Аслияб гьумералде

ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго гIамал-хасияталъул гIунгутIи гуреб, чорхол иманалъе асар гьабулеб, гьединго, дунял-ахираталда нигIматаздаса махIрум гьабулеб захIматаб унтилъунги буго.

 

Киса бачIунеб гьеб кIиябго?

Гьеб кIиябго хасияталъул магIна ккола жиндилъ чиясда цогидаздаса тIокIлъи ва цогидал хIакъираллъун рихьи. ГIабдуллагь ибну МасгIудидаса бачIараб хIадисалда, гьеб мунагьалъе Аллагьасул Расулас ﷺ бищунго мухIканаб баян гьабун абун буго: «ЧIухIи буго хIакъаб жоялдаса инкар гьаби ва гIадамаздехун хIакъираб бералдалъун балагьи», - ян. Гьелъул магIна ккола чIухIарав чияс хIакъикъат жиндасаго гIодовегIанавлъун рикIкIунев чиясдасан бачIараб батани, гьеб хIакъаб букIиналде инкар гьаби ва жиндир лъай, бечелъи,  кьибил гIадал сипатаздалъун гIадамазухъ гьел сансикъ гьариялъул балагьиялдалъун балагьи.

Гьеб мунагьалъул кьибилго буго дунял-гIалам бижиялъул байбихьудаго баккараб. ЧIухIиялъул тIоцебесеб загьирлъиго букIана Адам аварагасе сужда гьабизе инкар гьаби сабаблъун иблисалъул мутIигIлъи гьечIолъи баккаралдаса. Гьелъ абун: «Дун гьесдаса лъикIаб буго, дун цIаялдасан бижана, гьев хIарщалдасан вижана», - абун. Гьеб чIухIиялъ бачана иблис Аллагьасул ﷻ нагIанаялде ва рахIматалдаса бачахъиялде. Гьелдаса нахъе чIухIи ва гIамалкIодолъи лъугьана инсанияталде данде шайтIаналъул аслияб ярагълъунги.

 

ТамихI гьаби

Диналъ мухIканго лъазабуна чIухIи бегьунгутIи. Къуръаналда Аллагьас ﷻ ва хIадисазда Аварагас ﷺ гIемер кантIизаруна бусурбаби гьеб гIамалалдаса цIуниялде. Къуръаналда буго (магIна): «Чара гьечIого Аллагьасда ﷻ лъала нужеца балъго гьабулебги тIатун гьабулебги. ХIакълъунго, Гьесие ﷻ рокьуларо чIухIарал чагIи», - абун (сурату «Ан-НахIл» 23 аят).

МухIаммад аварагас ﷺ абуна: «Алжаналде лъугьине гьечIо жиндир рекIелъ чIухIиялъул цо зарраялъул къатIрацин бугев чи», - ян. Цо асхIабас гьаниб бицунеб бугищ берцинаб ретIел-хьит бокьиялъулин абун гьикъидал, Аварагас ﷺ баян гьабуна Аллагь ﷻ берцинав вугин ва берцинлъи бокьулевлъунги вугин, амма чIухIи къватIисеб загьирлъи гуреб, напсалъул жанисеб хIал бугин.

ЧIухIи бихьизабулезда гьаб дунялалдаго бихьула инжитлъиги, гьелда тIаде, ахираталде щведал кьварараб тамихIги букIине буго гьезие. Къиямасеб къоялъ чIухIарал гIадамал ракIаризе руго инжит гьарулеб хIалалда, цIунцIраби гIадин ва рехизе руго жужахIалъул бищунго кьварараб гвандинире.

ХIадисул Къудсиялда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго: «КIодолъи буго Дир ﷻ изар (ретIел), чIухIиги буго Дир плащ. Гьезул цоябгIаги Дихъа бахъизе къасд гьабурав чи Дица цIадулъе рехула», - абун (Абу Давуд, ибн Мажагь).

ЧIухIи ва гIамалкIодолъи ккола инсанасул бищунго квешал хасиятазул цоял. Гьез рачуна цогидал квешал гIамал-хасиятал лъугьиналдеги. ЧIухIиялъ инсанасе квалквал гьабула хIакъаб жоялда чIезе. ЧIухIи ва гIамалкIодолъи бихьизабиялъ чиясда ккола жинца битIараблъун рикIкIунеб жо гурони хIакъаблъун гьечIин, ай гьелъ виччаларо гьев хIакъикъат цогиясдаса бичIчIиялде.

 

ЧIухIиялъул гIиллаби ва загьирлъи

Инсан чIухIиялде ккезе бегьула батIи-батIиял гIиллабаздалъун, амма гьезда данде къеркьезе ккани, кIвар бугеб жо ккола гьелъул гIаламатал лъай.

