Аслияб гьумералде

БоцIигун сахлъи цIунулеб

БоцIигун сахлъи цIунулеб

БоцIигун сахлъи цIунулеб

Садакъа ккола исламалъ бихьизабураб нух. Садакъаялда жаниб тIолабго халкъалъе кIудияб пайдаги буго. Садакъаялъ нилъеда малъула цоцада ричIчIизе, кумек гьабизе ва цолъун рукIине. Нилъеца бицунеб буго суннатаб садакъаялъул.

 

Буго жеги паризаяб садакъаги. Гьеб ккола закагIат. ХIакъикъаталдаги гьеб ккола нилъер боцIи-мал сах-саламатго букIине бокьун кьолеб налъи. Жиндирго бечелъи цIунизе бокьарав чияс закагIат кьейин абе. ЗакагIат бахъизе кколев щивав чияс гьеб бахъулеб букIарабани, халкъалда гъорлъ цониги мискинав, рес къотIарав чи вукIинароан. Гьеб буго Аллагьас ﷻ нилъее гIуцIараб къагIидаги. 

Садакъа кьолев чиясе кIудияб кири буго. Гьеб букIуна нилъер нияталде халгьабун, хIажатаб бакI балагьун. Садакъа кьурав чи Къиямасеб къоялъ садакъаялъул рагIдукь вукIуна. Рес буго, ракI бацIцIадго кьураб садакъаялъ, инсан жужахIалъул цIадудаса цIунизе.

Бухари ва Муслимица бицараб хIадисалда буго, Аварагас ﷺ абунин: «Нужеца нужго цIуне жужахIалдаса, бащдаб чамасдакIгIаги садакъаде кьун. Гьебги батичIони, лъикIаб рагIигIаги абун», - ян.

ХIафиз ибну ХIажар ГIаскъаланияс «ФатхIул Бариялда» хъван буго: «Гьеб хIадисалъ тIоритIел гьабуна садакъа кьезе кколеблъиялде. ГьитIинабго садакъа батанигицин, хIакъирго бихьичIого, босизе ккола. Цоги, хIадисалъ тIоритIел гьабуна, кигIан гьитIинаб садакъа бугониги, гьелъ жужахIалдаса цIунулеблъиялде», - ян.

Цо нухалъ Аварагас ﷺ ГIаишатида абуна: «Я ГIаишат, жужахIалдаса мунго цIуне бащдаб чамасдакI кьунги», - ян. (АхIмад)

Нилъеда лъазе ккола, кигIан гьитIинаб садакъа бугониги, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ къабул гьабулеблъи ракI бацIцIадго кьун батани.

Цо-цояз садакъа кьоларо яги нахъбахъула гIарац щвезегIанинги абун. Гьедин соналги уна. Нахъбахъуге, кигIан гьитIинаб бугониги, кье. Гьеб чIела нилъеде рачIунел балагьазда цебе. ХIадисалда буго, нужго сах гьарейин садакъаялдалъунин абун. Садакъаялъ балагьал нахъчIвала, унтабаздаса цIунула ва сах гьарула.

СагIд ибн Абу Вакъасидасан бицараб хIадисалда буго, Аварагас ﷺ абунин: «Дуца кьураб жо дуе садакъалъун чIола, хIатта чIужуялъул кIалдиб лъураб кесекцин. Гьелдалъун рес буго Аллагьас ﷻ гIумру халалъизабизе ва дудалъун гIадамазе пайда щвезе», - ян (Бухари).

Къарумлъиялъ нилъ садакъа кьезе риччаларо. Имам Гъазалияс гьединал чагIазе даруги рехсана. Напс ругьунлъичIолъиялъул хIасил буго гьеб. Гьеб ругьунлъизабизе ккола дагь-дагьккун, дагьа-дагьаб жо кьун. Масала, цин 50 гъурущ кьела, хадуб 100 кьела, хадуб жеги цIикIкIинабила. Гьедин нилъ ругьунлъула ва гьеб гIемерлъун бихьуларо. Барахщиги тIагIуна. Гьеб къагIида имам Гъазалияс рехсана «Мизанул ГIамал» абураб тIехьалда.

