел раларев чиясе Дидасан къотIи гьечIо», - ян. (Ибну Мажагь)

Как буго, Къиямасеб къоялъ жиндалъун Аллагьас ﷻ лагъасул тIоцебе хIисаб гьаби байбихьизе бугеб. Какил иш рукIалиде ккани, гьелъ цогидал гIамалалги лъикIаб рахъалдасан хадур цIала.

Как буго исламалда иманалъул рагIабаздаса хадуб бищун кIудияб гIамаллъун, Алжаналъул кIуллъун ва мунагьал чуриялъе сабаблъун жиб бугеб. Воре, тIоцебесеб иргаялда, кIвар гьабе какил.

 

МухIаммад Галиев

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...