Аслияб гьумералде

Рогьалил зикраби

Рогьалил зикраби

Абадияб ахираталда букIине бугеб гIумруялде дандеккун, гьаниб балеб заман цIакъго дагьаб буго. Гьединлъидал нилъеца хIаракат бахъизе ккола щибаб лахIзат Аллагь рехсон, Гьесие гIибадат гьабиялда инабун тIамизе.

Гьеб тун батIиялъе нилъ рижунги гьечIелъул. ГIибадат гьабиги букIине кколаро кидаго какал ран, щибаб къоялъ кIал ккун, цогиялде регIелго гьечIого. Ругелъул цогиги гIамалал, жал гьари гIибадатлъун бугел. Гьел гьариги рукIине бегьула дунялалъул ишал гьарулел ругониги цадахъго тIуразарулелги.

Щайин абуни, дин гьаби, цо бакIалда гIодорги чIун гьабиялда къокълъараблъун гьечIелъул. Бачунеб зикру, гьабулеб тасбихI-тахIмид гIадаб (гьебги буго гIибадат), букIине бегьула рилъун унаго, регун рукIаго ва цогияб шугълуялда ругеб хIалалъги гьабулеб.

Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Я гьал иман лъурал гIадамал! Нуж Аллагьасул гIазабалдаса хӀинкъа! Щибаб напсалъ пикруги гьабе жинца ахираталда батулеб щиб гIамалдай гьабулеб бугеб абун. Нуж Аллагьасдаса хӀинкъа, я гьал муъминзаби! Гьев Аллагь нужеца гьабулеб кинабго гIамал жинда лъалев вуго. Нуж рукIунге жидеда Аллагь кӀочарал гIадамазда релълъун, цинги Гьезда Аллагьас жидерго напсалги кӀоченарурал. Гьел руго пасикъал гӀадамал», - абун (суратул «ХIашр» 19-20 аят).

Гьединлъидал хIаракат бахъизе ккола БетIергьан рехсолел ва ахираталъе пайдаяб гIамал ккураллъун рукIине. Анас асхIабасдасан бицараб хIадисалда буго жамагIаталда рогьалил какги бан бакъ баккизегIан Аллагь рехсолагоги вукIун, кIиго ракагIат какил барав чиясе, гьеб букIинин тIубараб хIеж-гIумра гьабураб гIанасеб кириян.

ТIубараб хIеж-гIумра гьабураб гIанасеб кириян абулагоги аварагас гьеб лъабго нухалъ такрар гьабун буго (Тирмизи).

Цо-цо заман буго лагъас гьабураб гIамалалъул кириги цIикIкIинабун хъвалеб, жиб сабаблъун цоги лъикIал ишалги тIаде цIалеб, балагь-къварилъаби нахъеги чIвалеб. Гьединалдаса буго рогьалил гIужги. Аварагас бихьизабухъе, руго цо-цо дугIаби рогьалида цIализе реццарал. Гьезул чангоязул рехсей гьабила.

– Абу-Зар асхIабасдаса бицунеб буго аварагас къаси вегизе вахунелъул абулаанин “Я Аллагь , Дур цIаралдалъун дун чIаголъула ва хвезеги хола”, - ян. Макьидаса вигьиндалги абулаанин “Щибаб рецц Аллагьасе буго, ниж хун хадур тIаде рахъинарурав. Къиямасеб къоялъ хIисаб-суал гьабизе тIаде рахъинги Гьесухъго буго”, - ян.

Макьидаса ригьиндал гьабулеб дугIаги буго:

الحَمْدُ لِلَّهِ الَّذي أحيانا بعد ما أماتَنا وإلَيْهِ النشُور

АлхIамду лиЛлагьи ллази ахIяна багIда ма аматана ва илайгьи ннушур» (Бухари).

– Аварагас абунин Абугьурайратидасан бицунеб буго хIадис: «Нужер цонигияв макьидаса вигьиндал, гьес абе “Щибаб рецц Аллагьасе буго, дир рухI нахъе буссинабурав, черх сах гьабурав ва Гьев цIидасан рехсезеги дие изну кьурав”, - абун. Гьеб дугIаги ккола:

الحمدُ لِلَّهِ الَّذي رَدَّ عَلَيّ رُوحِي، وَعافانِي في جَسَدِي، وأذِن لي بذِكْرِهِ

«АлхIамду лиЛлагьи ллази радда гIалая рухIи, ва гIафани фи жасади ва азина ли бизикригьи (Ибн Ас-Сунни).

– ГIаишатидасан бицун буго: «Аллагьас макьидаса вигьинавун жиндир рухI нахъе буссинабун хадуб жинца “Лагълъи гьабизе кколеб жо щибниги гьечIо цохIо Аллагь гурони, Жив цо вугев, гIахьаллъи гьабулев цогияв гьечIев, Гьесие буго кинабго мулк, ханлъи, Гьесие буго кинабго хIамд-рецц, Гьев вуго кинабниги жоялда хIалкIвей бугев”, - абун, цонигияв гьечIо Аллагьас гьесул мунагьал чурун гурони, гьел мунагьал ралъдада полопгIан гIемер рукIун ратаниги», - ян. ХIадисалъулъ рехсараб гьабги ккола:

لا إِلهَ إلا الله، وحده لا شَريكَ لَهُ، لَهُ المُلْكُ، وَلَهُ الحَمْدُ، وَهُوَ على كُلّ شيء قدير

«Ла илагьа илла Ллагьу, вахIдагьу ла шарика лагьу, лагьул мулку, ва лагьул хIамду, ва гьува гIала кулли шайъин къадир» (Ибн Ас-Сунни).

