Аслияб гьумералде

КъватIир чIвазарулел гьечIо

КъватIир чIвазарулел гьечIо

КъватIир чIвазарулел гьечIо

Тавбу буго Аллагьас МухIаммадил умматалъе кьураб хасаб нигIмат. Цоги жоялъухъ балагьичIого гьелъухъ гьабизе ккела щивав чияс БетIергьанасе даимаб щукруги. Щайин абуни, мунагь-хатIаъ ккедал цересел умматазе букIаралъул хIисаб гьабе, гьезие тавбулъун букIана батIи-батIияб иш. Масала, радалиде цоясул рукъалъул нуцIида яги къадада хъван батулеб букIана пуланас гьадинаб иш гьабунин, цогидазе букIана цояз цоял чIвазе кколеб тамихI. АлхIамдулиллагь, гIурхъи-рахъ гьечIеб рецц Аллагьасе , мунагьал чурилъун тавбуги кьун нилъ МухIаммадил умматалдаса рижарав.

 

КьучIаб хIадисалда Аварагас ﷺ абун буго: «Муъминичияс мунагь гьабидал гьесул рекIеда тIад лъугьуна чIегIераб тIанкI. Тавбу гьабуни, гьелда тIаса лъугьинги Аллагьасда ﷻ гьарани, ракI цIвакула. Тавбу гьабичIого тани, гьеб тIанкI дагь-дагьккун, ракI тIубанго чIегIерлъизегIан, кIодолъула», - ян.

Мунагь гьабиялъул асар загьирлъула чиясул цогидаб гIамалалдаги. Гьелъ асар гьабула гIибадаталъеги. ГIалимзабаз абула цебе гьабулеб букIараб гIадатияб гIамал гьабизе захIмалъани, гьеб бугила чиясухъа гьабун лъугьараб мунагьалъул баркат гьечIолъи. Цо-цо мехалъ гьелъул асар загьирлъула дандиясдехун, лъимал-хъизаналдехун бугеб хасияталда, хIатта жибго гьурмал кьералдаги. Абула, гьурмаде балагьунги ватIа вахъизе кIолин Аллагьасукьа хIинкъи-нич гьечIев чийилан абун.

«ЖамигIу сагъир» абураб тIехьалда хъван буго: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна (хIадисул къудсиялда): «Я Адамил лъимер! Дуца Диде дугIа гьабун гьарулеб ва мунагьаздаса вуссун Диде хьул гьабулебгIан мехалъ, Дица мун жинда вукIараб жоялъул кIвар гьабичIого тIаса лъугьун тела, мунагьал чурила. Я Адамил лъимер! Дуца гьарурал мунагьал зодоре щваралгIанасел ругони, цинги дуца Дидаса гьел чури тIалаб гьаруни, Дица сундулниги кIвар гьабичIого гьел чурила. Я Адамил лъимер! Мун Дида дандчIвани ракь цIуралгIанасел мунагьалгун, гьедин букIиналдаго цадахъ Дидехун ширк гьабураб гIамалги гьечIого, Дун духъе вачIина гьеб кинабго магъфираталъ (тIаса лъугьин) цIезабун», - абун.

Тавбуялъул хIакъалъулъ ХIасан-устарас хъван буго: «Я дир вас, дуда лъай, тавбу буго пашманлъиялъул бицен, жиб гьабиялде рачунеб жо теялде къасд бижизабулеб», - абун.

Абу Мусал АшгIариясдаса Тирмизияс бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «Аллагьасул ﷻ гIазабалдаса хвасарлъиялъе ракьалда букIана кIиго божел: гьелъул цояб борхана, цогидаб нужехъ тана, нужеца гьеб (нахъе хутIараб) ккве», - абун. Гьезул борхараб - Бичасул расул ﷺ, нахъе тараб - истигъфар букIанин абун хъван буго ХIасан-устарас.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Аллагь ﷻ гьечIо гIазаб гьабулевлъун, гьел истигъфар гьабулел ругебгIан заманалда жаниб», - абун. БетIергьанас ﷻ гIазаб гьабуларо жидеца унго-унгояб куцалда тавбу гьабун, мунагьал чури тIалаб гьабулезе.

Аллагьас ﷻ тавбу къабул гьабураздаса ратаги нилъ!

