Аслияб гьумералде

Лъимералда бахъараб ццим

Лъимералда бахъараб ццим

Лъимералда бахъараб ццим

МухІаммад аварагасул ﷺ заманалда Мадина шагьаралда гІумру гьабун вукIун вуго гІибадаталда тІадчІарав ГІалкъаматин цІар бугев чи.

 

Гьев унтун ва хвалде гIагарлъун вукІун вуго. Унтарав гьесухъе ине къасд гьабун буго асхІабзабаз. Гьезда гьев захІматго унтун ватидал, гьесде ишанги гьабун, абун буго: «Ла илагьа илла Ллагь» абеян. Амма унтарас гьел рагІаби абун гьечІо, чан нухалъ ишара гьабуниги.

АсхІабзабаз Билал витІун вуго аварагасухъе ﷺ. ГьебсагІат Расулуллагьас ﷺ цІехон буго гьесул эбел-эмен чІаго ругищин абун. Эмен хванин, эбел нахъе йигин абидал, аварагас ﷺ Билалги витІун, ячун ячІун йиго гьесул эбел. Гьелда гьикъун буго унтарасул хІакъалъулъ. Гьелъ бицун буго как-кІалалъе лъикІав вугин, закагIат кьолин, амма чІужуялъе мутІигІав вукIиналъ дидехун хъачІлъи биччалин абун.

Аварагасда ﷺ бичІчІун буго эбелалъул ццималъ ГІалкъаматие бугеб захІмалъи. Расулуллагьас ﷺ цІулги бакІарун, цІа бакизе тІамун вуго Билал-асхІаб. Гьениб эбелалда бичІчІун буго щиб гьабизе цІа бакулеб бугебали ва гьелъ абун буго: «Дир вас цІадаве рехезейищ бокьун бугеб?», - абун. Ва гьардезе лъугьун йиго гьеб иш гьабугейилан. Аварагас ﷺ гьелда абун буго дур ццималдасаги Аллагьасул ццим кутакаб букІунин, мун васасдаса тІаса лъугьайин абун. Эбел тІаса лъугьун йиго ва унтарав, шагьадатги битІун, къадаралде щун вуго.

Расулуллагьас ﷺ ГІалкъаматидасан жаназадул какги бан буго. Гьесул хабада аскІовги чІун аварагас ﷺ абун буго: «Я мугьажирал ва ансарал! Аллагьасул нагІана буго эбелалдаса лъади цІикІкІун йокьулев ва гьей гьелдаса тІадегІан гьаюлев чиясе. Гьединав васасул какал ва кІалал къабул гьаруларо», - ян.

 

«Эбелинги абун Аллагьас йижун,

Ракьалде биччараб Бичасул хІикмат.

Мун вихьараб мехалъ кІудияй гІолей,

Дуца тараб мехалъ гьитІинлъун уней».

 

(ЖабрагІил ХІасанов)

 

Заирбег МухІаммаднабиев

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...