Аслияб гьумералде

ЛъикIабги квешабги гьабулеб лага

ЛъикIабги квешабги гьабулеб лага

ТIадегIанав Аллагьасе рецц буго нилъеда рикIкIине льалелги лъаларелги нигIматал кьун кIодо гьаруралъухъ. Гьел нигIматазе шукру гьабизе нилъеда малъарав Бичасул Аварагасда ва гьесул агьлу-асхIабзабазда лъеги бищун хирияб свалатгун саламал.

БитIараб буго, Аллагьасул нигIматаз сверун ккун руго нилъ. Гьелги руго рихьулел ва рихьуларел, лъалел ва лъаларел, цере арал ва нахъа рачIине ругел, балъгоял ва тIатарал, ай рикIкIине тIолабго гIалам лъугьаниги, рикIкIине кIвезе гьечIелгIан гIемер. Гьел нигIматаздасанги ккола инсанасе кьун ругел лугбалги. Гьезул цо лагаялъул бицине бокьун буго жакъа. Гьебги ккола жиб гьитIинаб, амма мунагьалги кириги тIаде цIалеб лага. Гьеб буго бусурманчиги капурчиги ватIа гьавулеб лага. Гьеб буго инсан алжаналдеги жужахIалдеги вачунеб лага.

Гьебги буго мацI. МацIалъ гьабула рикIкIун бажаруларелгIанасел лъикIлъаби. ТIоцебесеб иргаялда, инсан бусурман гьавула ва куфруялдаса хвасар гьавула мацIалъ шагьадатги битIун. Хадуб, гьесие гьелдалъун щола ахираталда гIемерал кираби. Халгьабе, «АлхIамдулиллагь» абураб рагIиялъ цIадираби цIезе гьарула «СубхIаналлагьи валхIамдулиллагьи» абураб рагIиялъ зоб-ракь цIезабула кириялъ. Гьеб мацIалдалъун цо салават Аварагасде битIани, Аллагьас дуде анцIго битIулеб буго

Цо хIарпалъухъ анцIго кири кьолеб Аллагьасул Калам сунда бащалъулеб. Хирияб Къуръаналда абураб, МухIаммадил уммат жиндалъун хира гьабураб бищун хирияб калам, лъикIалдалъун амру гьабиги квешалдаса нахъе чIвайги - гьебги мацIалъ гьабулеб гIибадат буго. Гьедин, мегIергIадаб кири щолеб гIибадат гьабун бажарулеб, инсан жужахIалдаса тархъулеб гьеб лага, эркенго ва гъапуллъиялда тун, гьелдего тIаде, Аллагьасде дандеги вахъун чIахIиял мунагьал гьаруни гьеб мацIалъ, унго, гьесда Алллагьасул кIал гьикъи бихьиларищ?

Гьеб нигIмат Аллагьас нахъе босичIого телищ ва тIаде балагьал риччачIогоги толищ? Бусурманчиясда жиндиего кьурал нигIматал лъачIони ва гьеб нигIматаздалъун жеги гIасилъиги гьабулеб бугони, Аллагьас тIаде балагьал риччай хIакъаб жо буго ва тIаде риччалел балагьазул бищун кIудиялги ккола гьев Аллагьасдаса гъапул гьави, гьесие гIибадаталъе квербакъичIого тей, гьесул мацIалъ хадубги мунагьалда тIад мунагь гьаби.

Гьеб мацIалдалъун тIаде рачIунел балагьазул къадар бичIчIарав Абубакар-асхIабас, кIалдиб чIинхал кколел рукIун руго, мунагь ккезе гурин абун. Кинав Абубакарха гьев, Аллагьас Къуръаналда веццарав, Аварагасул вакьад, тIубараб уммуталъул иманалдасаги жиндир иман бергьарав. Гьесгицин кIалдиб чIинхал лъуни, хутIаразул бицинего ккеларо.

Аварагасул хIадисалда буго:

«Инсанас абизе буго рагIи, щибго кIвар гьечIин абун ракIалде кколеб, цинги гьеб рагIиялъ гьев вачине вуго 70 кIкIал жиндир бугеб жужахIалъуве», - ян.

МацIалъ гьарулел мунагьал рикIкIун бажариларо. Цо гъибат босани, гьебги гIеларищ, инсан гьалаг гьавиялъе сабаб. Амма жакъа мацIалъги гьеб мунагь гьабула, соцсетазда килщазги гьеб хъван гьабула, телефоназ цоцазухъ ахIунги гьабула, гьебгощинаб мунагь зодобе бахунеб буго умматалдасан, цинги нилъ балагьун чIун рукIуна кидалдай гIазу-цIад балебин, Аллагьасул рахIматал рещтIинародаян абун. Аллагьас кантIизареги нилъ битIараб нухде. Аллагьас I нилъер рухI бахъулеб мехалда, ахирисеб калам Аллагь разияб ккаги.

ХIАБИБ ГIИСАЕВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...