Аслияб гьумералде

Аллагьасул ﷻ салам

Аллагьасул ﷻ салам

Аллагьасул ﷻ салам

Унтарасул ракI батизабе

 

Унтарасда аскIоб бицунеб хабар букIине ккола гьесул ракI батизабулеб. РакI боххиялъ лъикIго кумек гьабула сахлъи бачIиналъе. РакI къварилъиялъин абуни гьелъул гIаксалда, унти тIаде цIала ва цIикIкIинабула.

 

Мунги кин унтулев, щиб мунагь букIун щвараб дуде аб, унтизе мустахIикъавго вукIинчIин мунилан абун, унтарасухъе аралъуб гьесул ракI батизеян цо-цояз рицунел харбаз унтарасул ракI батуларо ва бохизабуларо. ГIаксалда, гьел ва гьезда релълъарал рагIаби рагIарабго унтарасул, гъоркьгоги къваридаб ракI дагьабги данде къала, тIаде лъазе биччачIониги гьев пашманлъула. Бицараб хабаралъул асар камун букIунарелъул, унтарасе бокьаниги бокьичIониги, гьел рагIабазул квешаб асарлъун бачIине рес буго гьесул рекIелъе, дун унтизе мустахIикъав вукIинчIин абураб мекъаб пикру. Щиб сабаблъун диде тIаде гьаб балагь тIамураб? Дидаса чанги квешал чагIи сахлъи-парахалъиялда руго, дунин абуни гьаб гIакъубаялда вуго. Гьадинал жалазда тIад ургъизе лъугьине рес буго дол рагIаби рагIарав унтарав. Гьединаб пикру бачIинахъего нахъчIвазе ккола инсанас. Амма дагьабниги иман загIипав чиясул рекIелъ гьеб хиял щулалъизеги рес буго.

Гьеб пикруялъул квешаб жо щибин абуни, гьеб буго Аллагьасдехун ﷻ пикру квешлъи, Дос ﷻ жиндие лъикIлъи гьабулеб гьечIилан. Лагъасул Аллагьасдехун ﷻ бугеб балагьиялда рекъараб букIунила Аллагьасул ﷻ гьесдехун букIунеб бербалагьиги. Бухарияс рехсараб хIадисалда аварагас ﷺ бицун буго Аллагьас ﷻ абунин: «Дун ﷻ Дир ﷻ лагъасул Дидехун ﷻ бугеб пикруялда рекъон вукIуна». Додинал пикрабазда вугев чиясдехун Аллагьасул ﷻ балагьи кинабха букIинеб?

КIиабизе абуни, гьеб буго Аллагьасул ﷻ къадаралда разилъунгутIи. Иманалъул рукнабазул анлъабилеб ккола Аллагьасул ﷻ къадаралда иман лъей, лъикIабги квешабги Аллагьасдасан ﷻ букIиналда божи. Квешабилан кканиги, бусурбанчиясде тIаде бачIараб балагь ахирги гьесие пайдаялъе букIуна.

Унта-щокълъи, цогидаб балагь бусурманчиясде тIаде бачIунилан бицун буго гьесде тIаде бачIине букIараб дагьабги кIудияб балагьалъул бакIалда хисун, гьесие бигьалъи гьабун. Ялъуни гьесухъа ккун букIараб мунагь дунялалдаго чуризабун, ахираталде мунагь гьечIев, вацIцIадавлъун вачине Аллагьасе ﷻ бокьун. Ялъуни гьесул даража борхизабизелъун. Халгьабураб мехалъ Аллагьас ﷻ бусурманчиясе лъикIлъи бокьун биччараб букIунеб буго тIаде балагь. Жиндие лъикIлъи бокьарав Аллагьасдехун ﷻ унтарасул лъикIаб пикру букIине ккола. Аллагьасул ﷻ рахIматалде хьул лъун, гьесул гIакъубаялдаса хIинкъун вукIине ккола. Гьединаб пикру букIинабизе аскIор ругезги кIвараб жигар бахъизе ккола. Амма аскIор ругез рицарал гьадал тIадехун рехсарал гIадал рагIабаз, унтарасулъ Аллагьасул ﷻ рахIматалде хьул лъезабуларо, гьелъул гIаксалда, тушманлъи бижизабула ва мунагьалде ккезавула. Гьелъие квербакъарал чагIилъун гьеб хабар бицарал гIадамалги рукIуна.

Къуръаналда, суратул «Маидаталда» ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго: «Нужеца цоцазе кумек гьабе лъикIлъиялъе ва Аллагьасукьа ﷻ хIинкъиялъе. Нужеца цоцазе кумек гьабуге мунагьалъе ва Аллагьас ﷻ лъурал гIорхъаби рахиналъе», - ян.

Ибну МасгIудица абуна гьаб аяталда бугеб «лъикIлъи» абураб рагIиялъул магIна бугила аварагасул ﷺ суннаталда нахъвилълъин абураб.

 

ХIабиб ХIажигIалиев

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...