Аслияб гьумералде

ГIалимзабазул советалъул резолюция

ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб жавабчилъиги бихьун, гьадинал баянал (рекомендацияби) кьолел руго:

 

Динияб хӀаракатчилъиялъул хIалтIиялда жанисеб цолъи цӀуни

  1. ГӀалимзабазул ва имамзабазул цолъи щула гьаби рикӀкӀине жакъасеб къоялъ республикаялъул динияб гӀумру цебетӀеялъул этапалда аслиял масъалабазул цояблъун.
  2. ГӀалимзабазул ва имамзабазул гьоркьоблъи цоцазул адаб-хӀурматалъул, вацлъиялъул, исламияб гӀамал-хасияталъул рахъ кквеялъул ва умматалъе пайдаялъе хӀаракат бахъиялъул кьучӀалда гӀуцӀи.
  3. Исламияб гIелмуялда жаниб бугеб бахIс (дагӀба-рагӀи) цохӀо гӀелмияб рахъалда жаниб чIезаби, халкъалда гьоркьосел гIаммал дагӀба-рагӀияздаса гIалимзабазда жаниб бугеб бахӀсазул суал жамгIияталде цебе бахъичIого тей.
  4. Рикьи ккезабизе ва питна гьабизе мурадалда гьарулел ишазе (провокациязе) мукӀурлъичIого рукIине; жидерго къартI-къадру (мурувват) ва жавабчилъиялъулаб хьвада-чӀвади цӀуни.
  5. Бусурбабазул гьариязде, гьез гъалатIал ритIизариязде цӀодорго ва адаб-хӀурматалда бербалагьи гьаби. Далилалдалъун мухIкан гьабураб, ритӀухъаб критика бугеб мехалда жидерго гъалатӀал ритӀизаризе тадбирал гьари.
  6. Вацлъи ва жамгӀияб гIодобе биччай цӀуниялъул принципалдалъун нухмалъи гьабун, гьеб гуреб батӀияб цоги пикру гьединаб хIукмуялъе букӀаниги, гӀалимзабазул хӀукмабазул адаб гьаби.
  7. Халкъалда загьир гьабун жидерго пикру билълъанхъизабичIого чIей кIал кколеб къо ва гьеб биччалебгун къурбан къоялъул гIуж чIезабиялъулъ. ЖамгӀияталда жаниб динияб цолъи цӀуниялъул мурадалда, гьел къоял чӀезариялъул официалияб комитеталъул хӀукмабазда хадур хьвади.
  8. Районазул имамзабаз рузманалъул как, жамгӀат-как балеб мехалда ва цогидал диниял тадбирал гьарулеб заманалда (бертаби, зигара ва гь. ц.) шаргӀиял къагIидаби цӀуниялда тӀад хъаравуллъи кквей щула гьаби.
  9. Диниял цӀалул идарабазул мугӀалимзабаз хӀисабалде босизе ккола цӀалул процессалъул интересал ва цӀалул соналда жаниб гӀумраялде ва хӀежалде хьвадиялдаса нахъчӀван чIей.

ГӀолилазулгун рухӀиябгун тарбия кьеялъулаб хӀалтӀи

  1. ГӀолилазда гьоркьоб лъай кьеялъул хӀалтӀи цӀикӀкӀинаби гьанжесел масъалабиги информациялъулаб цебетIейги хӀисабалде босун. ЗахIматал, жинда сверухъ дагIба бугел гьезул масъалабазе жаваб кьей рагьараб ва гӀилла-мурад бугеб диалогалъул культураги цIунун.
  2. Радикалияб пропагандаялде, такфиралъул идеологиялде ва динияб экстремизмалъул цогидал формабазде данде чӀагояб, динияб иммунитет цебетӀезабиялде буссун гьабулеб профилактикияб хӀалтӀи щула гьаби.
  3. Изну бугеб шаргӀияб ихтилафалда ва къабул гьабизе бегьулареб такфиралда гьоркьоб бугеб батӀалъи мухӀкан гьаби, гӀорхъолъа арал идеологиял халкъалда гьоркьор тӀиритӀиялъе квалквал гьаби.
  4. Мажгиталъул мактабазул хӀалтIи щула гьаби ва школлъималазе риидалил заманалда исламияб лъай кьеялъул курсал гӀуцӀи.
  5. Социалиял гьинал жигаралда хӀалтӀизабулел ахӀизе ккола исламияб яхӀ-намусалъул гIурхъаби цӀунизе, цогидал гIадамазул хIакъ инжит-хӀакъир гьабиялдаса, мухIкан гьаричӀел баянал тӀиритӀизариялдаса рикӀкӀалъизе.