ХIасанул Басрияс абуна жинца Къуръаналъул 90 бакIалда цIаланин ТIадегIанав Аллагьас Жиндирго халкъалъе ризкъи щвезабиялъе рагIи кьеялъул хIакъалъулъ, амма цо бакI батанин шайтIаналъ мискинлъиялдалъун хIинкъи кьолебгиян.

Налъи букIин кколаро садакъа кьеялдаса гьукъулеб жо. РакI бацIцIадго кьуни, Аллагьас ﷻ къабул гьабила. Амма налъи батани цIакъго кIудияб, жиндирго боцIи-малалдаса цIикIкIараб, гьеб мехалъ садакъа кьеялъул хIасил гьечIо. Садакъа кьезе суннатаб буго, амма налъи бецIцIизе тIадаб буго. Гьесие лъикIаб буго цин налъаби рецIизе ва хадуб садакъа кьезе.

Нилъер цо-цояз налъи тIаса-масаго тола, чанго соналъ кьоларо. Гьеб жо зулму гьаби ккола. ХIатта налъи кьурав чи нечолеб хIал гьабула. Налъи кьезе заман щведал, бецIизе тIалъула.

ГIабдуллагь ибн ГIамр ибн ГIасидасан бицараб хIадисалда буго, Аварагас ﷺ абунин: «Аллагьас ﷻ шагьид кинабго жоялда тIаса лъугьун тола, налъи хутIизегIан», - ян.

Жиндир боцIудаса цIикIкIун налъи бугев чияс садакъа кьеялда бан гIалимзабазул хилаф ккана. Цояз абуна гьес садакъа кьезе бегьуларин, налъи бецIизе кколин. Цогидаз абуна бегьулин, амма кьечIого тезе лъикIаб бугин, ай налъи бецIцIила. Бергьараб рагIи буго, цогидаб бакIалдаса бачIунеб гIарацалъ налъи бецIцIизе кIвани, садакъа кьеялъул щибго къварилъи гьечIин абураб. Гьедин баян гьабуна ибну ХIажар Гьайтамияс «ТухIфатул МухIтаж» абураб тIехьалда.

Амма суннаталдаги паризаялдаги гьоркьоса бищизе кколеб бугони, гIалимзабаз абуна, тIоцебе паризаяб тIубазе кколин, ай налъи бецIцIила. Амма гьесие заман кьолеб бугони, садакъа кьезе бегьула.

Гьединго, Аварагасул ﷺ заманалда нилъеда лъала жаназадул как балелде цебе, Аварагас ﷺ цIехолеб букIараблъи гьев пуланасда хадуб налъи бугищин абун. Ирсилазе рекъараб буго, тIоцебесеб иргаялда, хварав чиясул налъи кьезе.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Къо-мех лъикI Рамазан…

ХIурматияб диналъул агьлу. Гьале исанаги рамазан моцI ана нилъедаса. ТIасияб соналде щвезегIан тIокIаб гьеб бихьиларо. Амма нилъер рес бугоха рамазаналъ гьабулеб букIарабго гIамал, щибго ками ккезе течIого, тIасияб соналъги гьеб бачIинегIан цIунизе.   Хадусеб соналъ щиб букIинебали лъидаго...


Медалалдалъун кIодо гьаруна

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул медаль ва цогидалги шапакъатал кьуна «Инсан» фондалъул хӀалтӀухъабазе ва кумекчагIазе. Медалалдалъун кIодо гьаруна СВОялъул заманалда гьез гьабураб ва гьабулеб бугеб кумекалъухъ, гьединго, ВатIаналъул унго-унгоял патриотал жал рукIин бихьизабулеб...


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....


ХIикматал махлукъатал

Оляпка   Гьеб буго гIажаибаб хIинчI. Къадако хIанчIазул тайпабаздасан кколеб гьеб буго лъелъе кIанцIизе ва жаниб хьвадизе гьунар бугеблъун.   Гьеб букIуна цIорорал хехчвахулел мугIрузул лъаразул рагIаллъабазда. Лъелъеги кIанцIула квачаялъухъ хал гьабичIого. Лъелъе кIанцIула квен...


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...