Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Сапаралъ унаго как базе чIаралъуб жамагIат гьабун как балезда хадуб, гьез къокъ гьабун батилинги ккун, базе нахърегIидал, кIиго ракагIат тIубалелъул халлъани гьез къокъ гьабун как балеб гьечIеблъи, щиб гьабилеб?

Сапаралда как къокъ гьабизе ккани ругел шартIаздасан цояб буго сапаралда гьечIесда хадуб как (къокъ гьабун балеб бугони) бангутIи. Къокъ гьабун баларесда хадув вилъани, гьесда тIадаб букIуна, гьесда хадув вилъун, къокъ гьабичIого как бан тIубазабизе, ай ункъабго ракагIат базе.

Сапаралда вукIун как къокъ гьабун балесда хадув нахъвилъани сапаралда гьечIев, гьеб хIалалъулъ къокъ гьабулесе щибго къварилъи гьечIо, гьес жиндирго как къокъ гьабун бала. Гьединаб хIал ккедал къокъ гьабун балесе лъикIаб буго, салам кьун какдаса тIубараб хIалалъулъ нахърилъараздехун вуссун, «нужеца нужерго как тIубазабе, дун сапаралда вугев чи вуго», - ян абизе.

ГIимранидаса бачIараб хIадисалда буго: «Я шагьаралъул агьлу, нужеца ункъо ракагIат бай, ниж руго сапаралда бугеб агьлу», - абун.

(«Фикъгьул мангьаж»)

 

 

 

Авабиналъул как щиб кколеб ва чан ракагIат гьелъул бугеб?

Авабиналъул как ккола маркIачIул какда хадуб балеб суннатаб как. «Авабин» абураб рагIул магIнаги буго Аллагьасде ﷻ руссунел яги тавбу гьабулел абураб. Гьеб какги рикIкIуна, цогидал гъапуллъараб заманалда, унго-унгояб тавбу ва Аллагьасул ﷻ разилъи тIалаб гьаби.

Гьеб базе бегьула боголил как ахIилалде, бокьараб заманалда, амма лъикIаблъун бихьизабун буго маркIачIул какда хадуб, ратибат байдал, базе. Гьелъул балеб къадарги буго кIиго ракагIаталдаса анцIила кIиго ракагIаталде щвезегIан. ТIоцебесеб ракагIаталъулъ АлхIамалда хадуб цIализе суннатаб буго суратул «Кафирун», кIиабилелда – «Ихлас».

ХIадисалда буго: «МаркIачIул какда хадуб 6 ракагIат суннатаб какил барав чиясе тIубараб лъагIелалъ гIибадат гьабурасе гIадаб кири хъвала», - абун. (Тирмизи, ибну Мажагь).

(«ФатхIул бари», «МажмугI»)

 

 

 

Налъи букIун закагIат босарав чиясул ихтияр бугищ, щвараб гIарац, налъиги бецIичIого, цогидаб бакIалде харж гьабизе?

Налъукь ругел гIадамал (гъаримун) ккола закагIаталъе мустахIикъазул цо тайпа.

ЗакагIаталъул гIарац жидеего бокьухъе хвезабизе ихтияр бугел мискинзабазда дандеккун, налъи тIаде ккаразда тIадаб буго щвараб закагIаталъул гIарац цохIо налъи бецIиялъул мурадалда хIалтIизабизе.

 («МажмугI шархI Мугьаззаб», 6 бутIа)

 

 

 

Къуръан къаси-къаси цIикIкIун цIализе хирияб бугищ?

Къуръан цIалиялъул хиралъиялъул хIакъалъулъ гIемерал хIадисал руго. Гьеб ккола ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ калам.

Къуръан рикIкIуна Аварагасул ﷺ бищун кIудияб мугIжизатлъун. Гьеб къаси-къаси цIалиялда тIадчIей гьабизе лъикIаб буго.

Имам ТIабаранияс ва цогидазги Сагьлу ибну СагIдидаса бицараб хIадисалда буго: «Муъминчиясул хиралъи сардилъ вахъун гIибадат гьабиялъулъ буго», - ян.

Цогидаб хIадисалда буго: «Я ГIабдуллагь, мун вукIунге къаси вахъун цин какал ралев ва хадуб гьеб иш рехун толев чиясда релълъун», - ян.

Къаси мехалда гьабураб гIибадаталъухъ щолел лъикIлъаби гIемер рукIана. Гьединго ТIадегIанав Аллагьас сардил ахиралда гьабулеб дугIаялъе жаваб гьабула.

Аварагасул ﷺ исраъ къаси мехалъ букIана.