Аллагьас ﷻ лагъзадерил мунагьал чуриялъул магIна ккола мунагьал ва квешал пишаби къватIир чIвазаричIого балъго тей ва ахираталда гьезда тIаса лъугьин. Цоцазул къабихIал пишаби рахчун тун гурони къватIир чIвазаругейин БетIергьанас ﷻ амру гьабуна бусурбабазде. Гьединав, лагъзадерида гурхIулев вукIиналъ буго Аллагьасул ﷻ «Ал-Гъаффар», «Ал-Гъафур», «Ат-Таввабун», «Ар-РахIимун» абурал цIаралги.

Чиясе квешлъабаздаса вуссине кумек гьабула гьес тавбуялъул лъикIлъаби, гьабулеб букIараб гIамал теялдалъун жиндие щвезе ругел пайдаби ракIалде щвезаруни, лъикIал чагIаздехун хурхен гьабуни.

Квешал гIамалазда вугев чи пасикъзабаздехун хурхен бугевлъун вукIуна, ва бокьаниги бокьичIониги, гьезул гIадаб тIабигIат-гIамалалда вукIун, хIажат гьечIел жал гьарулевлъун хутIула.

Тавбу гьабулелъулги гIицIго кIалалъ Астагъфируллагь абун гуреб, гьеб гьаби букIине ккола ракI пашманлъун. Мунагьал гьари тун ва гьариялде тIокIалъ тIадвуссинарун абураб щулияб къасдгун, унго-унголъун гьабулеб.

ГIалимзабаз абула тавбу бугин мунагьалде вачараб ишалдаса пашманлъи. ГьабичIого хутIунгIаги букIарабани абун ракI бухIи. Тавбу гьабун лъугьуна мунагь жибго тун, тIокIалъ гьелде вуссунгутIиялдалъун, жиб гьабиялдалъун лъугьарал хIукъукъал (бикъа-хъами, нахъасан абураб рагIи ва цогидабги) бецIиялдалъун яги хIалаллъи щвеялдалъун.

Аллагьас ﷻ кантIи кьеги щивав чиясе Гьес ﷻ теян абураб тезе, гьабеян абураб гьабизе, гIисян-пискъу ккедал гьелдаса вуссун тавбу гьабизе! Амин!

 

АхIмад Къурбанов

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


Тавбуялде рачIун лъикI

Нижеда тIаса лъугьа, тIадегIанав БетIергьан, ТIабигIиял балагьал рикIкIад гьаре, я Аллагь. Ниж, щибниги лъаларел, лъавукъал муъминзаби, Лълъел балагьал тIаде щун, тIерхьинаруге, Аллагь.   Жакъа Дагъистаналде бачIараб къварилъиялъ, БичIчIана киназдаго дур хIалкIолъи, БетIергьан. Хинаб...


ЗахӀматбихьи Аллагьасе ﷻ бокьулеб иш

Исламалда жаниб хасаб бакӀ ккола захӀматалъ, хасго творческияб хӀалтӀиялъ ва ракьалда хурхараб хӀалтӀиялъ.   Росдал магӀишат ккола бищунго хириял пишабазул цояблъун, ракьалъул ургъел гьабиялъул, гьелъул лъикӀлъиялъул, Аллагьасул хIикматалда рекъон гӀадамазе квен-тӀех чӀезабиялъе ва гIмру...


МичI ва гьелъул пайда

МичI ккола некIо заманалдаго гIадамаз дару-сабаб гьабизе ва квен-тIехалъе хIалтIизабулеб букIараб пер-хер. Гьанже гьарурал цIех-рехазда лъазарун руго гьелъул витаминазул ва хIалтIизабизе бегьизабун буго батIи-батIиял сабабазе.   Ихдал кванил нигIматал дагьлъараб мехалъ, гьелъул хъархъаздасан...


Камилаб какил баракат

Хириял бусурбаби! ГIемеразул букIуна гIарз, магIишат данде билълъунарого бугин абун. Гьелги гIемерисел какго баларел ратула, балеб бугониги, щибго гьелъул кIвар гьечIел. ХIатта как базе заман гIоларин абулелцин ратула. Аллагьас ризкъи киназего кьола, амма кантIе, как-кIалги тун,...


ГIараб мацI лъаялъул мажлис

Дагъистаналъул исламияб университеталда тIобитIана гIараб мацI лъаялъул мажлис. Гьебги тIобитIана бацIцIадаб гIараб мацIалда. Мажлис тIобитIиялъе гIилла букIана студентазул гIараб мацIалде рокьи цIикIкIинаби, гьезда гьеб лъалеб куцалъухъ балагьи ва гьелде кьолеб кIвар цIикIкIинаби. Мажлисалда...