КъачIого хутIараб лахIту
КъачIого хутIараб лахIту
ТIадегIанав Аллагьас хвезе бижараб буго кинабго махлукъат. Малаикасул сипатал ругев лъикIав вугониги, шайтIалъул сипатал ругев квешав вугониги, хвалил лълъар гьекъечIого ворчIуларо щивго чи. Нилъеда лъазе ккола хвел сундулго ахир букIинги. Аллагьас хирияб Къуръаналдаги гIемер бицун буго хвалил.
Хириясги ﷺ хвел гIемер рехсеян абун буго. Хвалил пикрабаз дунялалъул лазатаздаса ракI тIезабулеб букIиналъ. РакI тIеялъин абуни гIемерал квешлъабаздаса нахъчIвала, гIемерал мунагьал гьари теялдаса цIунула. Хвел ракIалде щвеялъ рес гьечIо ракI тIеренлъичIого. РакI тIеренлъун хадуб Аллагьасдаса хIинкъиги рещтIуна. Аллагьасдаса хIинкъи жаниб бугеб ракIалъ черхги гьусуларо Аллагьас гьукъараб пиша гьабизе. Аллагьасул рахIмат жиндир хобалде жанибе чвахаяв, табигIиназул цояв Салим ибн ГIабдуллагьица абуна: «Хвасарлъи бокьараздасан мун ватани, дунялалъул лазатаздехун даим кIал ккуравлъун вукIа. Гьелдалъун кIал биччайги дур хвел букIайин абе», - ян.
КIудияв гIалим Абу-Бакр МухIаммад ибн Ал-ХIусейн Ал-Аджурияс бицун буго, Масжидул ХIарамалъул будунлъун вукIарав Абу ГIабдуллагьица бицанин абун: «Цо заманалда дир мадугьалихъ вукIана гIолохъанчи. Кида дун как ахIизе унев вугониги, гьев дида хадув вахъун вачIунаан ва дица как ахIун хадуб, дунгун цадахъги чIун какги балаан. Цинги какги бан, кинабго иш тIубайдал, гьев гIедегIун рокъовеги унаан. Гьеб пиша гьабун гурони, гьесул дидехун щибго кIалъа-басайги букIинчIо. Дие абуни цIакъ бокьун букIана гьев кIалъазе, дида щиб букIаниги гьес гьаризе. Цо къоялъ гьес абуна: «Я, Абу ГIабдуллагь, дагьаб заманалъ дихъе цIализе кьезе хирияб Къуръан гьечIищ дур?», - ян. Дица, рокъосаги босун, гьесухъе Къуръан кьуна ва гьебги каранде къан, гьес абуна: «Аллагьас хъван батани, дун жакъа цо дудехун вуссун вукIина», - абун.
Гьелдаса хадуб, ай тIубараб къоялъ гьесда берго чIвачIо. МаркIачIул, хадуб боголил какдецин гьев вачIинчIеб мехалда, ургъел чIвана. Дун гьесухъе ваккизе вилълъана. Гьесул кIалтIа какичуризе гулгунги тIарсги бугоан лъун. Ва, нуцIил бакIалда, бигъараб ххамги бугоан. Гьебги борхизабун балагьидал, каранде къан хирияб Къуръангун, дида гьев гIодов чIаралъув хун ватана. ТIаде кумекалъе чиги ахIун, нижеца гьев витIизавун, бусада лъуна. Гьеб сордо дица рогьана гьесда базе мусру кисадай босила, лъидадай абилаян ургъалилъ. Мусру букIинчIо дирги рокъоб, гIарац кьун босизе ресги букIинчIо.
