РакIал цолъараб бакIалда баракат букIуна
РухIияб цолъиялъул, вацлъиялъул, гIадатияб исламияб къиматалъул гвангъараб мисаллъун лъугьараб кIудияб республикаялъулаб мажлис тIобитIана 6 декабралда Лаваша районалъул Урма росулъ. Мажлисалъул цоги мурадги букIана гьениб бараб цIияб мажгит рагьи.
ХIурматияб Къуръан цIали-ялдасан байбихьараб гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандица, Дагъистаналдаса диниял гIалимзабаз, жамгIиял хIаракатчагIаз ва аза-азар гIадамаз.
ЦебетIей букIуна цолъи ва вацлъи бугони
Мажлис нухда бачарав ДРялъул муфтияталъул протоколалъулаб хъулухъалъул нухмалъулев Шамил БахIандгIалиевас бицана данделъи гIуцIиялъул ва гьеб берцинаб къагIидалда нухда бачине гьабураб хIадурлъиялъул. КIалъаязул аслияб темабиги рукIана муъминзабазул цолъи вацлъи рухIияб рахъ цебетIезабун жидедаго тIад хIалтIизе кколин абун вагIза-насихIатал гьари, гьоркьо-гьоркьор ахIана мавлидал ва аслияб данделъиялда цебе гьабуна шазалияб хатму.
ДРялъул гIалимзабазул советалъул гIахьалчи, МахIачхъалаялъул «Сафар» мажгиталъул имам МухIамад-ХIанафи ХIамзатовас кIвар буссинабуна диналъул ишазулъ бусурбабазул дандеккей букIине ккеялде ва абуна: «Бусурбаби цолъараб мехалда, гьел гIумруялъул киналго рахъазда къуваталлъун рукIуна. Цолъи лъугьиналдалъун тIибитIана дунялалъул бокIназда Аллагьасул диналъул цебетIей», - ян.
Гьеб пикру такрар гьабуна Лаваша районалъул бетIер Мухтар ХIалалмухIаммадовасги ва абуна: «Чанго миллаталъул гIадамаз гIумру гьабулеб нижер районалда цолъи ва цоцазе квербакъи гьаби ккола цебетIеялъе кьучIлъун. Гьадинаб берцинаб мажлис жакъа районалда тIобитIиги гьелъие баянаб мисаллъун буго», - ян.

Жиндаго тIад хIалтIи
Мажлисалда кIалъазе рахъарал гIалимзабаз кIвар буссинабуна бусурбабазул гIумруялъул гъваридал тIабигIатазде ва лъикIал гIамалал куцалеллъун рукIине ккеялде. Муфтиясул кумекчи, гIалимзабазул советалъул гIахьалчи ГIабдуллагь-хIажи Хидирбековас бицана хъизамалда гьоркьоб берцинаб гьоркьоблъи куцаялъулъ, лъикIаб гIамал-хасият ва жавабчилъи цIуниялъулъ бугеб кIваралъул. Хасго бихьиназде хитIаб гьабун абуна: «Жакъа гIолохъабаз гIемер бицуна чIужугIаданалъул гIунгутIаби рихьун хабар, амма жиделъго ругел кIочон толеб буго. РакIалда чIезабизе ккола, жавабияб хьвада-чIвадиялдалъун бихьинчи вугебгIан мехалъ, чIужугIаданалъулги гIамал-хасият ва берцинаб тIабигIат лъикI букIунеблъи», - ян.
МахIачхъалаялъул ГIабдулхIа-мид-афандиясул цIаралда бугеб мажгиталъул имам МухIаммад Сулеймановас тасаввуф гIелмуялда хурхинабун бицун жеги мухIкан гьабуна гьеб тема. Гьес абуна: «Чияс жиндаго тIад хIалтIи гьаби ккола берцинал тIабигIатазул кьучI. Жиндирго гIунгутIаби рихьулел ругони, гьел жиндилъ рукIин къабулги гьарулел ругони, гьесда живго цогидаздаса лъикIавлъун вихьуларо, хIажат гьечIеб хабарги бицунаро, сверухъ ругездехун гьоркьоблъиги Къуръан-хIадисалъ бихьизабухъе гьабула», - ян.

