Аслияб гьумералде

«Ас-саламалъул» ифтар ва сухIур

«Ас-саламалъул» ифтар ва сухIур

«Ас-саламалъул» ифтар ва сухIур

Хирияв Аварагас ﷺ хIадисазда абурабго гIадин бусурбанчиясе кIал кквей буго жинца лагъ жужахIалъул цIаялдаса цIунулеб хъалхъанлъун. «Алжаналда буго «Ар-Раян» абурал каваби, Къиямасеб къоялъ кIал ккурал чагIи гурони жанире лъугьине гьечIел. Гьеб къоялъ абизе буго: «Кир ругел кIал кколел чагIи?» - абун. Цинги гьел цере рачIине руго ва гьениса (Алжаналде) инеги руго. КIал ккурал чагIи жанире лъугьун хадур гьел каваби къазе руго ва цоги чи гьениса жаниве инеги гьечIо», - ян абун (Муслим, Бухари).

 

Жиндие бихьизабураб заман лъугIидал тIаса унареб жо букIунарелъул, кигIан ракI бакъвазабулеблъун батаниги рагIалде щвана исанасебги рамазан моцI. АлхIамдулиллагь, санал анагIан нилъер халкъалъул диналдехун ва гIадамаздехун гIамал лъикIлъулеб ва цIубалеб буго. Гьеб халлъулеб букIана маркIачIул как ахIизе заман гIагарлъулелъул, росабазулгун шагьаразул жамагIатал, цо хъизан гIадин, данделъун ифтарал гьаризе ракIарулел рукIиндал.

Киса-кибего гIадин МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталда цебеги букIана «Инсан» фондалъ гIуцIараб кIал биччалезе санагIалъиялъе чадир. Рамазан моцIалъул ахирисел къояз гьениб кIалбиччазе ва радакь рахъиндал сухIуралъе цо къо гIуцIи ва гьелъие харж гьаби тIаде босана «Ас-салам» казияталъул жавабияз.

Гьелда хурхун гьабураб мажлисалда гIахьалъи гьабуна батIи-батIиял мацIазда рахъулел «Ас-саламалъул» редактораз, газета тIибитIизабиялъул жавабияз, волонтераз ва кIалбиччазе бачIараб жамагIаталъ.

КIалъазе вахъарав «Ас-салам» газеталъул редактор ХIасан МахIмудовас бицана жакъасеб къоялъ тIибитIулеб бугеб хIажат гьечIеб чороклъи, нахъегIанаб гIамал-хасият нилъер жамгIияталъулъги загьирлъулеб мехалда, хIакъикъаталдаги, гьаб казияталъ гIемерав чиясе кумек гьабулеб буго диниябгун дунявияб бичIчIи кьезе. Гьелъулъ гIадамазда батулеб буго чара гьечIеб масъала, ракIчучи, хIатта руго гIумругицин гьаб сабаблъун хвасарлъарал лъугьа-бахъиналги. Баркала загьир гьабуна мухбирзабазе, редакторзабаздаса бахъараб газеталъе хIалтIи гьабулев щивасе. «Гьарула Аллагьасда ﷻ киназего сахлъи, гьабулелъулъ икъбал, Гьев ﷻ разияб гIамал», - абун лъугIизабуна гьес жиндирго кIалъай.

Муфтияталда цебе бугеб рухIияб лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев МухIаммадрасул Гьиматовас бицана «Ас-салам» газеталда гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ.

«Дун батIи-батIиял рахъазда хIалтIана. Амма «Ас-саламалъул» школалде вачIун, гьаниб гьабураб хIалтIи халгьабун абизе бегьула, динияб рахъалда гьабулеб хIалтIулъ дун балугъ гьавураб жо газета бугин. Напсгун къеркьон, ракъи-къечги хIехьон, унго-унголъун гьабураб дагIваталъул хIалтIи газеталда гьабураб гIадаб бихьичIо. Гьелъие хIалтIизе ккола гIазу-цIадалъухъ, бакъул бухIиялъухъ балагьичIого, гьеб буго живго Аллагьас ﷻ тIаса рищун Гьесие ﷻ рокьарал чагIаз гурони гьабулареб хIалтIи. Аварагас ﷺ абун буго: «Нужеца дидаса цо аятгIаги гIадамазухъе щвезабе», - ян (Бухари). Гьеб гьабулеблъун буго газета ва гьелда хIалтIулел», - абун.  

