Аслияб гьумералде

ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул гIадамаз ислам къабул гьабилин ва исламалде ахIиялъул рахъкквелин абураб хьулалда.

 

Амма ТIаифалъул халкъалъ гIорхъолъа араб вахIшилъиялда дандчIвай гьабуна Аварагасе ﷺ. Гьесул ахIиялдаса инкар гьаби гуребги, лъималги жагьилалги ганчIал речIчIизе ахIун, гьев инжит гьавизеги лъугьана. Аварагасул ﷺ баракат бугел хIатIал ругъназул цIун бидулъан рукIана. Гьединаб захIматаб хIалалда ТIаифги тун, дугIаги гьабун Аллагьасде ﷻ вуссана, гьеб дугIа ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа абун машгьурлъана.

Гьеб дугIа цо-цо сираялъул тIахьазда гьадин хъван буго: «Я Аллагь ﷻ, дица Дуде гIарз гьабулеб буго дир загIиплъиялда, мукъсанаб бажариялда, гIадамазда цеве дун инжит гьавиялда. Я ГурхIелазул бищунго ГурхIулев! Мун вуго загIипазул БетIергьан, Мун вуго дир БетIергьан. Лъида Дуца дун божилъи гьабулев? Дун хъачIго дандчIвазе вугев чияр чиясе? Яги Дуца дида тIад кверщел кьурав тушманасде? Дур дида ццим бахъун гьечIелдаса дица щибго жоялде кIвар кьоларо, кинниги Дур гурхIел-рахIмуги лъикIлъиги дие гIатIидаб букIуна. Я Аллагь, дица Духъан цIуни тIалаб гьабула, Дудасан кумекги гьарула. Дуца гIадамал мекъи ккеялъул ва мунагьазул бецIлъиялдаса хIакъикъаталъул канлъиялде рачуна ва дунялалъулги ахираталъулги иш низамалде ккезабула. Гьарула Дуда дида ццим бахъугеян, Дур гурхIел гьечIого дунги тогеян. ГIицIго Дур разилъи дица тIалаб гьабула. Дур кумекалдалъун гурони кIоларо мунагь рехун тезе ва лъикIлъи гьабизе».

Аварагасул ﷺ гьаб хитIабалдасан бихьулеб буго гьесул Аллагьасда цебе бугеб гIодобегIанлъи. Бищунго кьварарал гIазабал рукIаниги, гьес гIадамазде гIарз гьабичIо, гIицIго жиндирго БетIергьанасде вуссана. Гьел рагIабазда жаниб буго инсан загIипав вукIиналъе мукIурлъи ва тIубанго Аллагьасул рахIматалда варав вукIин.

«Дур дида ццим бахъун гьечIони, дие ургъел гьечIо» абурал рагIабаздасан бихьулеб буго Аварагасул ﷺ тIадегIанаб ракIбацIцIалъи. Гьесие дунялалъул захIмалъаби ва гIазаб-гIакъуба гуреб, Аллагь ﷻ разилъи букIана бищун аслияблъун.

Гьеб дугIаялда жанибги кIудияб хьул буго ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ гурхIел-рахIмуялде. Бищунго захIматаб хIалалдаги Аварагас ﷺ гьарулеб букIана бечелъи яги тушбабаздаса рецIел боси гуреб, Аллагьасул ﷻ ццим бахъиналдаса цIуни ва Гьев разилъиялда хьул.

Гьеб дугIаялъ муъминчиясда ракIалде щвезабула унго-унгояб къуват Аллагьасдасан ﷻ гурони щолареблъи, хвасарлъиги бигьалъиги батула ракIбацIцIадго Гьесдехун вуссиналдалъун.

ТIаифалъул тарихалъги нилъеда малъула сабру ва къвакIи. КигIан инжитлъиги унтиги кканиги, Аварагас ﷺ нагIана кьечIо ТIаифалъул гIадамазе. Гьелъул гIаксалда, гьесул хьул букIана гьезул наслуялдаса цохIо Аллагьасе гIибадат гьабулел гIадамал рахъиналде. ХIакъикъаталдаги, заманалдасан ТIаифалъул гIадамаз ислам къабул гьабуна.

РахIматалъулги, сабруялъулги, тIубанго Аллагьасда божилъиялъулги кIудияб мисал буго гьеб лъугьа-бахъиналъулъ.

 

Камил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...