Аслияб гьумералде

ГIицIцIаллъун рачIуна ва уна

ГIицIцIаллъун рачIуна ва уна

Цо нухалъ Абу Язид БастIамияв лъугьана пуланаб бакIалъул мажгиталъуве ва гIодов чIана цо факъигьасда сверун гьабураб горсвериялда гьоркьов. Данделъараз гьев гIалимасе кьолел рукIана батIи-батIиял суалал. Цояс цIехана пуланабги пуланабги жо нахъеги тун хварав чиясул ирсалдасан.

 

Цинги гьев факъигь лъугьана гьеб масъала баян гьабизе, ай ирс бутIабазде бикьизе, гьеб мухIкан гьабизе. Гьеб мехалда данделъаразда гьоркьоса Абу Язидица ахIана: «Я факъигь! Дуца щибин абулеб, Аллагь ﷻ тун батIияб, щибниги жо нахъе течIого хварав чиясул хIакъалъулъ?» - абун. ХIалкъаялда ругел гьесухъ балагьана ва гIодана. Цинги Абу Язидица абуна: «Лагъ щибниги жоялда маликлъун вукIунаро. Лагъ хвараб мехалда гьес нахъе толаро жиндир сайид гурони, ай Аллагь ﷻ гурони цоги жо, авалалда жив дунялалде вачIаравго гIадин, ай гIицIцIго, щибго жо жиндир гьечIого уна. Гьесул ахирги буссуна авалалде, ай гIицIцIго Аллагьгун ﷻ дунялалде вачIарав гIадин. Авалалда релълъараб ахирги буголъараб мехалъ, гьев лагъасда бихьуларо Аллагьасда ﷻ цадахъ цогидаб жо, ай гIицIцIго Аллагь ﷻ гурони».

Гьедин абулеб буго хирияб Куръаналъул аяталъги (магIна): «ХIакълъунго, нуж Дихъе рачIине руго (хIисаб-суалалъе, жазаялъе) гIицIцIго (боцIи-мал, лъимал-хъизан, данде гьабураб бечелъи цадахъ гьечIого) тIоцере Дица рижараб хIалалда. Нужеца нахъе тана (дунялалда) Дица нуж жинда маликаллъун рахъине гьарураб, нужеца щибго цебе регIичIого, нуж ахираталдаса машгъулги гьарурабщинаб жо. (Муъминзаби хутIун. Муъминзабазин абуни жидерго кIвар буссинабуна сахIихIаб, бацIцIадаб гIакъидаялде, лъикIал гIамалал гьариялде. Гьез гьабурабщинаб лъикIаб гIамал, цебе регIарабщинаб жо хабаль гьелгун букIуна, Къиямасеб къоялъ гIарасаталдаги батула)», - ян (суратул «АнгIам» 94 аят).

«РухIул баян» абураб тIехьалда рехсараб Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Инсан хвараб мехалда, гьесул гIамалал гьевгун цадахъ хабалъ рукIуна, ай хабалъе цадахъ росун уна. Гьесул гIамалал ругони хириял гIамалаздасан, гьев чи хира гьавула. ГIодорегIанал ругони, гьев гIазаб-гIакъубаялде ккола», - ян. Гьесул ругони квешал гIамалал, гьев чи кутакалда хIинкъула, гьесие гIазабги кьола, гьесул хобги бецI гьабула, хобалъ дандеги къала, ай гьесде щвечIеб захIмалъи-къварилъи, гIазаб-гIакъуба хутIуларо.

Гьединлъидал, щивас хIаракат бахъизе ккола нахъе толеб дунялалъул ишал церетIезари гуреб, хведал цадахъ босулеб лъикIаб гIамал ва Аллагь ﷻ разилъулел пишаби гьаризе.

БетIергьанас ﷻ тавпикъ кьеги! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...