Аварагасул ﷺ анцIго васият
Аварагасул ﷺ анцIго васият
АнцIго жоялдалъун жиндие Аллагьасул расулас ﷺ васият гьабунин абун МагIаз-асхIабас рехсолеб буго:
– Аллагьасдехун ﷻ щивго ва щибго жо гIахьал гьабуге, мун чIвалев ялъуни цIаялъ вухIулев вугониги.
Гьабулеб гIамалалъулъ Аллагьасдехун ﷻ цогидаб гIахьал гьаби ккола бищун кIудияб мунагь, гьелда хварав абадиялъ талихIкъаравги вуго. Гьебги букIуна кIиго батIияб. Цояб буго гIибадатго Аллагь ﷻ гурев цоги (хъанч, бакъ, моцI, цIва яги авараг гIадаб) жоялъе гьаби. КIиабилеб буго, гьабулеб гIамал Аллагьасе ﷻ гIоло гуреб, цоги жоялъул мурад гьоркьобе жубан гьаби. Мисалалъе, как балелъул цогияв аскIов вукIаго гIодове виччан бан, живго вугеб мехалъ хехаб къагIида гьабун, яги садакъа кьолелъул цогиязда бихьиялъул ялъуни лъикIаб иш гьабунин цогияз абизе гIоло. Гьабулеб гIамалалъулъ ихлас гьечIолъи.
– Щиб хIалалъулъ вугониги дурго эбел-инсухъ гIенеккичIого вукIунге, гьез хIалалай лъади яги магIишат-яшав рехун теян дуде амру гьабулеб батаниги.
Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабе, Гьесдехун ﷻ щибго жо гIахьалги гьабуге, эбел-инсуе лъикIлъиги гьабе», - ян (сурату «Ан-Нисаъ», аят 36). Эбел-инсул адаб тей, гьезухъ гIенеккунгутIи шаригIаталда кIудиял мунагьаздасан буго, хIатта Аллагьасе ﷻ гIибадаталъулъ цогияв гIахьал гьавиялда хадубгоги рехсола. Лъимал кидаго гIенеккизе ккола эбел-инсухъ, щиб гьез малъаниги (Аллагьас ﷻ гьукъараб жо хутIун, гьелъулъги берцинаб къагIидалда бичIчIизабизе ккола) нахъбахъичIого тIубазабизе жигарги гьабила. Гьезул ццим бахъин Аллагьасул ﷻ ццим бахъин бугин абун буго аварагас ﷺ хирияб хIадисалда.
– Парзлъун гьабураб как, щиб кканиги бокьун тоге. Бокьун, лъан как тарав чи Аллагьасул ﷻ цIуниялдаса вахъун ккола.
Паризаяб как буго чиясул гIамал жинда бараб, гьеб тейги кIудиял мунагьаздасан ккола. Аварагас ﷺ абун буго, цо как теялъухъ тамихI гьаби 70 сон жужахIалъуб гIазаб гьаби бугин абун.
– Киданиги гIакълу хисизабулеб мехтизарулеб жо гьекъоге, гьеб буго къваригIел гьечIебщиналъул бетIер.
Мехтизарулеб жоялъул гIемер бицинего ккеларо, гьеб бугин кинабниги нахъегIанабщиналъул бетIерин абураб жо гIела гIакълу бугеб чиясе.
– Аллагьас ﷻ гьукъараб гьабун Гьесде ﷻ гIасилъиялдасаги цIуни гьабе, гьелъ тIаде цIала БетIергьанасул ﷻ ццим бахъин.
Цере арал чIахIиял чагIазул аби буго: «Чияс гьабураб цо квешаб гIамалалъул тамихI буго гьелда хадуб цогиги мунагь гьабиялде гьелъ гьев вачин. Гьелдаго релълъун буго лъикIаб гIамалги, цо лъикIаб гIамал гьабидал гьелъги вачуна гьев жеги гьабиялде». Гьединлъидал, гьабун ккараб мунагьалдаса чияс нахъбахъун течIого тавбу гьабизе ккола.
