Аслияб гьумералде

ДГИялъ кIодо гьабуна 20 сон тIубай

ДГИялъ кIодо гьабуна 20 сон тIубай

Дагъистаналъул гуманитарияб институт рагьаралдаса 20 сон тIубай кIодо гьабуна МахIачхъалаялда.

 

Гьелда гIахьаллъи гьабуна власталъул вакилзабаз, диниял ва жамгIиял хIаракатчагIаз, гIелмияб интеллигенциялъ, батIи-батIиял вузазул студентаз ва преподавателаз. Гьединго рачIун рукIана РФялъул президентасул аппараталдаса вакил ва Сириялдаса, Иорданиялдаса, Кувейталдаса, Бахрейналдаса, Узбекистаналдаса гьалбал.

Данделъаразе саламги кьун, институталъ нахъа тараб нухлулги, гьабулеб бугеб хIалтIулги бицун кIалъана ДГИялъул ректор НухIкъади БахIмудкъадиев.

 

 

 

 

 

 

ВУЗалда юбилей баркана РФялъул президентасул управлениялъул департаменталъул начальник Евгений Ерёминица.

«Гьаниб дирго беразда бихьана институталъул борхалъи. Бихьана ДГИялда, улкаялъе ритIухъал, махщел камилал специалистал хIадурулел рукIин. Гьеб буго бищун аслияб жоги», - ян абуна гьес.

Тадбиралда кIалъана ДРялъул муфтиясул гIакълучIужу ГIайна ХIамзатоваги.

«ДГИялъе кьучI лъолеб заманалда муфтияс абун букIана гIолеб гIелалъул тIабигIат берцин гьабиялдеги кIвар кьезе кколин абун. ХIакъаб жо, чиясда лъазе ккола экономикаги, лингвистикаги, филологияги ва цогидал гIелмабиги. Амма гьелдаго цадахъ гьев вукIине ккола тIабигIат-гIамал берцинавлъунги. Гьединав чи киданиги унаро квешаб нухдасан ва гьединасул вахъунаро ришватчиги. ТIабигIат-гIамал сахав инсан вукIуна улкаялъе ритIухъав унго-унгояв патриотлъун. Гьединал гIолилал куцан бажаранин абизе бегьула ДГИялда. Гьеб ишалъе кьучI лъурав мунагьал чураяв Макъсуд Садикъовасе баркала кьолеллъунги рукIине ккола нилъ. Гьес муфтиясул анищ гIумруялде бахъинабуна», - ян абун бицана ГI. ХIамзатовалъ.

 

 

 

 

 

 

АнцIгогIанасеб сон буго ДГИялъул гIелмугун лъай кьеялъул ва исламияб культураялъул фондалъулгун бухьеналда бугелдаса. Гьеб фондалъул директорасул заместитель Алексей Петровги гIахьаллъана рехсараб данделъиялда.

«Гьалгощинал соназда жаниб ДГИялъул цониги студент инчIо мекъаб нухдасан, гIахьаллъичIо экстремистазул тадбиразда ва цогидалги сурукъал ишазда. Гьелъги бихьизабулеб буго институталъул хIалтIи битIараб рахънисан унеб бугеблъи», - ян бицана А. Петровас.

ВУЗалда юбилей баркун кIалъана Татарстаналдаса, Сибиралдаса, Башкириялдаса, Москваялдаса, Санкт-Петербургалдаса, Северияб Кавказалъул республикабаздаса рачIарал гьалбалги.

 

 

 

 

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...