Аслияб гьумералде

Даражаги борхизабула

Даражаги борхизабула

Хъизан данде бачине ккани, рос-лъади ракIбацIцIадго хIалтIизе ккола. Амма бихьинчияс гьелде цIикIкIун кьезе ккола кIвар. Щайгурелъул, гьев кколелъул хъизамалъул бетIер ва гьесда тIад букIуна аслияб жавабчилъиги.

 

Хъизамалда дагIба-рагIи ккечIого букIинелъун, кIиязго бихьизабизе ккола сабру, гIиси-бикъинаб жоялде кIвар кьезе бегьуларо, гъалатIалги рихьичIеб хвел гьабун тела, хасго росас цIикIкIун хIаракат бахъизе ккола хIал рекъезабизе.

Рос-лъадул гьоркьорлъаби кинал рукIине кколелали лъазе бокьани, бихьинчиясе хIажалъуларо лъилалиго малъа-хъваял, яги психологиялъул тIахьал цIали, ялъуни гьединазухъе хьвади. Гьесие гIей гьабула, дагьаб бугониги, МухIаммад аварагасул ﷺ гIумру, гьесул ﷺ рукъалъул агьлуялдехун букIараб бербалагьи лъазабуни. МухIаммад авараг ﷺ вуго щиб масъала бугониги бусурбабазе бищунго лъикIаб мисаллъун, хасго хъизамалъул суалазулъ. Аллагьасул Расулас ﷺ жинда сверухъ рукIаразда бихьизабуна хъизан-лъималгун лъикI вукIиналъ бихьинчиясул Аллагьасда ﷻ  цебе даража борхизабулеблъи.

Цо-цо бихьиназ абула лъадудехун лъикIаб, тамахаб бербалагьи гьаби, загIипав чи вукIиналъул гIаламат бугин. Лъадудехун хъачIлъи, кьварараб хасият бихьизабиялдалъун ккола бахIарчилъи бихьизабулеб бугин абун. Амма МухIаммад аварагасухъ ﷺ балагьани, гьес ﷺ рукъалъул хIалтIабазулъ руччабазе кумек гьабулаан, вукIана тамахав, щиб хIажалъаниги кумекалъе вачIуневлъун. ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «Нужер бищун лъикIав вуго хъизамалдехун бищун лъикIаб гIамалалдалъун вукIунев, дунги нужер бищун лъикIав вуго дирго хъизамалъе», - ян (Тирмизи).

Нилъер гIадамазул букIуна хъизаналдехун гьабулеб лъикIаб гIамал бахчулеб къагIида, ай цогиязда халлъани нечолеб, букIине бегьулареб жойин кколеб. Амма «…дунги нужер бищун лъикIав вуго дирго хъизамалъе», - ян абуралъухъ балагье, гьелдалъун Аварагас ﷺ бихьизабуна гьеб гIамал беццараб букIин.

Ибну ХIажар Гьайтамияс хъван буго: «Бицунеб буго, муъминзабазул амир ГIумар ибну ХатIабихъе вачIун вукIанин цо чи, чIужуялъул квешаб гIамал-хасияталда тIасан гIарз гьабизе. Гьедин вачIарав гьев ГIумарил рукъалъул кIалтIа чIун вукIанила. Цо заманалдаса гьесда рагIанила амирасул чIужуялъ гьесие бадибчIвай гьабулеб. ГIумарин абуни сабруялда, рагIи абичIого вуцIцIун чIола. Цинги гьев чи нахъе уна ва жинцаго жиндаго абула: «Муъминзабазул амирасул гьадинаб хIал батани, дица гIарз гьабизе бакIго гьечIо», - ян.

Гьеб мехалъ рокъоса къватIиве вачIуна ГIумар. Нахъе унев вихьарав гьесда гьикъула мурад щиб букIарабилан абун. Гьес жаваб гьабула: «Я, муъминзабазул амир, дун вачIун вукIана дирго чIужуялда тIасан гIарз гьабизе. Амма гьаниб дида рагIана дур чIужуялъги дуе бадибчIвай гьабулеб, цинги дица хIукму гьабуна нахъе ине, ракIалдеги ккана гьадинаб иш муъминзабазул амирасул батараб мехалда, щай дица гIарз гьабизе кколебин?» - абун.