БетIергьанасул ﷻ ццим бахъин щварав чи цоги жоялъ хвасарги гьавуларо.
Гьесул ﷻ тамихI гьабиялдаса ворчIизе бакIги букIунаро.
– Рагъ байбихьараб заманалда, гьенир гIадамал холел ратаниги, рагъул майданалдаса лъутуге.
– ГIемер гIадамал гьалаглъулел ругони, мунги гьезда гьоркьов вугони, вугеб хIалалда гьезда гьоркьов чIа.
Ругеб бакIалда рахунел унтаби тIиритIун яги балагь-къварилъи гIадаб жо тIаде бачIун гIадамал хвей гIемерлъараб мехалда, гьениса лъутугейин абураб магIна буго гьелъул. Гьениса нахъе иналдалъун хвасарлъи щвелин абураб пикру букIунес ракIалде щвезабе Аллагьасул ﷻ къадар, нилъеда бихьизе хъвараб бихьичIого хутIуларо. ГIелмиял цIех-рехазги бичIчIизабулеб буго гьединал хIалазда унтарав чи цоги бакIалде гочиналдалъун унтиялъул микробал цогиязде рахунин абун.
– Дурго боцIи-малалдаса лъимал-хъизамалъе къваригIараб хвезабе (напакъа кье).
Чиясда тIадал ишаздасан ккола гьес жиндирго буголъиялдаса лъимал-хъизан хьихьизе ккей. Инсанас магIишат хIалалаб нухалдалъун тIалаб гьабулеб бугони, гьеб нияталда Аллагьасда ﷻ цебе гьесие гьеб гIибадатлъунги хъвала. Къуръаналда буго (магIна): «Нужеца ризкъиялдаса напакъаде щиб жо кьуниги, Аллагь ﷻ вуго гьелъул бакIалда жеги лъикIаб нужее хисун кьолевлъун», - абун (сурату «Сабаъ» 39 аят). Нилъер абиги буго «Дуца кьуни, дуеги кьола», - ян абураб. Гьелъухъего нилъер магIишат буго нилъеца кьурабгIан цIикIкIун тIаде бачIунеб жо.
– Адаб малъун (тарбия кьун, лъикIаб-квешаб бичIчIизабун) дурго гIансаги гьездаса борхуге.
Цоги хIадисалда буго: «Нужеца цIал лъимал-хъизамазда бихьулеб бакIалда бай, гьелъ гьел гIадлуялда чIезарула», - ян. Лъималазе тарбия кьезе бихьизабун буго, тIоцебесеб иргаялда, нилъерго мисалалдалъун. Лъимал руго бицаралдасаги бихьараб хехго босулеллъун. ЛъикIаб-квешаб малъидал, гьеб гьабулеб гьечIони, лъималазе тамихI гьабизеги бегьула. ТамихI гьабиги букIине ккола хIал гьаби гьечIеб, тарбия кьеялъул нияталда бугеб, бигьаяб. Аварагас ﷺ абун буго: «Нужер цонигияс тамихI гьабулелъул гьурмада кьабуге», - ян. Кьабизе кколеб хIал бугелъубги, бихьизабураб буго сивак гIадалдалъун тагIзир гьабун, гIин кьурун, хъат бан гьабизе. Гьелдалъун тIубалареб хIалалде ккедалги абулеб буго, ццим бахъараб мехалъ гьабичIого нахъбахъун теян. Щайин абуни, ццидалъ вукIаго жиндаго хадуб хъаравуллъи гьабизе кIвечIого, ругъун лъолеб хIал гьабун ккезеги бегьулелъулха.
– Аллагьасдалъун ﷻ хIинкъи-зеги гьаре гьел. (АхIмад)
Аллагьасдалъун ﷻ хIинкъиза-рейин абуралъул магIна ккола, гьабуралъухъ ахираталда лъикIаб-квешаб жазаъ гьабизе букIин бичIчIизаби. Амма бегьуларо, Аллагь ﷻ зулму гьабулев, ццим бахъунев, лагъзал жужахIалде рехулев вугин абураб пикру лъимада жаниб лъезе.
МухIамадгIариф Къурбанов