Аслияб гьумералде

ХIукуматалъулги диналъулги мисал

ХIукуматалъулги диналъулги мисал

ХIукуматги динги релълъун буго кIиго эгизалда, цояб хвезе тун, цояб хьихьун бегьулареб, ай тIубалареб. Гьединлъидал кIиялъулго, ай хIукуматалъулги диналъулги, цояб борхиялдалъун цогидаб борхиги букIуна. Дин ккола халкъалъул гIумруялъул аслу-кьучI, хIукумат ккола гIаламги гIаламалъул гIумру-яшавги, гIадлу-тадбирги цIунизе чIезабураб низамияб гIуцIи.

 

ЧIванкъотIун абуни, гьелъул магIна буго, дин гьечIого хIукуматги, хIукумат гьечIого динги тIобаларин абураб. Жиндир аслу-кьучI гьечIони, бараб бакI биххула; цIунулев чи гьечIони, ай хIукумат гьечIони, гIаламги гIаламалъул гIадлу-низамги – кинабго пасалъула. Гьеле гьедин аслу-кьучI гьечIого, «религия – враг народа» абураб [халкъалда рагIун абичIониги] ахIиялда гъоркь гIуцIцIараб букIиналъ, совет хIукумат биххана, паналъана. ХIукумат биххун хадуб халкъги пасалъиларищ, гъозда «дин» абунщинаб жо кIочон букIиндал. Цинги, гьеб атеизмалъул унтиги тIаса ун, рес щведал, гIадатияб халкъ диналде буссана. Бищунго гIажаиблъи гьабизе ккараб жо: совет хIукумат биххун хадуб анцIго соналъ рукIана вагьабиял «Ле!» - ян абулев чи гьечIого, риччан тун. Щивалиго чиясул кисиниб патрон батанила, кинавалигоясухъ таманча батанила, гьебги бахъун, гьев судалда цевеги чIезавунилан радиоялъ бицуна, дирго гIиналда чанги рагIана. Вагьабиялин абуни, колонна гьабун, рагьараб къагIидаялда, автоматалгун, пулеметалгун, гранаталгун хьвадулел рукIана. ГАИялъулги гьезда кIалъалев чи вукIунароан, постаздаги гьел чIезе гьарулароан, гьеб кинабго халкъалда бихьараб жо буго.

Гьедин гьеб букIаниги, хIакимзабийин абизего абиларо, журналисталин, атеисталин, хъвадарухъабийин абун, цо гIадан гьезда тIасан кIалъалев чиги лъугьинчIо, дида лъалебгIан къадаралда. Амма ЦIумаде, Болъихъе, ЦIияб Лак районалде вагьабиял кIанцIидал абуни, нижее умумузул дин гурони вагьабиязул дин къваригIун гьечIилан добго радиоялдасан халкъалъго ахIи бана. ХIасил, анцIго соналъ Динияб идараялъги исламиял гIалимзабазги бицунеб букIаниги ричIчIичIел вагьабиял, халкъалда рихьана ва ричIчIана, дандеги рахъана. Гьенир гIахьаллъарал милиция, ОМОН, ополченцал абун – гьел гIолохъабазе баркалаги кьуна халкъалъги хIукуматалъги, биял гIодоре тIолеб питнаялдаса цIунун Дагъистанги хутIана. Гьелдаса хадуб гьоркьоб моцI иналдего, журналистал лъаларо, атеистал лъаларо, цо-цо дагъистаниял рагьун Динияб идара какизе лъугьана, жакъаги какулеб буго исламияб динги Динияб идараги.

Вай тамаша, гIаламат! Цо жо какизе ккани, гьелдаса бугеб квешлъи, зарал букIине ккеларищ? Бихьизабеха Динияб идараялъ гьабулеб бугеб зарал хIукуматалъе яги халкъалъе. ЦIогьордизе, гIадамал чIвазейищ малъулеб бугеб, хIукуматалъул мина, тIадеги кIанцIун, Динияб идараялъищ талагьараб, халкъ жанир чIарал минабийищ Идараялъ кьвагьизарурал? Гьаб рехсараб хIакъикъат халкъалда лъалариланищ гьезда кколеб? РагIал гьечIеб майдан букIунаро, кида-къадниги гьаб киналъего къимат битIараб кьолеб заман бачIине батила, ин ша Аллагь.

 Халгьабураб заманалда, Идараги исламги какизе гьезие хIужа гьечIелъул, гьезие захIмалъараб жо – Дагъистаналда ислам тIибитIулеб букIин. Ункъого проценталдаса цIикIкIун бусурбаби ругеб Дагъистаналда ислам гурони, щибха тIибитIизе кколеб? Исламияб дин гурони, Дагъистаналда цогидал динал гьечIогойищ ругел, гьелги тIиритIун гурони, дагьлъулелго ратиларогури? Дагъистаналда, цогидал бакIаздаго гIадин, бусурбабаз гьабулеб буго исламияб дин, насранияз гьабулеб буго насраниязул дин, жугьутIаз гьабулеб буго жидерго дин, нужеца щиб динха гьабула бугеб, атеистал!? Дагъистаналда ислам гIатIилъи ккола халкъалда гъорлъа чороклъаби-квешлъаби дагьлъи. Щайдай гьаб гьазие бегьулеб гьечIеб? Гьез щай халгьабулареб, дагьабниги исламияб бичIчIи щварал гIолохъабазда гъорлъ ругищ наркоманал, ватулищ гьезда гъорлъ цонигияв саяхъ хьвадулел къокъабазда гъорлъ, бикъа-хъами, цIогьалъул гIахьалчагIилъун. Гьоркьов чи хутIичIого, Дагъистаналъул халкъ лъугьунебани ислам бичIчIулеллъун, лъугIизе букIана гIолохъабазда гьоркьоса квешалщинал хьвада-чIвадиял, руссине рукIана лъикIаб рахъалде.

