Аслияб гьумералде

Щиб жо кколеб хIижаб?

Щиб жо кколеб хIижаб?

Щиб жо кколеб хIижаб?

ЧIужугIадан гIодоегIан гьаюлеб парталищ, гьелъул гIаксалда, гьей тIадегIан гьаюлеб формайищ,  цIияб модаялда нахърилъинищ, гIарабаздасан бачIараб гIадатищ? ХIисаб гьабураб мехалда, цо-цоязда бичIчIулеб гьечIо Аллагьас парзлъун гьабураб черх бахчулеб ратIлил даражаги магIнаги.

 

Гьанже заманалда хIижаб тIаса бищарал ясазул къадар къойидаса-къойиде цIикIкIунеб буго, амма кIудиял руччабазда гьоркьоб хIижаб чара гьечIого къваригIунеб ретIел гурин абулел тамашаял харбалги раккулел руго. ХIикматаб жо гурищ гьеб?

Советияб заманалда атеизмалъул ва «светскияб»  пачалихъалъул тарбия щварал руччабазда кинго бичIчIулеб гьечIо исламияб, шаргIияб ретIа-къай как-кIалго гIадин, парзлъун гьабураб, ай чара гьечIого тIубазабизе кколеб диналъул рукну букIин.

Цо херай гIаданалъ абуна жинда бичIчIуларин гьеб жема-къемараб гIарабияб мода, нилъер умумулги рукIинчIин гьедин ретIа-къан, къваригIел гьечIел жал гьарулел ругин ясаз.  Гьединал руччабазе кинаб жаваб кьелеб?

Нижер росулъ рукIаралщинал киналго херал руччабазул ботIрода халатаб, гъалалги жаниб рараб чохтIоги гьелда тIасан кIудияб шал яги гормендоги кидаго букIунаан, риидалги, хасалоги, рокъобги, къватIибги, хIалтIулагоги, хIухьбахъулагоги. Гьебги магIарул росабазда гуреб, тумазулги, даргиязулги, Кавказалъул миллатазулги гIадатияб, миллияб формалъун букIана.

Умумуз гьабулеб букIараб кинабго Къуръанги хIадисгийищ кколеб? Нилъеда лъала имам Шамилил заманалда, дос шаригIат билълъанхъизабизегIан хъалиян цIайги, чагъир гьекъейги, ихтилат-кепги къанагIатал пишабилъун рукIинчIолъи. Шамилица дол  чагъиралъул цIурал къалал чIехьезе тIамидал, росдал къватIаздасан гIораллъун чвахун буго  гьеб Аллагьас гьукъараб гьекъолеб жо.  Умумуз гьекъолеб букIун батани, нилъецагийищ гьекъезе кколеб?

Умумуз гьабулеб букIарабщинаб беццулел нилъги  нартичирахъги бакун щайха чIоларел,  щайзе нилъее токги, газги, телевизоралги, телефоналги, жиб-жиб рокъобе бахъараб лъимги?

Умумуз, яс росасе кьолаго, бахIарай цIияб рокъое лъелго йитIулаан, яги чол гьакидаги рекIинаюн, нилъеца щайха лимузинал тIалаб гьарулел?  ЙитIизе йигоха  гIадаталда рекъон, мачуялги ретIун, шаршав гIадаб гормендоги жемун.

ХIижабалъ ясалги гIодорегIан гьаруларо, ахир къиямасеб къоялда цIадудаги нилъедаги гьоркьоб бугеб пардав буго гьеб. Цебе лъун букIарабщинаб гьан бухIизе бугила, бахчун букIараб хвасарлъизе бугила. ГIадамасул щибаб  лагаги,  халатбахъун бухIизе букIине, УхIуд мегIералдасаги  кIодо гьабизе буго, щибизе нилъее гьеб балагь, гьадингоги мунагьал гIемерал чагIазе? ХIехьезе кIолареб жойищ гьеб гъеж-кверги бохдулги бахчараб ретIел, жужахIалъул цIадудаса бакIаб жойищ гьеб цIикIкIараб  ххамил кесек.

ХIадисалдаги бугелъул, черх цебе лъолел яги тIад рекIараб, черхалъул сипат цебе лъолеб партал ретIулел руччабазда алжаналъул махIцин чIвазе гьечIилан.

ХIижабалъул бицунаго,  жибго баккун бачIунеб буго ралъдал рагIалда ретIунеб «формаялъул» суалги. Габур, гъеж яги хIатIил эгъецин чияр бихьинчиясда бихьизе изну гьечIеб мехалда, ретIелго гьечIого  лъедолел, хьвадарулел руччабазда щиб абилеб?  Добго умумуздасан бачIараб яхI-намусниги кибе араб? Бусурбабилъунги рукIун, багьадурзаби гIадал эмен-вацалги цереккун, кин кIолеб халкъалдаго  загьирлъизабизе бахчун букIине кколеб лага-черх?

 Аллагьас хIижабалдалъун чIужугIадан жавгьар-якъуталдасаги хира гьаюн йиго, гьелъул даража борхизабун буго, гьелъул берцинлъиги чIурканлъиги  чияр бихьиназул хъантIал бераздасаги чорокал пикрабаздасаги цIунун руго. Гьеб бичIчIуларел гIадамаз гурони гьукъиларо жидерго ясазда Аллагьас бихьизабураб нухдасан ине.

Цо-цояз абула рукъалде инегIангIаги щай гьеб ретIараб абун?  Щайгурелъул балугълъиялда щварал ясазда парзлъун бихьизабун букIун БетIергьан Аллагьас лага-черх бахчараб ретIел. Гьеб гуребги, гIисинал, гIун рачIунел ясазулцин лъикIаб гьечIо гьанги расги баккун букIине.

Хасго абизе бокьун буго,  гьаб хирияб дин-исламалъул берцинлъиги хIикматги бичIчIулел гIадамазда Аллагьас тIадлъурал киналго парзал цого даражаялда рихьулин, гьезул берцинлъиги, гьездаса нилъее щолеб пайдаги якъинаблъун букIунин.

Гьоркьоса бищун гьабулеб жо букIунаро дин, гьаб тIадаб, гьаб тIадаб гуреб абун. Аллагьасул каламги амруги пасат гьабизе хIинкъизе ккела.

Гьалгощинал нигIматалги кьун Аллагьас хьихьарал нилъ, напсалда хадурги  рилъун, щайтIаналъул нухдасан ине намуслъизе ккела.

ХIижабги нилъее рахIматлъун рещтIараб парз буго, гьединлъидал ракI-ракIалъ Аллагьасе щукруги гьабун, гьанжелъизегIан ккаралдаса тавбуги гьабун, бахъун бисмилагун, щулаго, тIир-тIирун хIижабги жемун, Аллагьас бихьизабураб нухдасан ине хIаракат бахъизе ккела.  Гьелда данде чIарал, кколеб куцалда гьелъие кIвар кьоларел чагIаз пикру гьабеха кьварараб жужахIалъул цIадулги, гьенир рухIизе къачIалел жидерго лугбазулги.

 

Барият МухIамадова

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...