Газета тIибитIизабиялъул жавабияв ГIали МухIумаевас бицана цIалдолезухъе гьеб щвезабиялда хурхун гьабулеб хIалтIул.

«Нилъеда бичIчIизе ккола диналъе кумек гьабизе щивав чиясе рес кьун гьечIеблъи. Нуж, ай «Ас-салам» тIибитIизабизе хIалтIулел гIолохъаби руго талихIал чагIи. «Ас-саламалъул» командаялда гъорлъ ругел чагIаз кIудияб хIалтIи гьабулеб буго исламалъе. Гьалъул кумекалдалъун кинаб бугониги пайда жиндие щун щив вугониги, гьеб сабаблъун ккола Аварагас ﷺ хIадисалда: «Мун сабаблъун Аллагьас ﷻ лъикIаб нухде цо чи тIами, гьеб дуе лъикIаб буго гьаб дунялалдасаги гьалда жаниб бугебщиналдасаги», - ян абурал рагIаби жиндиеги мустахIикълъиялъе (АхIмад). Жакъасеб данделъиялъе кумек гьабураздаса ккола МухIаммад Анкалаевги, Аллагьас ﷻ гьесиеги сундулъго тавпикъги, икъбалги, сахлъиги кьеги», - ян абуна гьес.

Зайд ибну Халид ал-Жагьни-ясдасан бицараб хIадисалда буго: «КIал ккурасе гьеб биччазелъун щиб бугониги жо кьурав чиясе буго кIал ккурасего гIадаб ажру, дов ккурасул ажруялдасаги щибго мукъсанлъичIого», - ян (Тирмизи). Гьединлъидал гьарула ТIадегIанасда ﷻ, кигIан гьитIинаб лукъмаялдалъун батаниги, кIал ккуразе гьеб биччазелъун гьабураб садакъа-гIамал аза-азар даражаялде бахинабун къабул гьабегиян абун.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

 

 

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


Ингушазул кумек

ТIабигIияб балагьалъул хIаси-лалда къварилъиялде ккарал дагъистаниязухъе кумекалъулаб квер бегьаразда гьоркьор руго ингушалги. Дагьал церегIан къоязда Ингушетиялдаса Дагъистаналде кумекгун рачIун рукIарал ингушазул цо къокъаялда гьоркьор СурхIахIи росдал имамасул наиб ГIумар Нальгиев ва жамагIатчи...


Кверги кумекги битIарав

Тохтурзаби рукIуна лъабго батIиял: Аллагьас кверчIварал, Аллагьасда мугъчIварал ва Аллагьас жидедаса цIунаял. Гьел ратIа рахъизеги захIмалъуларо, чанцIулго рихьун лъала кинав гьев вугевалиги, гIадамаз хехго мустахIикъаб къиматги кьола. Жакъа гьаниб жиндир бицен гьабулев тохтур, ЛъаратIа...


Шамаилал сунда абулеб?

Аллагьас ﷻ нилъ, бусурбаби, тIадегIан гьаруна исламияб динги кьун ва гьелдаго цадахъ гьеб дин малъизе витIана МухIаммад авараг ﷺ. БетIергьанас ﷻ гьев тIадегIан гьавуна кинабго жоялдаса. ГIаишатида гьикъидал гьесул ﷺ тIабигIаталъул хIакъалъулъ, гьелъ абуна, гьесул тIабигIат Къуръан букIанин...


Камилаб какил баракат

Хириял бусурбаби! ГIемеразул букIуна гIарз, магIишат данде билълъунарого бугин абун. Гьелги гIемерисел какго баларел ратула, балеб бугониги, щибго гьелъул кIвар гьечIел. ХIатта как базе заман гIоларин абулелцин ратула. Аллагьас ризкъи киназего кьола, амма кантIе, как-кIалги тун,...


ДНРалъул муфти дандчIвана ДРялъул муфтигун

Донецкиялъул Халкъияб Республикаялъул муфти Рашид Брагин вачIун вукIана ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе, тIабигIияб балагьалде ккараб Дагъистаналъул халкъалъул рахъ кколеб букӀин загьир гьабизе. ДНРалда захӀматаб ахӀвал-хӀал букӀаниги, Донбассалъул диниял церехъабаз бихьизабуна хIажатаб...