Аслияб гьумералде

Ахираталъул нуцIа

Ахираталъул нуцIа

Ахираталъул нуцIа

Хвел букIин хIакъаб буго. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналдаги абуна (магIна): «Щибаб жо хвезе буго», - ян (сура «ГIанкабут», аят 57).

 

Нилъеда ракIалдего кколаро дун хвезе вугин абун. ХIакъаб жо, хвел щивав чиясда тIаде щола. Гьаб дунял тун цогидаб дунялалде нилъ гочуна. Гьенибе цадахъ босулеб жоги буго нилъерго гIамал. ГIали ибну Абу-ТIалибица абуна: «Хвел гIемер рехсарав чи Аллагьас ﷻ дагьаб кьуралда гIей гьабун чIола», - ян.

Хвеларин ракIалде ккарав чиясе бокьула дунялалда хадув лъугьине ва бечелъи бакIаризе. Хвел кIочон теялъ гьев цIала мекъал жал гьариялде. Амма хвалил пикру гьабулеб бугони ракIалда щвезабула ахират букIин, Аллагьасда ﷻ цеве чIезе кколеблъи.

Абула хвел кIочон теялъ ракI чIунтизабулин абун. ГIусман ибн ЯхIяца абуна: «Хвел ракIалде щолев чиясул рекIелъе шайтIан лъугьунаро. Гьев гъапуллъараб мехалъ шайтIаналъ гьесдехун нух балагьула», - ян.

ГIажаибаб жо гьечIищ, диналъул вацал ва яцал, нилъ холин ракIалде ккунгутIи. Нижеца пикру гьабе, шайих МухIаммад Абул Яср ГIабидинил рагIабазул: «Умматалъул гIалимзаби тIадрекъана хвалие заман цIан гьечIин абиялда. Гьеб бокьараб мехалъ тIаде бачIуна. Гьелъ инсан кидаго хIадурлъи гьабулев вукIинеги ккола. Щайин абуни, хадуб ракI бухIула, амма кватIун букIуна. Гьеб жо бичIчIизе гIемерал вагIзабазде хIажатищ бугеб?» - ян.

Абула Давуд авараг хвел ва къиямасеб къо ракIалде щвараб мехалъ кутакалда гIодулаанин, хIатта лъавудаса унаанин абун. ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIмат щведал вигьа-вичунги вачIунаанин.

Хабалазде щвезе лъикIаб буго. Щайин абуни, гьелъ хвел, ахират ракIалде щвезабула.

Чиясда кIочон тезе бегьула хвезе вукIин. Ибрагьим Тайми абурав валияс абун буго: «КIиго жоялъ дир дунялалъул лазат къотIизабула: хвезе вукIин ва ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ цеве чIезе кколеблъи лъалеб букIиналъ», - ян.

Кинниги хьул халатаб жо буго. РакIалдего кколеб гьечIо хвезе вугин абун. Хьул лъейги буго бищун чи гуккулеб жо. Гьелъ гIемерал чагIи пасалъизаруна.

Жакъа балагье, гIемерав чи холев вуго тохлъукьего. РакIалда гьечIого хвеларин ккарав чиги холев вуго. ГIолохъанаб ригьалда холел гIемерлъун руго. Абула къиямасеб къо гIагарлъулеб мехалъ тохлъукьего бачIунеб хвел гIемерлъизе бугин абун. Гьелъие мисалалги нилъеда берда цере руго.

ГIали-асхIабас абуна: «КIиго пиша буго дун хIинкъулеб: гьаваялда нахърилълъин ва хьул лъей. Гьаваялда нахъвилълъиналъ инсан гьукъула хIакъаб жоялдаса. Хьул лъеялъин абуни дунял бокьизабула».

КIудияв гIалим, мужтагьид Суфяну Саврияс абуна: «Метер чIаго хутIилин ракIалде ккарав чияс хвалие хIадурлъи гьабичIо», - ян.

Гьелъул магIна ккола лъикIал гIамалал гьари нахърахъулин метерисеб къо щвезегIанин абураб. ТIаде хвелги бачIун, щибго гьабичIогоги хутIула.

ХIатаму Асамица абуна, жаназаги тIобитIун къватIив вахъарав чияс пикру гьабичIони (хвалил), гьесие гIелмуялъ, хIикматалъ ва вагIзаялъ пайда гьабуларин абун.

Ункъо чиясда гурони бичIчIуларо ункъо жоялъул къимат: херав чиясда гурони бичIчIуларо гIолохъанлъиялъул къимат. ГIумруялъул парахалъи бичIчIуларо агьлуялъул балагьалда гурони. Сахлъиялъул къимат бичIчIуларо унтаразда гурони. ЧIаголъиялъул къимат бичIчIуларо хварасда гурони.

ХIусейн ибну ГIалица абуна хвел кколин ахираталъул нуцIайилан.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...