Аслияб гьумералде

Гьукъарал цо-цо пишаби

Гьукъарал цо-цо пишаби

ГIараб мацIалда бугеб «гъулул» сунда абулеб?

Гьеб ккола бусурбабазул байтул малалдаса, яги закаталъул боцIудаса, ялъуни мажгит-мадрасалъул боцIудаса балъго жиндиего жо боси. Гъулул гьабиги чIахIиял мунагьаздасан ккола. Гъулул гьабурав чи, гъулул гьабураб жоги босун Къиямасеб къоялъ вачIине вугин абун буго хирияб Къуръаналда.

Цо чи шагьидлъана гъазаваталда. АсхIабзабаз абуна гьесие шагьидлъи баркайилан абун. Аллагьасул Расулас абуна: «Киса, дир рухI кодосев АллагьасхIаги, гъулул гьабун босараб халгIат буго гьесда тIад цIаги рекIун, цIадул лагьиялда жаниб», - абун.

ГIужбуялъул къисмат

ГIужбу ккола чIухIиялъул аслу. ЧIухIиялъул бугеб мунагь цебе рехсана. Квешлъиялъул аслуги, гьелдаго релълъун, квешаб букIуна. Хирияб Къуръаналда Аллагьас асхIабзабаздехун хитIаб гьабулеб буго: «ХIунайналъул къоялъ нуж гIемерал ругиланги абун, нуж чIухIараб мехалъ нужее нужго гIемерлъиялъ щибго пайда гьабичIо», - абун.

Хирияб хIадисалдаги гIужбу, инсан гьалаг гьавулел, бищун чIахIиял хасиятазулъ рехсон буго. Хирияб Къуръаналда буго: «Нужеца нужго рацIцIунге, Аллагьасда лъала унго-унголъун Гьесдаса хIинкъулев чи», - ян.

ГIужбу ккола иблис къосиналъе сабаблъун ккараб бищун кIудияб гIайиб. Адам аварагасе сужда гьабеян абураб мехалъ, гьелъ инкар гьабуна ва жиб Адамидаса лъикIаб бугилан чIана. Иблис букIун буго цебеккун Аллагьасе бищунго цIикIкIун аза-азар соназ гIибадат гьабураб, хIатта малаикзабазецин жинца вагIза-насихIатал гьарулеблъун.

Нужеда гьоркьоса цояв къосине вугилан ГIаршалда хъван бихьараб мехалъ, киналго малаикзаби хIинкъун руго, иблисалда ракIалдецин ккун гьечIо жибго къосине рес букIин. Киналго малаикзаби Аллагьасда гьардараб заманалда жал къосине риччагейилан, иблисалъги гьарун буго малаикзаби къосине тогейилан, жиндиего гьелъ гьединаб дугIацин гьабун гьечIо.

ЦIогьалъул зарал

ЦIогь гьаби чIахIиял мунагьаздасан ккола. Хирияб Къуръаналда буго: «ЦIогь гьабурав чиясулги цIогь гьабурай чIужугIаданалъулги кверал къотIе», - ян.

Аварагас абуна: «Аллагьасул нагIана буго цо хоно бикъун, жиндир квер къотIулев чиясе, рухьен-квар бикъун, жиндир квер къотIулев чиясе», - абун. ЦIогьорасул тавбуги тIубан къабуллъуларо гьес бикъараб жо бетIергьанасухъе тIад буссинабичIони.

ХIатта хирияв Аварагас абуна: «Дир яс ПатIиматица цIогь гьабун букIарабани, дица гьелъулги квер къотIилаан», - абун. ХIисаб гьабе, динаралъул ункъил бутIа (300-400 гъурущ) бикьи сабаблъун къотIулеб квералъулги, гьеб учузлъулеб куцалъулги.

Гъачагълъи

Гъачагълъи гьабиги бищун чIахIиял мунагьаздасан ккола. ШаригIаталда рекъон, гъачагъас боцIи бахъани, цин гьесул цояб квер къотIула, кIиабизеги бахъани, кIиабилебги квер къотIула, лъабабизеги бахъани, кIиябго бох къотIула. Гьес боцIиги бахъани, тIаде чиги чIвани, гьев чIвазеги чIвала ва хIободаги вала.

Хирияб Къуръаналъ гъачагълъи гьабулел гIадамал Аллагьгун ва гьесул Расулгун рагъизе лъугьарал гIадамаллъун рикIкIун руго. Аллагьасги Гьесул Расуласги рагъ лъазабурал гIадамаздаса дунял-ахираталда талихIкъарал гIадамалги рукIунаро. Гьединго гьеб ккола кутакаб зулму. Зулмуги ТIадегIанав Аллагьас гьаб дунялалдаго бецIцIулеб жо буго, ахираталде щвезегIан толаро. Гьеб гьабулев чи кантIизе ккела.

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...