Цинги ГIумарица абула: «Я, дир вац, дица хIаракат бахъула гьединал лахIзатазда сабру гьабизе, щайгурелъул, дир гьелда цебе жавабчилъи буго, гьелдаго цадахъ гьелъ дие квен гьабула, ретIел чурула, лъимал каранда хахизарун кваназарула. Гьеб кинабго гьелда тIадал ишазда гъорлъе кколарел ругониги. Гьелъ дие кумек гьабула хIарамалде ккезе тунгутIизеги. Гьеб киналъулго пикруги гьабун, дица хIаракат бахъула гьединаб хасият гьелъ бихьизабулелъул сабру гьабизе», - ян.

Дов чияс абула: «Я, муъминзабазул цевехъан, гьединабго хIал буго дирги чIужуялъул рахъалдасан», - абун. Хадубги ГIумарица абула: «Дуцаги, вац, сабру гьабе, гIумру къокъаб жо буго», - ян.

Халгьабеха, кьварарав, согIав, къуватав чилъун нилъее баянав ГIумар-асхIабасул чIужуялдехун букIун бугеб сабру бихьизе, гьелдаго цадахъ, щибго щаклъи гьечIеб жо, гьел асхIабзабазул руччабиги бищун лъикIаллъун рукIараблъи.

Аллагьас ﷻ  Аварагасдасан ﷺ ва асхIабзабаздасан мисал босулеллъун гьареги нилъги нилъер лъудбиги! Амин!

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


ТалихIкъосин, балагь-къварилъи, унта-щокълъи

Унти буго Аллагьасул ﷻ рахIматазул цояб, гьелъ загьир гьабула инсанасул загIиплъи ва хIалкIвей гьечIолъи. Унти рикIкIуна гIицIго черхалъул къварилъилъун гуребги, иман щула гьабизе бачIараб хIалбихьилъунги мунагьал чурулеб алатлъунги. ХIадисалда бицараб кинниги, унтараб мехалъ сабру гьабиялъ...


Казияталдасан пайда щвана

ГъазМухIаммадов Жамалудин ккола Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа. ЦIалана экономистасул махщалие. ХIалтIана батIи-батIиял идарабазда бухгалтерлъун. ГьабсагIаталда гIумру гьабун вуго ЦIияб Хушет поселокалда. Кидаго букIана спорталъулгун щулияб гьудуллъи. Гьанже нахъацин гIолохъабазда кIоларел...


Ургъел щай гьабулеб?

Гьаб заман буго ургъалаби гIемераб. Гьедин бугин абун, нилъ рукIине бегьуларо кидаго рахIатхун. Кинаб хIалалде кканиги, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кумек гьабула. Гьес ﷻ нилъ рехун толаро. Гьес ﷻ нилъее кьун буго хирияб Къуръан ракIалъе сахлъи гьабулеб ва тун руго рикIкIен гIемерал насихIатал хьул...


Хварал нухда регIулев

«Хвел-хоб кIочараб, къойил холел гIадамазул хабар рагIаниги нилъго хвелин ракIалдецин кколареб гIажаибаб дунял бачIун буго». Гьединал пикрабазда вукIаго, ракIалде бачIана хварал чагIи чурулев чиясулгун гара-чIвари гьабизе лъикI букIинаанин абураб пикру. ЦIех-рех гьабулаго, гьединав чи...


Дир гьитIинабго насихIат

Нилъер жаниса рахъ дабагъ лъугьиндал, Хвел-хобалъул хIисаб дарулъун ккола. Дуниял течIого хун унел чагIаз, ГIемераб гъапуллъи нахъе хъамула.   ХъантIун тIагIаталъе цере кколеца, Каранда нилъер ракI хIалтIизабула. Гьунар гьезул гIадин гIечIонаниги, Нилъерго кIарчанлъи...