Аслияб гьумералде

Эбел-эмен рази гьаре

Эбел-эмен рази гьаре

ЛъикIал чагIаз абула адаб гьабиялъ гурони чи тIадегIанлъичIин ва гьеб теялдалъун гурони гIодовегIанлъизеги гIодовегIанлъичIин абун. Адабалъ чи кидаго берцин гьавула ва гIадамазе вокьулевлъунги лъугьуна. Гьеб гьечIев халкъалдаго рихуна.

Адаб цIунизе кколезул бищун цересел руго эбел-эмен. Къо бахъанагIан гIемер халлъула гIун бачIунеб гIелалъ эбел-инсул толеб бугеб адабалъул, гьабулареб хIурмат, хъачIго кIалъай, малъараб, тIадкъараб иш тIубазабунгутIи, камулел гьечIо гьездаса барщун чIаралги. Гьел руго цIакъ какарал пишаби. Эбел-инсудехун гьабизе кколеб адабалъул хиралъиялъул, гьезда аскIор цIунизе кколел гIурхъабазул бицун бахъунаро, бугониги рехсей гьабила чанго адабалъул.

– Гьез бицунелъухъ берцинго гIенекки.

– Цонигиял тIаде рачIиндал, кIодо гьарун, тIаде рахъин. Бицен буго, Юсуп аварагасул наслуялъул лъималазул цонигиязе авараглъи кьунгутIиялъе сабаблъун кканин эмен вачIараб мехалъ гьев тIаде вахъунгутIи.

– Гьез малъараб гьебсагIатго гьаби. (Аллагьасде гIасилъи ва шаргIалда данде кколареб жо хутIизегIан).

– Адаб толеб куцалда гьел ругеб бакIалда цересан рилъунгутIи, рес къотIараб бакIалда къварилъи букIунаро.

– Гьезулгун кIалъай гьабулелъул гьаракь борхизабунгутIи.

– Гьезул ахIиялъе берцинаб къагIидалда, хIеренал рагIабаздалъун жаваб гьаби. Машгьураб къиса буго пуланав асхIабас лагъ тархъаравин эбелалъ ахIулеб мехалъ рикIкIада вукIун гьаракь борхизабун жаваб гьабиялдалъунин абун.

– Гьезул разилъи тIалаб гьабизе цIакъ бахъи. Аварагасул r хIадисалда буго:

«Аллагьасул разилъи эбел-инсул разилъиялъулъ буго, ццим бахъинги гьезул ццим бахъиналъулъ буго», - ян (Тирмизи).

– Гьел ругеб бакIалда кваналелъул, гьез байбихьи лъезегIан чIела.

– Нухда унаго яги жанире-къватIире лъугьунелъул гьел цере гьарила. Гьел рахъунчIун рукIаго гIодорги чIеларо.

– Гьел чорхол хIал загIиплъун лъугьараб мехалда хIаракатаб бахъила жиндирго квераз кваназаризе, жиндиего ва лъимал-хъизамазе гьабулелдасаги цере гьарила.

– Гьабураб лъикIлъи, адаб гьезда бадиб чIвангутIи.

– Гьумер букIкIинабун, ццим бахъун гьезде валагьунгутIи.

– Сапаралъ рахъунелъул гьезул изну тIалаб гьаби. ХIакъикъаталдаги эбел-инсул къимат лъалел чагIи руго гьел гьечIого хутIарал. Гьединлъидал, диналъул агьлу, муъминзаби, нилъ ратиялъе сабаблъун ккарал ва къаси-къад хIалхьи тун нилъее гIоло гIумру тIамулел чагIи руго эбел-эмен. Гьел чIаго рукIаго гьабизе ккола нилъеца гьезул адабги къиматги.

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...