Аслияб гьумералде

Исраъгун МигIражалъул сордо

Исраъгун МигIражалъул сордо

Исраъгун МигIражалъул сордо

Дагъистаналъул бусурбабаз кIодо гьабуна МухIаммад ﷺ авараг зобалазде вачиналъул баракатаб Исра валь-мигIражалъул сордо. Гьеб сордо кIодо гьабизелъун республикаялъул гIемерал мажгитазда тIоритIана данделъаби, мажлисал.

МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталдаги тIобитIана Дагъистан республикаялъул муфтияталъул хIаракаталдалъун мажлис.

 

Данделъаразда рагIана гIалимзабазул вагIзаби, яхI-намусалъул бицунел дарсал, Исраъгун МигIражалда лъугьарал вакъигIатал, Авараг ﷺ веццун гьарурал мавлидалгун назмаби.

Гьединго, аслияб данделъи байбихьилалде цебе тIобитIана Шазалияб хатмуги.

Гьеб тадбиралъе гIуцIиялъулаб квербакъи гьабуна «Инсан» фондалъ, гIахьалчагIазе ифтIар гьабизе хIадур гьабун букIана гIага-шагарго 3000 чиясе квен, мажгиталъул азбаралда чIезабун букIана щуазаргоялдаса цIикIкIун чиясе гьекъезе гIураб чай ва гьуинал нигIматал.

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...