Школалъул цӀалдохъабазда ва гӀолилазда гьоркьоб наркомания тIибитIиялдаса цӀуниялъул хӀакъалъулъ

ГӀалимзабазул советалъ кӀудияб рахӀатхвей загьир гьабулеб буго гӀолохъабазда гьоркьоб наркотикал хӀалтӀизариялъул хӀужаби цӀикӀкӀунел рукӀиналъ, гьелъ жамгӀияталъул рухӀияб рахъалъе, чорхол сахлъиялъе ва гьезул букӀинесеб гIумруялъе хӀинкъи букӀинабиялъ.

Гьелда бан, имамзабазе ва диниял церехъабазе насихӀат гьабун бихьизабулеб буго:

  1. ВагӀзабазда ва тарбия кьеялъул тадбиразда наркотиказул заралалъул суал гьоркьоса къотӀичӀого борхизе, шаргӀалъул рахъалъан гьел гьукъи ва гьез хасав чиясе ва жамгӀияталъе гьабулеб квешаб асар баян гьабун.
  2. Исламиял вузазда, мадрасабазда ва мажгитазул мактабазда тохтурзабиги, психологалги, гьездаго хурхарал цогидал хъулухъазул вакилзабиги гӀахьал гьарун, профилактикиял данделъаби гӀуцӀизе.
  3. ГӀолилазул кружокал, спортивиял ва лъай кьеялъул данделъаби гӀуцӀиялъе, квербакъи гьабизе гӀолилазе хӀалтӀи щвеялъе ва рухӀияб рахъалъ цебетӀеялъе альтернативияб ахӀвал-хӀал гӀуцӀиялъе.
  4. Наркоманиялъул масъалаялда дандчIварал хъизамазе рухӀияб квербакъи гьаби, гьезие социалиябгун психологияб реабилитация гьабизе кумек гьаби.
  5. Наркотиказул кIичIикье ккарал гӀадамазулгун кидагосеб тарбия кьеялъул ва рухӀияб нухмалъиялъул хӀалтӀи гӀуцӀизе, гьезул моралияб рахъалъ сахлъи цӀуниялъеги, социалияб адаптациялъеги, жамгӀияталда жаниб тӀубараб гӀумруялде тӀадруссиналъеги квербакъи гьабизе.

 

(Хадусеб букIине буго)

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

 

 

2026-06-01 (ЗулхIижа 1447 с.) №11.


Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарав вац

Цебе заманалда цо бечедав чиясул вукIун вуго лъабго вас. Херлъидал инсул хIукму ккун буго жиндирго бечелъи лъималазда гьоркьоб бикьизе ва гьезда гьоркьоса цоявги вихьизавун, гьесухъ цогидалги гIенеккизе.   КIудияв васас инсуда абун буго, жив кIудияв вугелъул, бетIерлъи жинца гьабилин абун. Инсуца...


ЛъагIалил тIоцебесеб моцI

МухIаррам ккола жинда жаниб рагъ хIарам гьабурал Ибрагьимил заманалдаго хIурмат гьабулеб букIараб, Къуръан-хIадисалъ жиндир хиралъи бицараб моцIазул цояб.   Гьединлъидал щивав бусурбанчияс кIвар кьезе ккола гьеб моцI Аллагьасе ﷻ тIагIат цIикIкIун гьабун, хIалкIвараб къадаралъ квешлъи рехун...


Волонтеразул къец

Казбек районалда тӀобитӀана «Ас-салам» газета тӀибитӀизабулел волонтеразда гьоркьоб къец. ГӀага-шагарго 50 чияс гӀахьаллъи гьабуна гьелда. ГӀахьалчагӀаздаса тӀалаб гьабулеб букӀана материалал мухӀканго цӀали ва суалазе жавабал кьей. Къецалъул мурад букӀана цӀалуде гъира бижизаби,...


Кида ццим бахъине кколеб?

Ццим бахъин кидаго гуро лъикIаб гуреблъун бугеб. Руго гьеб бахъине бегьулелги, бахъине рекъаралги ва бахъине кколелги бакIал. КIвар бугеб жо сундуе гIоло гьеб бахъунеб бугебали лъай, ай жиндирго напсалъул мурадазе гIолойищ яги Аллагьасе гIоло хIакъаб жоялдайищ абураб.   ГIаишатидасан бицун...


Инсанасул гIумру

ХIурматиял бусурбаби, гьал ахирал моцIазда жаниб Дагъистаналъул халкъ дандчIвана гIезегIанго цIикIкIарал тIабигIиял балагьазда. ГIемераб цIад баялъул хIасилалда Дагъистаналъул чанго батIиял бакIазда, ай гIодоблъиялда лъим рукъзабахъе бачIун лъикIаланго зарал ккана магIишаталъе. Гьединго мугIрузул...