Аслияб гьумералде

Лъабго насихIат

Лъабго насихIат

Лъабго насихIат

Нилъеда лъала, бокьараб иш кIвар кьун гьабуни, гьелъул хIасил лъикIаб кколеблъи. Амма нилъеца тIаса-масаго тани, гьелда релълъараб букIуна гьабулеб-толебги. Гьединго буго паризаяб какги.

 

Нилъеца кколеб къагIидаялъ гьелъул кIвар гьабичIони, загIипаб къагIидаялъ букIуна. Цинги нилъ цо бакIалда Къуръаналъул аятги цIалун журала васвасдизе, какалъ щай нилъ квешабщинаб жоялдаса цIунуларелинги абун. Щайин абуни, Къуръаналъул аят бугелъул цIунулин абун. Амма нилъеца лъазабуларо какда хурханщинаб жо. Цинги мухIканго гурони, хIузурго гьечIого бараб мехалъ нилъеда гурони гIайиб лъида букIунеб?

Какие хIадурлъи гьабизе ккола. Какде лъугьинегIан рекъараб буго нилъерго хIалтIаби лъугIизаризе ва пикрабиги нахъе инаризе. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ как къабул гьабизе ккани, гьеб хуз1уралда, ракI бацIцIадаб куцалда, дора-гьанир пикраби гьечIого, гIицIго Аллагь ракIалда щун базе ккола. Гьединго, как рикIкIине ккани гьелъул тIуралел шурутIал рукIуна.

Цо чияс рес буго дир кIудияб божи гьечIин Къуръаналъул аяталда. Гьикъа-бакъи гьабидал, гьес абуна Къуръаналда какалъ квешлъиялдаса цIунулин хъван бугониги жив цIунулев гьечIин абун. Ахир-къадги гьесда бичIчIана. ГIайиб какалда яги Къуръаналъул аяталда гуро букIунеб, гIайиб букIана какалъе кколеб хIакъ кьоларого букIиналъ нилъедаго, цебе ккараб куцалъ баялъ. ГIайиб букIуна какда хурхараб гIелму лъазабунгутIиялъ. Аллагьасе ﷻ рецц, БетIергьанас бичIчIи кьурав чиясда гьеб бичIчIула.

ГIемерисеб мехалъ инсанас как бала гIадатияб къагIидаялъ, ай роботалъ гIадин, щибго пикру гьабичIого, гIицIго тIаде-гъоркье къулун, гьебгиха – букъарулеб машинаялъ гIадин. Гьединго гьес какилъ цIалулеб щибаб жо цIалула магIна халгьабичIого. Гьедин бараб какалдаса инсанас гIемераб пайда щвезе рес гьечIо.

Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «ХIакълъунго какалъ квешаб ва мункараб жоялдаса цIунула», - ян (сура «ГIанкабут», аят 45).

Гьаб аяталда рекъон какил киналниги шартIал тIурани, пикру гьабун бани, инсан квешлъиялдаса цIунула. Нагагьлъун цIунулев гьечIони, какилъ гьесул гъалатI ккеялъе гIоло букIуна. Гьелъ нилъеца мунагьалги гьарула, хIалги букIуна как бачIеб гIадин.

Гьанже рехсела лъабго насихIат, какилъ хIузур букIине кумек гьабулел.

 

ГIорцIизегIан кванаге

ГIорцIун хадув чи кванани, гьесухъа бажаруларо какилъ хIузур кквезе, щайин абуни черхалъул рахIатхвей букIуна. Имам Гъазалияс «Мингьажул гIабидин» абураб тIехьалда хъван буго: «Инсанасе гIолеб квеналдаса цIикIкIун кванаялъулъ гIибадаталъе балагь буго ва гьединго дин гьабизе бокьаразеги балагь буго», - ян.

ГIемер кванаялъ ракI беццлъизабула ва магIрифаталъул, ай Аллагь лъаялъул нур тIагIинабула. ХIадисалда буго: «Нужеца ракIал чIваге кваницагун гьекъолеб жоялъ, ракIал хола гIемер лъалъани хур холеб гIадин», - ян.

ГIорцIун хадув жегиги кванаялъ инсан вачуна кколарел жал гьариялде, лугбазеги жиб балагьлъун ккола. ГIемер кванани гьесие бокьула хIарамаб жо гьабизе, масала, беразе бокьула хIарамаб жоялъухъ балагьизе ва гь. ц.

Амма квен рекъезабулеб бугони, чорхол лугбал рахIаталда рукIуна ва гьез ракI цIаларо цебе рехсараб жо гьабиялде.

 

Какие хIадурлъи

Как базегIан цебе хIадурлъи гьабе какие ва пикрабиги рацIцIад гьаре. Чуре какие киналниги суннаталгун парзалги тIуран, кибего лъимги щвезабун. КIванагIан гIодобе биччараб, лъицаниги квалквал гьабулареб бакIалда базе хIаракат бахъе. Гьединго хIаракат бахъе какил заман щвелалде бугеб хIалтIи лъугIизабизе.

 

Жалго те дунялалъул ишал

Нилъеда лъала хIалтIи-пиша гьечIев чи вукIунаревлъи. Как балалде цебе рацIцIад гьаре пикраби гьел жалаздаса. Гьедин гьабичIони как балеб мехалъ жеги цIикIкIун гьелъул пикраби гьаризе руго. Жигар бахъе какие кIвар кьезе. Имам Гъазалияс хъвалеб буго какилъ пикрабаз гIадин сунцаго мун машгъул гьавуларин абун. Гьезие бугеб дару ккола гьел нахъчIвай.

Гьединго имам Гъазалияс хъвалеб буго пикраби нилъеда тIагIинаризе бажаруларин, амма гьезие сабабал ратизе ва гьел тIагIинаризе бажарулин абунги.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...