Аслияб гьумералде

«Ас-саламалъул» байрахъалъе мустахIикълъана

«Ас-саламалъул» байрахъалъе мустахIикълъана

«Ас-саламалъул» байрахъалъе мустахIикълъана

ЗахIмалъаби, къварилъаби загьирлъараб заманалда рохалил хабаралъул дандеруссиналъ рекIее парахалъи гьабула ва нилъедехун Аллагьасул ﷻ гурхIел-рахIмуялъул бербалагьи бихьиялъ шукру гьабиялде ракIал гьесизарула. Гьединаб рохалилаб данделъи-мажлис тIобитIана Гъуниб росдал культураялъул рокъоб ва районалъе Дагъистаналда бищун цебе 2000 экземпляр «Ас-салам» казият хъваялъул хIурматалда хьвадулеб байрахъ кьуна.

 

 

 

 

 

 

Гьеб мажлис тIобитIизе Гъунире рачIун рукIана улкаялдаго «Ас-салам» казият тIибитIизабулеб отделалъул нухмалъулев МухIумаев ГIали, гьесул заместитель МухIаммадов Мурад, казияталъул жавабиял ГIабдуразакъов Мурад, Гъазибеков ГIабдуллагь, КIикIуни росдал имам ХIасан-хIажияв.

Данделъи нухда бачана ХIамзалов ХIамзалас.

Гъуниб росдал имам МухIаммад-хIажица Къуръаналъул аяталдалъун рагьана мажлис. КIалъазе рахъараз загьир гьабуна «Ас-салам» казияталъе кьучI лъунин нилъее баракат ва шапагIат насиблъаяв ЧIикIаса СагIид-афандияс ва жакъа къоялде щвезегIан казият хъвалезул къадар цIикIкIиналъе, гьеб Россиялдаго тIибитIизабиялъе квербакъулеб бугин ДРялъул муфтияталъ ва муфти, шайих АхIмад-афандияс.

 

 

 

 

 

 

Гьединго хьвадулел байрахъазе мустахIикълъана районалда бищун цебе 100 экземпляр «Ас-салам» казият хъварал Шуланиб росу ва 150 экземпляр хъвараб ХIотIочIиб росу.

Казият хъвазе жигараб гIахьалъи гьабуразе кьуна шапакъатал.

Данделъиялъул ахиралда гIумраялде ине ихтияр кьолеб кIиго путевкаялъе можороги бахъана.

 

ГIумар ГIумаров

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...