Аслияб гьумералде

Бищун Аллагьасе бокьулеб гIамал

Бищун Аллагьасе  бокьулеб гIамал

ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго (магIна): «Дур БетIергьанас амру гьабуна, нужеца Гьесие гурони цогидазе гIибадат гьабуге, эбел-инсуе лъикIлъи гьабе…», - абун.

Аллагь цо гьавиялда хадубго эбел-инсул хIурмат гьабизе кколеблъи рехсеялъ бихьизабулеб буго гьелъулъ кIудияб амру букIин. Ахираб заманалда гIемер кколел руго жидерго умумузде данде лъимал рахъиналъул хIужаби. Лъидаха лъалареб кигIанасеб захIматги бихьун гьел гIезарулелали, гьелъул гIемерисеб захIмалъи эбелалъ баччизе кколеблъи. Хирияб хIадисалда буго:

«Ибну МасгIудица аварагасда гьикъана Аллагьасе бищун бокьулеб гIамал щибилан. ГIужда как бай бугин абуна гьес. Хадуб щиб бугебилан цIехедал, гьес абуна эбел-инсуе лъикIлъи гьаби бугин. Хадубги щибилан гьикъидал, аварагас жаваб кьуна Аллагьасул нухда жигьад гьаби буго», - ян.

Капурал ругониги эбел-инсул адаб тезе бегьуларо. ХIадисалда буго: «Асмаица бицун буго, къурайшиязулгун кьалда рукIаго жеги бусурбанлъичIей дир эбел ячIанин нижехъе. Дица аварагасда гьикъанин гьелъулгун гьуинлъи гьабилищин, гьей къабул гьайилищин абун. Къабул гьаейин жаваб гьабунин гьес», - ян.

Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Аллагь разилъи эбел-эмен разилъиялъулъ буго. Гьесул ццим бахъин – умумузул ццим бахъиналъулъ буго», - ян.

Абугьурайратица эбелалъул рокъоса къватIиве вахъунеб мехалда, нуцIикIалтIаги чIун, абулаан: «Ассаламу гIалайка, я умматагь! Ва рахIматуллагьи ва баракатугьу», - абун. МагIана: (Аллагьасул саламги баракатги лъеги дуда, дир эбел). Гьелъ жаваб кьолаан: «Ва гIалайка я буная, ва рахIматуллагьи ва баракатугьу», - абун.

МагIна: (Дудаги лъеги Аллагьасул саламги баркатги). Хадубги гьес абулаан: «РахIимакуллагьу кама раббайтани сагъиран», - абун. МагIна: (Аллагь гурхIаги дуда дун хьихьаралъухъ). Гьелъги абулаан: «РахIимакаллагьу, кама саррартани кабиран», - ян. МагIна: (Дудаги Аллагь гурхIаги, гьадин кIодо гьаюн дун йохизаюрав).

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2025-04-15 (Шаввал 1446 с.) №8.


Къо-мех лъикI, къо-мех лъикI шагьру рамазан

Къварилъун пайда щиб, гIодун хайир щиб, Баркатал гIемераб шагьру рамазан, БачIараб лъачIого къокъулеб бугин. Къварилъун пайда щиб, гIодун хайир щиб, МустахIикъаб дандчIвай кIвечIин гьабизе. Къуръан жинда жаниб рештIараб щагьру, Щвалде щвараб хъулухъ лъачIо гьабизе, Лайлатул къадриги жаниб...


Гъазалъул вакил муфтиясухъе щвана

КIалбиччанкъоялда цебе Дагъистаналъул муфти АхIмад-афандихъе вачIун вукIана Гъазалъул секторалъул вакил Юнис АхIмад. Гьев ккола Гъазалде гуманитарияб кумек щвезабиялъе квербакъи гьабулев чи. Гъазалъулазе кумек гьабиялъул мурадалда бакIарараб къайи, кванил нигIматал хIажатазухъе щвезаби буго цIакъ...


Нужее баяналъе

1. Хандакъалъул гъазават кида байбихьараб? – Гьижрияб щуабилеб соналъ. 2. Хандакъ бухъеян лъица малъараб? – Салману Фарисияс. 3. Исламалъул инженер абун лъида абулеб? – Салману Фарисиясда. 4. Аварагасулгун ﷺ къотIи хвезабизе бану Къурайзатал лъица ахIарал? – ХIуяй...


Какие хIадурлъи

Аварагасул ﷺ хIадисалда рекъон, как диналъул хIуби ккола. Гьединлъидал, как баялде цIакъ кIвар кьезе ккола. Жакъа гIемерисез сундулго пикру гьабичIого бала как. Амма пикру гьабизе ккола.   ТIоцебе какие чурила. Гьебги чурила кIванагIан хIузур цIунун, ай цIалулел азкаразул пикру гьабун. Гьел...


Суал-жаваб

Сапаралъ унаго как базе чIаралъуб жамагIат гьабун как балезда хадуб, гьез къокъ гьабун батилинги ккун, базе нахърегIидал, кIиго ракагIат тIубалелъул халлъани гьез къокъ гьабун как балеб гьечIеблъи, щиб гьабилеб? Сапаралда как къокъ гьабизе ккани ругел шартIаздасан цояб буго сапаралда гьечIесда...