Рогьалил какги ахIун, как балалде цебе суннатаб как базе хIадурлъулев вукIана дун. Гьеб заманалда, Къиблаялъул рахъалда, букIинчIеб бакIалда, канлъи бихьана. Гьеб канлъухъе индал, гьениб сокIкIун лъураб мусру батана. Аллагьасе реццги гьабулаго, гьебги босун дун хварасда аскIове вилълъана. Гьениб мусруги тун, как базе мажгиталдего тIадги вуссана. Какги бан, салам кьун хадуб, мажгиталде щун ратана Сабит Ал-Бунания, Малик ибн Динар, ХIабиб Ал-Фариси, СалихI Ал-Муррия. Виххун ккун дица ахIана: «Я, дир вацал, щиб ккун нуж гьанире рачIарал?», - ян. Гьез цIехана нужеда гьоркьоса хварав чиго вугищ абун. Дица бицана, цадахъ мажгиталде хьвадулев вукIарав цо гIолохъанчи хванин абун. Гьез дида гьарана гьев хварав вихьизе жалги рачейилан абун. Дица гьел рачана. Хварасул гьурмадаса пардавги борхун, Малик ибн Динарица гьесул надалда баана ва абуна: «Я, ХIажаж, дир эмен дуе къурбанлъаяв. Цо бакIалда мун гIадамазда лъайдал, цоги гIадамазда мунго лъалареб бакIалде унаанха кидаго», - ян.
Гьев ункъасдаго кодоб батана гьесда базе мусруги. Лъил мусру гьесда балебин абун, гьезда гьоркьоб хабар ккана. Дица гьезда бихьизабуна дидаго батараб мусру, гьелъул хIакъикъатги бицана. Цинги гьелги разилъана гьеб базе.
Нижеца гьев чурана ва мусруги бан хIадурана. Жаназа къватIибе босидал, гьев вукъизе рахъарал гIадамазул гIемерлъиялъ, мали хIалихъе босана хабалалъе», - ян лъугIизабуна Абу ГIабдуллагьица жиндирго хабар.
1979 соналъ Маккаялда, хIукуматалъулгун ккараб тунка-гIусиялда гIахьаллъарав ва солдатазулгун ккараб рагъулъ чIварав МухIаммад Ал-Кахтаниясги бицун буго цо гьадинаб лъугьа-бахъин: «Цо къоялъ бакъанил какдаса хадув хваравги вукъун, ниж хабалалъа къватIире рачIунел рукIана. Хоб битIа-бишизабулаго, хIарщул цIурал кверал дица жеги чурун рукIинчIо, кIикъоялда анцIгогIан чи жидеда гьоркьовги вугеб, цоги хварав вукъизе бачIараб къапила тIаде щведал. Дун вихьидал, гьел Аллагьасул цIаралги рахъун дида гьардезе лъугьана, гьав хварав вукъизе жидее кумек гьабеян абун. Дун разилъана.
Бухъун хIадурараб хабалъе нижеца хIалихъе биччана гьез бачIараб жаназа. Гьесул бетIералда гъоркь лъезе гамачI босизе дун эхеде ворхидал, дида бихьана хварасул бетIер Къиблаялдаса буссун букIин.
Дица гьесул бетIер КагIбаялъул рахъалде буссинабун лъуна ва кIиабилеб гамачI босизе дун тIаде ворхун балагьилалде, гьев гьанжеги мекъи вуссун ватана. Къиблаялдаса руссарал гьесул берал рагьун рачIана ва кIалдисанги магIарзухъанги кутакалда махI квешаб биги бачIана чвахун. Гьеб сурат бихьидал хIинкъарав дир хIатIал сорозе лъугьана ва хабалъ вахъун чIезе кIолеб хIал лъугьинчIо. Кинниги хварасул бетIер гьанжеги кваранихъе буссинабизеян лъугьана дун, амма гьеб багъаризабизе кIвечIо. ХIинкъиялъул кутакалъ дун къватIиве кIанцIана. Цо дида гуреб киназдаго бихьана хварасе ккараб жо ва дунго гIадин хIинкъун лъугьана гьелги. Нижеда гьоркьоса тIокIав чиясда лахIдуялъуве лъугьине кIвечIо ва гьебгицин къачIого, тIаде ракьги хъван, вукъана гьев пакъир. Гьелдаса хадуб, хварасул сипат дида цебеса унеб букIинчIо, анкьго-микьго нухалъ макьилъцин бихьана. Дица Аллагьасда гьардолаго Маккаялда 15 къо бана, гIумрацин гьабуна ва гьелдаса хадуб бигьалъи лъугьун, дун Эр-Риядалде тIадги вуссана».
Кида тIаде щунги щолеб, щвечIого хутIизе рес гьечIеб амру буго хвел. Аллагьас нилъ гьареги, Жиндир рахIматалда жаниреги рачун, берцинаб хвел ва хIуснул хатимат кьураздасан. Амин.
ПатIимат ХIасанова