Аслияб гьумералде

ХIикматазул гъамас

ХIикматазул гъамас

Лукъманул ХIакимил насихIатал

ТIоцевесев гьудул гъоркье рехуге, кIиабилев гьудул дуда божуларин.

Дур вукIа азарго гьудул. Азарго гьудулцин дагь вуго. Амма дур цониги тушман вукIунге. Цо тушманцин гIемер вуго.

Я, дир вас! Инсан лъабго бутIаялдаса гIуцIарав вуго: цо бутIа Аллагьасе , кIиабилеб бутIа - дуего ва лъабабилеб бутIа - хIутIхIапароялъе.

Аллагьасе бугеб бутIа ккола инсанасул рухI; дуего бугеб бутIа - дур гIамал; хIапарабазе бугеб бутIа - черх ккола

Чехь цIураб мехалъ пикраби речIала, ссун уна, рагIабазул сихIкъотIула ва лугбаз гIибадат гьаби тола.

ЛъикIай чIужуялъул мисал буго ботIрода бахараб нахул мисал, жинца расазул кьалбалги тамах гьарулел ва расги лъикIлъизабулеб. Жеги гьелъул мисал буго ханасул ботIрода бугеб тажалъул. Жеги гьелъул мисал буго жидее къимат кьезе кIолареб багьа тIокIаб жавгьаралъул.

Квешай чIужуялъул мисалин абуни, къун гурони чIолареб, гIедегIараб иххалъул мисал буго. Гьединай чIужуялъ кIалъан яхъинегIан жиндихъго гIенеккизе гьарула; йилълъунаго гIедегIун йикIуна; гIодой йикIиндал хехго яхъуна; ццим бахъиндал жиндихъ гIинтIамизе хIал гьабула. Киналниги унтаби сах гьаризе кIола, квешай чIужу абураб унти кIоларо.

ГIумруялъул хIалбихьи бугесулгун ишал дандрай. Гьединав чияс гьарурал малъа-хъваязул багьа кIудияб букIуна, дуе гьелги чIорого щола.

ГIакълуялъ мискинзаби бечедаллъун гьарула.

ГIакъиллъиялъ 10 пиша тIубазабула: хвараб ракI чIаго гьабула; мискиналгун гIодор чIезе гьарула; ханзабазул макъамалде щвезегIан кIодо гьарула; цIар рагIичIев машгьур гьавула; лагъзал тархъула; чияр чагIазе рахчизе бегьулеб бакI кьола; хIажатазе кумек гьабула; сахаватазул сахаватлъи ва сайидзабазул сайидлъи тIадегIан гьабула.

ГIакъиллъи бечелъиялдасаги къиматаб буго. ГIакълуялъ хIинкъиялдаса цIунула, аскариясул къайикъонолъун букIуна, хайиралъе къайилъун, къиямасеб къоялъ цIунилъун букIуна. Нилъедаго иман лъей лъугIараб мехалъ гIакълу нухмалъулеблъун букIуна ва гьединго ратIлица гIицIлъи бахчулареб мехалъ ретIеллъунги гьеб чIола.

ХIикмалъиялъул ракьан ккве – сахаватавлъун мун лъугьина, хIикмалъи дуе бокьа - мун киназего вокьила.

Гьаб дунял кIудияб ралъдал мисалалда буго. Гьелъулъ аралги рачIине ругелги наслаби хола. Аллагьасукьа хIинкъиялъул гама бай дуего, жиндирго къайи-къонолъун Аллагьасде хьул лъей ва мугъчIвай бугеб. Жиндир квана-гьекъолеб жолъун лъикIал гIамалал ругел. Нагагь мун хвасарлъани, гьеб гIицIго Аллагьасул рахIматалдалъун букIина, амма мун хвани - дурго мунагьал сабаблъун букIина.

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...