Имам Муслимица бицараб хIадисалда буго: «Къаси мехалъул дагьабго заман буго жиндилъ дугIа гьабурасе жаваб гьабулеб», - ян.

Къаси мехалъ цIалулеб Къуръаналъулги ралел каказулги хиралъи цIикIкIуна гIемер гьабиялда бан. Зарал кколеб батани, тIубараб сордо гьелда тIад инабизе карагьалъула.

 

 

 

Имам щуабилеб ракагIат базе тIаде вахъани, нахъа ругез щиб гьабилеб?

Нагагьлъун имам щуабилеб ракагIат базе мекъи ккун тIаде вахъани, гьесда нахъа как балез лъазабизе ккола гIодов чIаян. Амма имам, жив витIун вугин абун гIодов чIечIони, гьесда нахъа как балел, имамасда хадуб, гьесда цадахъ, щуабилеб ракагIаталъе рахъине бегьуларо. Имамасда нахъа как балес, гIодовги чIун ташагьуд цIалила, цинги салам кьола яги имамасухъ балагьун чIун, гьесда цадахъ салам кьела.

(«ИгIанатул ТIалибин»)

 

 

 

ХIайизалда йикIаго чIужугIаданалъ какие ялъуни паризаяб черх чуризе бегьулищ?

ХIайизалъул заманалда гьабураб какие ялъуни паризаяб черх чури рикIкIунаро. ХIарамаб букIинги лъан чIужугIаданалъ гьеб гьабуни, гьей мунагьалде ккола. Гьеб рикIкIуна диналъулъ тIасамахIлъи гьабилъун. ХIарамаб букIин лъалеб букIун батичIони мунагьалде кколаро. 

 («Мугънил МухIтаж»)

 

 

 

Мавлид ахIизе бегьулищ?

Мавлид ахIизе бегьиялъул шаргIияб хIукму гьелъул магIнаялда бан букIуна. Масала, Аллагьасул ﷻ сипатазул, ялъуни Аварагасул ﷺ, яги лъикIал чагIазул ва тIабигIатазул хIакъалъулъ назмаби ахIи лъикIаб гIамаллъун рикIкIуна. Мавлидазда рукIунел назмабазулъги цебе рехсараб магIна гурони букIунаро. Гьелдаса босун, мавлид ахIизе ва гьелъухъ гIенеккизе бегьула, кириги хIасуллъула.

(«ТухIфатул МухIтаж»)

 

 

 

ЖамагIат гьабун как балелъул цебесеб кьер цIун батани, хадусеб кьер кин байбихьизе кколеб?

ЖамагIат-какда цебесеб кьер цIун батидал, хадусебги, тIоцебесебго гIадин, цIезебизе лъикIаб буго, ай цо чи вачIани, гьев нахъа чIела, имамасул кваранаб рахъалда дандбитIун. Хадув вачIарав гьесул квегIаб рахъалда чIела, имамасда нахъа вугев чиясда дандбитIун. КIиго яги цIикIкIун чи вачIани, кьер байбихьизе лъикIаб буго имамасда нахъаги чIун, кваранаб яги квегIаб рахъалдехун гуреб.

(«ТухIфатул МухIтаж»)

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


ХIикматал махлукъатал

Попугай ччугIа Пляжал гIуцIулеб. Гьеб ччугIил щибаб чIандероялда руго нус-нус гьитIинал, горал гIадал жал цоцалъ щулаго гъункун лъугьарал, гозоялъул кинниги сипат бугел цаби. Цабиги руго батIи-батIияб маххалдасаги къвакIарал. Цабзаздалъун гьез кораллал къунцIула. Габуралъул рахъалдаги руго жеги...


Мисал босула

Бищун талихIавлъун ккола Аллагьас ﷻ тIадкъарал хIукъукъалги тIуралев, хирияв Аварагасул ﷺ суннатги цIунулев ва исламалда рекъон хъизан-агьлуялъе тарбияги кьолев чи. Лъимералъ тIаса бищулеб нух бараб букIуна эбел-инсуда.   ГIемер абулеб рагIула, эбелалда яги инсуда релълъарав вугин абун....


ДугIаялъул хиралъи

ДугIа гьаби ккола гIибадаталъул ракI гIадаб жо. ДугIа гьабиялда жаниб лагъас жиндирго мискинлъи, гIодовегIанлъи, Аллагьасде ﷻ живго хIажалъи, Аллагьасул ﷻ бечелъи загьир гьабулеб буго. Кинабго жоялъулъ Аллагьасде ﷻ гьардолел рукIине ккола. Нилъее, Аллагьас ﷻ кьураб гурони, щибго жо...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...