– Абугьурайратидасан бицун буго: «Рогьел баккулелъул ва сардил гIуж тIаде щолелъул жинца “Аллагьасе данде кколарелщинал сипатаздаса Гьев вацIцIад гьавула ва щибаб реццги Гьесие гьабула”, - ян нусго нухалъ абулев щив чи вугониги, Къиямасеб къоялъ гьесие щваралда релълъараб ажруялдалъун вачIунев цониги чи вукIунаро, гьединабго абурав ялъуни жеги цIикIкIинабурав хутIун», - ан. Гьеб тасбихIги буго:

سُبْحانَ الله وبحمده

» ُСубхIана Ллагьи ва бихIамдигьи», - абураб (Муслим).

– Абугьурайратица рехсолеб буго тасбихI, жиб аварагас r рада-радал абулаанин абун: «Я нижер Аллагь , Дудалъун ниж рогьалилъе лъугьана ва Дудалъунго къаси заманалъулъеги лъугьуна, Дудалъун ниж чIаголъула ва хвезеги хола, нижер руссинги ахир Къиямасеб къоялъ Духъе буго», - ян. Гьебги буго:

اللَّهُمَّ بِكَ أصْبَحْنا، وَبِكَ أمْسَيْنا، وَبِكَ نَحْيا وَبِكَ نَمُوتُ، وَإِلَيْكَ النُّشُورُ

«Аллагьумма бика асбахIна ва бика амсайна, ва бика нахIя ва бика намуту, ва илайка аннушур», - абураб (Абу Давуд).

– ГIусман-асхIабасдасан бицараб хIадисалда буго: «Щибаб къоялъ радалги къасиги лъабго нухалъ жинца “Гьединав гьев Аллагьасул цIаралдалъун байбихьула, Жиндир цIаралдалъун байбихьиялдалъун зобалазулъги ракьазулъги сунцаниги зарал гьабуларев, Живги кинабго рагIулев ва лъалевлъун вугев” абурав чиясе сунцаниги зарал гьабиларо», - ян. Гьеб тасбихIги буго:

باسْمِ اللَّهِ الَّذي لاَ يَضُرُّ مَعَ اسْمِهِ شَيْءٌ فِي الأرْضِ وَلا في السَّماءِ، وَهُوَ السَّمِيعُ العَلِيم

«Бисми Ллагьи ллази ла язурру магIа исмигьи шайюн фил арзи ва ла фи ссамаи, ва гьува ссамигIул гIалим» (Тирмизи, Абу Давуд).

– Абу Дардаидасан бицараб хIадисалда буго: «Щибаб къойил рогьалилъги къаси заман щолелъулги анкьго нухалъ “Аллагьасдалъун гIей гьабула, лагълъи гьабизе кколевлъунги Жив гурони цогияв гьечIев, тавакалги Гьесде тIамула, кIудияб ГIаршалъул бетIергьанги Гьев вуго”, - ян абурасе Аллагьас гIей гьабила, жинца дунялалъулги ахираталъулги хьуллъунщинаб ишалъулъ», - ан. Гьеб тасбихI буго:

حَسْبِيَ اللَّهُ، لا إِلهَ إِلاَّ هُوَ، عَلَيْهِ تَوَكَّلْتُ، وَهُوَ رَبّ العَرْشِ العَظِيمِ

«ХIасбия Ллагьу, ла илагьа илла гьува, гIалайгьи тавакалту, ва гьува раббул гIаршил гIазим» (Ибн АсСунни).

Гьал рехсарал тасбихI-тахIмидал гьаризе гIемер заман бахъулеб яги захIматаллъун гьечIо, нилъеего бокьи гурони. Ин ша Аллагь, гьел цIуниялдалъун Аллагьас нилъедаса нахъе росила балагьал, къварилъаби ва Жиндир рахIмуялдалъун кIудияб ажруги гьабила. БетIергьанас кумек гьабеги щивасе аварагасул малъахъваял цIунизе ва гIамал бацIцIад гьабизе.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...


Муфтияталъул вакилзабазулгун дандчIвай

Буйнакск районалъул администрациялда тӀобитӀана районалъул бетӀерасул ишал тӀуразарулев Маликов Табиридаги гьенире рачӀарал Динияб идараялъул вакилзабаздаги гьоркьоб данделъи. Гьоркьор лъунги рукIана цадахъ рекъон хӀалтӀи гьабиялда хурхарал суалал. Данделъиялда гӀахьаллъана Буйнакск шагьаралъул ва...


«Шукруялъул мажлис»

Рамазан моцIалъул хIурматалда, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ тIоби-тIана «Шукруялъул мажлис» абун цIар лъураб руччабазул данделъи.   Гьениб лъималаз ри-кIкIана кучIдул, ахIана нашидал, бихьизабуна ясал цадахъ кIал биччазе иналъул ва цоцазул тIалаб гьабиялъул хIакъалъулъ...