Аслияб гьумералде

ЛъикIалъе аслу

ЛъикIалъе аслу

Аварагас ﷺ абунин имам Муслимидасан бицун буго: «БетIергьан Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго, бацIцIадаб гурони Жинца къабулги гьабуларо. Аллагьас ﷻ муъминзабазде, расулзабазда амру гьабуралдалъун амруги гьабуна “Ва, гьал расулзаби, нужеца бацIцIадаб кванай ва лъикIал гIамалалги гьаре”, (сура «ал-Муъминун», аят 51), “Ле, иман лъурал гIадамал, нужеца кванай Дица ﷻ кьураб бацIцIадалдаса”, - ян (сура «Бакъара», аят 172).

 

Анасидаса бицараб хIадисалдаги абулеб буго хIалалаб жо тIалаб гьаби щивав бусурбанчиясда тIадаб бугин.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ амру гьабуна гIамал гьабизегIанго цебе бацIцIадаб кванайилан. Цо-цо гIалимзабаз абула доб цебе рехсараб аяталъулъ бугеб «бацIцIадабин» абураб рагIиялъул магIна хIалалаб кванайин абураб бугин. Цоги аяталда уго: «Гьедин нужеца гьабичIони (риба кванан, хIарамаб нухалдалъун боцIи-мал тIалаб гьабун), гьелдалъун нужеца Аллагьасда ва Гьесул расуласда ﷺ рагъ лъазабуна», - ян (сура «Бакъара», аят 279). Цинги гьедин щвараб магIишат, боцIи-мал ахираталдаги жужахIалде ккеялъе ва гIакъуба гьабиялъе сабаблъун букIинарищха.

Аварагас ﷺ гьелъул хиралъиялъулъ абулеб буго: «Жиндирго лъимал-хъизамалъе хIалалаб тIалаб гьабизелъун хьвадулев чи вуго Аллагьасул ﷻ нухда жигьад гьабулесда релълъун, гьединго гьев вукIуна шагьидзабазул даражаялдаги», - ян (ТIабарани). «Щив чи вугониги кIикъого къоялъ хIалалаб квен кванарав, Аллагьас ﷻ гьесул рекIеда нур базабула, хадуб живги Аллагьас ﷻ дунялалдехун зугьд бугевлъун лъугьинавула» (Абу-НагIим).

Цо къоялъ Абубакар асхIабас жиндирго хъулухъчияс бачlараб рахь гьекъон буго ва хадуб цIехон буго гьаб киса бачIарабин. Гьес жаваб кьун буго: «Цо къавмалъе дица жагьилаб заманалъул къагlидаялда пал тlамуна, гьелъухъ кьураб гьабги буго», - ян. Гьеб мехалъ Сидикъас, кlалдире килщалги регьун, къватlибе лагlун бачIинабун буго рахь ва абун буго: «Бетlергьан Аллагь ﷻ, дица Дуда тlаса лъугьин гьарула бидурихьазулъе араб ва чорхолъ бессараб рахьалдаса», - ян. Гьединго гьабун буго Гlумар асхlабасги, мекъи ккун, закагIаталъ бачlараб варанидул рахь гьекъедал.

ХIалалаб квен кванай буго дугIа къабуллъиялъе сабабги. СагIдица Аварагасда ﷺ гьаранила, Аллагьасда гьарейин жив дугIаялъе жаваб гьабулевлъун лъугьинавейин. Гьеб мехалъ аварагас ﷺ гьесда малъанила дуца дурго квен бацIцIад гьабейин, цинги дур дугIаялъе жаваб гьабилин абун.

Цоги, гьеб буго паризаябгун суннатаб гIамал къабуллъулеблъунги. Ибну ГIабасица Аварагасдасан ﷺ бицун буго: «Аллагьасул ﷻ Байтул Мукъадасалда вуго цо малаик, щибаб сордоялъ жинцаги ахIулев: хIарамаб жо кванарав чиясул сарфги гIадлуги къабул гьабуларо», - ян. Сарф бугин абулеб буго суннатал гIамалал, гIадл – паризаял. Цоги хIадисалда буго: «АнцIго диргьамалде ретIелги босун, гьел диргьамазулъ цо диргьам хIарамаб букIун батани, гьеб тIад бугебгIан заманалъ рарал какал Аллагьас ﷻ къабул гьаруларо», - ан.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...