Аслияб гьумералде

ХIажиев МухIаммад ракIалде щвезавуна

ХIажиев МухIаммад ракIалде щвезавуна

Щибаб росулъ вукIуна жиндаса халкъалъе пайда бугев чи. Масала, гьединавлъун вукIана хIабшадерие ХIажиев МухIаммад.

 

 

БАЯН

ХIажиев МухIаммад гьавуна 1922 соналъ. Гьев вукIана экономикиял гIелмабазул кандидат. ГIахьаллъи гьабуна КIудияб ВатIанияб рагъда ва гьев вукIана танкабазул ротаялъул командирлъун. Гьев мустахIикълъана «За отвагу» абураб шапакъаталъе ва гIемерал медалазе.

1948-1949 соназда хIалтIана ГIахьвахъ районалда партиялъул тIоцевесев ва кIиабилев секретарлъун. 1968 соналда цIунана экономикиял гIелмабазул кандидатлъи.

1969-1970 соназ Кизилюрт районалъул Сулакалда бугеб ДАССР-алъул директорлъун хIалтIана. Ракь багъарун хадуб ЦIобокь Миякьо росу баялъе тIоцебе кьучги лъуна. Росдал колхозалъе нухмалъи гьабулеб заманалда, жиндирго харжалъухъ бачана росулъе ток, рагьана участковияб больница, бана росдае хIамам, чIана пихъил ахал. Гьел ва цогидалги хIалтIаби гьарурав чи хIисабалда жакъаги цIакъ хIурматалда рехсола хIабшадерица гьесул цIар.

 

Багьавудин хIажияв (квегIиса) ва Валиев Эмендада

 

Дагьал церегIан къоязда гьев ракIалде щвезавиялъул мурадалда ХIабши росулъ тIобитIана мажлис. Гьениб бицана гьесул ва гьес гьарурал лъикIал ишазул хIакъалъулъ.

ВагIза-насихIат гьабун кIалъазе рахъана росдал имам Шамил-хIажияв, Валиев Эмендада, росулъ СагIид-афандиясул цIаралда бугеб мажгиталъул имам ГIарип, бергьарав махшалил хирург ХIажиев Шагьрудин, Арихкент росдал имам ГIабдуллагь Казиев. Мажлисалъе нухмалъи гьабуна ГIалиев Багьавудин-хIажияс.

ХIажиев Шагьрудин

КIалъазе вахъарав МухIаммадил вас Шагьрудиница кIудияб баркала загьир гьабуна мажлисалда гIахьаллъаразе ва росдал жамагIаталъул рухIияб рахъ цебетIезабун лъебералда хадуб соналъ дибирлъи гьабурав Багьавудин-хIажиясе. Аллагьас къабул гьабеги щивалул гIамал.

Шамил МухIаммадов.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...