Аслияб гьумералде

Хирияб сордо кIодо гьабуна

Хирияб сордо кIодо гьабуна

Барааталъул сордоялъ Хьаргаби районалъул КIикIуни росулъ тIобитIана «Лъай камил гьабиялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь мажлис. Лъабго нухалда Ясин цIалун хадуб, росдал имам ХIасан-хIажица лъазабуна мажлисалъе нухмалъи гьабизе бугин районалъул имамзабазул советалъул нухмалъулев Тажудин-хIажица.

 

Районалъул имамас бицана мажлис гIуцIиялъе сабаблъун кканин рогьалилгун боголил какде 40 къоялъ хьвадарал лъимал кIодо гьари. Мажлисалда гIахьаллъаразда гьоркьобги букIана можоро рехиялдалъун сайгъатал кьей. ГIумраялде ине ихтияр кьолеб путевка щвеялъеги рехана можоро кидаго жамагIат-какде хьвадулев 12 чиясда гьоркьоб.

Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIалиасхIаб Разакъовас, магIарул мацIалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редактор ГIабдуллагь МухIаммадовас ва районалъул росабазул имамзабаз.

«Ас-салам» казияталъул редакторас бицана хIалтIул, гьабуна хIасил. 1994 соналдаса нахъе къватIибе биччалеб казияталъ халкъалда дин бичIчIизабиялъе, дагIваталъе кIудияб хIалтIи гьабулеб бугин абуна гьес.

Районалъул имам Тажудин-хIажица лъикIаб къимат кьуна кIикIундерица гIуцIараб мажлисалъе ва бусурбабазе. Гьадинал мажлисал гIуцIи кколин абуна гьес иман щулияб букIиналъул гIаламатлъун.

ВагIза гьабун, гьоркьоб мавлид ахIун, сайгъатал кьун, берцинго тIобитIана исламияб мажлис. КIикIуниб росдал 60-ялдасаги цIикIкIун лъимералъе кьуна къиматал сайгъаталги.

ГIун бачIунеб гIел исламалъул нухда ругьун гьари ккола нилъеда исламалъ тIад гьабураб амру. Гьелъие бергьун кIудияб хIалтIи гьабула имамзабазгун мугIалимзабаз. Эбел-инсуе хутIула имамзабазул ахIиялъе жаваб гьабун, радал-къаси лъимал мажгиталде ритIи.

Аллагьас кумек гьабеги лъикIабщиналъе.

 

ХIамид МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...