ЗахIмалъаби – рацIцIалъиялде нух
Буйнакск шагьаралъулгун районалъул имамзабазул советалъул председатель, исламиял гIелмабазул доктор МухIаммад Урминскияс данделъаразда ракIалде щвезабуна гIумруялъул нухда дандчIвалел хIалбихьиязул.
«Муъминчиясда сундулъго бихьула лъикIлъи, къварилъабазул заманалдаги гьесда лъала мунагьал чури гIазабалдаса хвасарлъи щвезе бугеблъи. Бусурбанчиясде къварилъаби рачIунелги рукIуна мунагьаздаса эркенлъун ТIадегIанав Аллагьасда цеве чIезегIан», - ян.
Гьоболлъи ва мажлисалъул берцинлъи
Урмадерил гIолилаз мажлисалда гIуцIун букIана рекIее асар гьабулеб ахIвал-хIал, ракI-ракIалъ гьимулаго гьалбадерие гьез баччулеб букIана чайгун кофе, щивав гIахьалчиясе хIадур гьабун букIана квен жаниб лъураб пайка. Гьеб хъулухъалъ мажлисалде рачIаразда ракIалде щвезабулеб букIана лъималазцин гьоболлъи гьабиялъулъ бугеб баракаталъул ва гьеб лъугьана росдал жамагIаталъул цогияздехун бугеб къиматалъул чIагояб мисаллъун.
Мажлисалда гIахьаллъаразе экраналдасан бихьизабун, презентация гьабуна гурхIел-рахIмуялъулаб фонд «Инсаналъул» мобильнияб платформаялъул. Гьелъул бицунаго киналго ахIана дару-сабаб гьабизе къваригIарал лъималазе кумек гьабиялде.
«Киналго данделъани нилъеда кIола кIудияб хIалтIи гьабизе. Цадахъ рахъун гIахьаллъани гьеб принцип лъугьуна гIицIго лозунг гуреб, хIакъикъияб кумеклъун», - ин абуна фондалъул вакил РахIим ХIусеновас.
Баркала киназего
Муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIалиасхIаб Разакъовас загьир гьабуна ракI-ракIалъулаб баркала гьединаб мажлис гIуцIун рагIалде бахъинабиялъе сабаблъун ккаразе.
«Баркала кьезе бокьун буго гьаб тадбир гIуцIиялъе квербакъи гьабурал Лаваша районалъул нухмалъулезе, гIадлу-низам цIунарал ва гIуцIиялъе кумек гьабурал киналго хъулухъазул хIалтIухъабазе, волонтеразе, хасго Урма росдал жамагIаталъе. Аллагь разилъаги киназдасаго», - ян абуна ГIалиасхIабица.
Мажлисалъул ахиралда шайих АхIмад-афандияс Баркалаялъул кагъат кьуна районалъул бетIер Мухтар ХIалалмухIаммадовасе, депутат ва сахаватчи МикагIил Ибрагьимовасе.
Росдал имам МухIаммад АхIмадовасе кьураб кагъатгун цадахъ хасаб баркала загьир гьабуна шайих АхIмад-афандияс урмадерил жамагIаталъе, Лаваша районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад ХIамзатовасеги кьуна ракIалде щвеялъулаб сайгъат - хирияб Аллагьасул калам - Къуръан.

Мажлисалда муфтияс гьабураб кIалъаялдаса аслиял калимаби:
- ХIаракат бахъе хIалалаб магIишат тIалаб гьабизе, гьелъие нухлъун бугелъул цоябги ккола росдал магIишат.
- Цогияздаса лъазаризе хIаракат бахъе нужерго гIунгутIаби, цинги гьел ритIизариялда тIад хIалтIе.
- ДагIба-рагIиялдаса рикIкIалъе, дагI-баялъулъ чиясда жиндирго ритIухълъи чIезабизе кIоларо. Аварагзабаздагицин, ритIухъал хIужаби жидехъ рукIаниги, дагIба-рагIи букIаго ислам къабул гьабизе цогиял мукIур гьаризе кIвечIо.
- Сверухъ ругезулгун дагIба-рагIи ккараб мехалъги, гIайиб цогидаб рахъалда гуреб, дулъго балагье. ТIадегIанав Аллагьасда цебе тавбуги гьабе.
- Бихьиназ хьвада-чIвади гьабизе ккола къадру-къиматалда, бахIарчилъи цIунун, гьитIинаб жоялда бан лъадуда ва рукъалъул чагIазда тIад хъачIлъиги гьабичIого.
- Бихьиназ цIуни гьабизе ккола гъибатгун мацI гьабиялдаса, гьел ишаз бихьинчи берцин гьавуларо.
- Нилъеца гьабулебщинаб шаргIалъул цIадирабазда борцине ккола, амма гIаксалда бегьуларо.
- Киналго гIалимазулги адаб гьабизе ккола. Киназдаго нахърилъине нилъеда кIоларо, амма адаб гьабизе ккола. Росдал магIишаталда хIалтIиго лъикIаб буго кинавалиго гIалимасул гъалатIал хъирщиялдаса.
- Нилъедего кколарел лъугьа-бахъунел цIиял харбаздегун дунявиял рагъа-рачарабазде машгъуллъуге.
- Гьанже щивасе рес щун буго жиндиего бокьараб жо тIолабго дунялалда тIибитIизабун цебе лъезе, смартфон кодоб букIиналъ гьез рикIкIунебги буго гьеб бегьулеб жо абун. Амма гьеб битIараб жоялдаса рикIкIад бугеблъун ккола!
- Наркомания лъугьунеб буго нилъер жамгIияталъубе, бищун пашманабги бихьиназдасан гьеб руччабаздеги щолеб букIин буго.
Наркоманасдаса, чIвай-хъвеялде щун бокьараб такъсир лъугьине бегьула.
ГIемерал эбел-инсуца, жидер лъимер наркоманиялъ унтараб букIин лъаниги, гьеб бахчула ва ригьин гьабиялъ гьеб гIунгутIи сах гьабизе бугинги ккун, гьесие хъизан гьабизе гIедегIула. Гьедин гьабиялъ гьез лъадиги унти ккеялъул хIинкъиялде гъоркье ккезаюла. Цо-цо мехалдани гьединаз вас мадрасалдегицин цIализе витIула, цогидал мутагIилзабиги гьеб унти бахиналъул хIинкъиялде ккезарун. Гьалъулги дица ракIунтиялъ бицунеб буго.
Дир рокъоб цо къо букIунаро СВОялъул гIахьалчагIи яги гьезул гIагарал-гIунтIарал дихъе дугIа гьабеян гьарун рачIунареб. Нижеца гьезие кидаго гьабула дугIа.
ХIадур гьабуна МухIаммадгIариф Къурбановас