Гьанжеги ургъе, мун, Дагъистаналда ислам тIибитIи захIмалъарав чи! Дуда щиб жо рихун бугеб, сунде дуца инкар гьабулеб бугеб, дуе Дагъистаналъул халкъ, сундасаги буссун, кибехун балагьизе бокьун бугеб? Халкъалъул ургъелни нилъеде тIаде кколеб жо гуро, халкъ бижарав БетIергьан вугелъул, Дос вачаралъуве инчIого инсан вукIинаро, амма нужеда лъай, хIалкIолев Аллагьас цо къоялъ нужедаги кьабизе бугеб къагьроялъул цIал! Гьелдаса нужее рорчIизе бакIги гьечIеб, нужеде щвезегIан цере рукIаралги рорчIичIел гьелдаса.

Революциялъул заманалда, рухIаниял абун цIарги лъун гIалимзаби, – гьелги расги гIайиб жидеда гьечIел, гьединго кулакалин абун цIарги лъун бечедал чагIи гъурараб куц лъалареб жо гуро. Гьел ана ахираталде, зулмуялъ чIван хваразул даражаялда. Гьел бусурбабаз жакъаги ракIалде щвезарула, гьезие дугIа-алхIамги букIуна. ГIицIго хъулухъалъе, чадие гIоло гьеб зулмуги гьезда гьабун кутакаб ракIчIеялда, чIухIун, властьги кодобе щун рукIарал ЧКялъул, «тройкаялъул» гIахьалчагIи ва гьел гурелги мунапикъзаби кире арал?! Вугищ гьезул нахъе хутIарав чи, щиб гьезул ккараб?! Нилъееги рес гьечIеб гьезда хадур инчIого. Гьеб хвелги бугеб, рухIбахъиялда витIун ккарав Алжаналъуве, мекъи ккарав жужахIалъуве лъугьунеб баб, ай нуцIа. Гьеб жужахIги бугеб, мекъи ккарасе абадияб туснахъ. Туснахъалъуве лъугьун хадуб гурони эркенлъиялъул къиматги лъалареб. ГIакълу камилав инсанас гIумруги гьабулеб туснахъалъуве ккеларев хIалалда. Аллагьги лъаларев, динги лъаларев цо гIолилас щибаб сордойил, кьижулелъул, аскIоб таманча лъолеб букIун буго, ГIизраил вачIаниян абун. Цо сордоялъ гьев радалалде хун ватун вуго. Молодаги лъун, гьев вукъизе унаго, гьесул пиша жинда лъалев вукIарав мадугьалас абун буго, молода хадувги валагьун: «Гьай хъахIбил вас! Нолъ тохлъун ккарав къагIида вугоха», - абун. Гьединаб хвел нилъеда дагьабищ бихьулеб бугеб, нилъер ракIаз рикIкIад гьабуниги, гьеб хвел нилъеда нахъа чIун буго, гьеб нужеда кIочонге.

 

 

СагIид-афандиясул «Къуръаналъул ахIуде гIавамал кантIизари» тIехьалдаса

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


ГурхIел-рахIму

Нилъер иманалъул къиматаб жавгьаразул цояб ккола гурхӀел-рахӀму. Гьеб цIакъ беццараб тIабигIатги буго. Иман щулалъиялъе, рухӀияб рахъ цебетӀеялъе, напс квегъизе гьарулел аслиял жалазул цояблъун ккола гурхӀел-рахӀму.   Гьеб ккола инсанасул цогидал гIадамаздехун бугеб хинлъи-рокьи, лъикIаб...


Нухлул къанунал цIуни

Кинал ругониги балагьал рачIиндал нилъеца цоцазе кумек гьабула. Гьеб буго тIабигIияб жоги. Амма буго щибаб къойил кколеб балагь, нилъги жинде ругьунлъараб. Гьебги ккола нухазда кколел авариял. 2026 соналъул лъабго моцIида жаниб ккана 357 авария, хвана 61 чи, лъукъана 510-яв, гьезда гьоркьор руго...


ЦIияв ректор

Саида Сиражудинова тӀамун йиго Дагъистаналъул гуманитарияб институталъул ректорлъун. Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясул рахъалдасан баркала загьир гьабуна цеве ректорлъун вукӀарав НухӀкъади БахIмудкъадиевасе, гьес гьабураб хӀалтӀухъ. Баркалаялъул гӀаламат хӀисабалда гьесие сайгъат...


Къурбаналъул гIид

ХIурматиял магIарулал, гьале тIаде щолеб буго исламалда жаниб кIудияб гIидлъун рикIкIунеб Къурбаналъул байрам.   Гьелъул аслу буго Ибрагьим аварагасдаса бачIараб. Гьебго тарих буго исламалъул щуабилеб рукнулъун бугеб хIежалъулги. Нилъер диналъул вацалгун яцал гьел къояз рукIуна хIежалъул...


Къурбан хъвей

Къурбан хъвеялъул хIукму   ШафигIиясдаги, АхIмадидаги, Маликидаги аскIоб къурбан хъвей муаккадаб суннат ккола, ай кIвар кьун тIадчIей гьабизе кколеб суннат. АбухIанифада аскIоб - шагьаразда, росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамазда тIадаб буго. («РахIматул...