Дунялалъул жалазда хурхун чIухIи. Дунялалъул жалаз махсараде кквеялъ инсанасда ракIалде ккезабула бечелъиги хъулухъги гьесие жиндирго хасал лъикIлъабаздалъун ва бажари-хIалкIвеялдалъун щвараб бугин. Гьединав чиясда кIочон тола киналго нигIматал Аллагьасул ﷻ рахIмат букIин, жибги Гьес ﷻ бокьараб лахIзаталъ нахъе босизе бегьулеб.

ГIелму-гIибадаталдаса чIухIи. Инсанас жиндирго динияб лъай яги гIибадаталъулъ бугеб хIаракатчилъи сабаблъун байбихьизе бегьула живго цогидаздаса лъикIавлъун рикIкIине. Гьелъ рачуна жалго жидедаго лъикIаллъунги рихьун, ахир махсараде ккураллъун лъугьиналде, ай жидер гIамал Аллагьас ﷻ къабул гьабулеблъун бугинги ккун, цогидал мунагьал гьарулел ругин абураб пикруялде рачIун. Амма хIакъаб гIелмуялъ чIухIи гуреб, гIодобегIанлъи ва такъва цIикIкIинабиялде рачине ккола.

Жиндирго рижиялдаса чIухIи. Жиндирго къиматаб рижиялъухъ яги миллаталъухъ балагьун цогидаздаса живго тIадегIанавлъун рикIкIин.

Чияс гьединал дандекквеял гьарулел пикраби кутакалда какулаан Аварагас ﷺ. Цо нухалъ Абу Заррица Билалида «чIегIерай чIужугIаданалъул васин» абидал, Аварагас ﷺ гьесда абун буго: «Дуца хIажат гьечIеб абуна… ХъахIай эбелалъул васасул чIегIерай эбелалъул васасдаса щибго тIокIлъи гьечIо», - ян. Исламалда тIокIлъиялъул цого-цо гIаламат буго такъва. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «Аллагьасда ﷻ цеве нужеда гьоркьоса бищунго тIадегIанав вуго бищунго такъваяв», - абун (суратул «ХIужурат», 13 аят).

Вижиялдаса чIухIизе ккани, тIоцебесеб иргаялда, чиясда ракIалде щвезе ккола сундаса жив вижарав ва кин гьаб дунялалде вачIаравин абун. ЧIухIиялъ дагь-дагьккун хвезабула чиясул Аллагьасдехун ﷻ бугеб божилъи, рекIел игIтикъад ва къотIизабула гIагарал чагIазулгун гьоркьорлъаби. ЧIухIараб ракI лъугьуна лъикIлъиялдехун гIинкъаблъун ва Аллагь ﷻ ТIадегIанав вукIиналде беццаблъун.

 

ЧIухIиялдаса дару

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсанасде амру гьабун буго лъикIлъиялде хIаракат бахъеян, жиндие яги цогидазе зарал гьабулебщинаб квешлъиялдаса рикIкIадги чIаян. ЧIухIигун гIамалкIодолъи буго ракIги бахчизабун жиндилъгун цогидазулъ бугеб лъикIлъи ва рухIияб берцинлъи бихьизе толареб пардав гIадаб жо. Гьединав чиясе кинабго гIумру букIуна къец ва дандекквейлъун, жиндаги жиндирго тIокIлъи ва цевеккей гурони бихьулареб. Амма Аллагьасе ﷻ хасал сипатал жиндего гIунтIизарулев вуго кIудияб мекъи ккеялъулъ. Гьеб унтиялдаса рорчIизе бегьула диналъ малъа-хъвай гьабурал баяназдаса пайда босани.

  1. Аллагьасул ﷻ кIодолъиги жиндирго гIодобегIанлъиги лъай. Кидаго ракIалда чIезаби унго-унгояб кIодолъи цохIо Аллагьасе ﷻ букIин. Щивав инсан вуго загIипаб махлукъат, лъел къатIраялдаса живги вижарав, ахир ракьалде вуссинеги вугев. Аллагьас ﷻ лъазабулеб буго: «Ва ракьалда тIад чIухIунги хьвадуге, хIакълъунго, дуда (гьеб гIамалалдалъун) ракь бихьизе кIоларо ва дурго борхалъиялдалъун мугIрузде щвезеги кIоларо», - абун (сурату «Ал-Исраъ», 37 аят).
  2. Жиндирго мунагьазе мукIур-лъи. Жиндирго мунагьал ва гIамалазулъ мукъсанлъи ракIалда букIунев чиясда кIоларо цогидазухъ хIакъираб бералдалъун валагьизе. Абулеб буго муъминчиясда жиндир мунагьал рихьулин кIудияб кьуруялда гъоркь гIодов чIарав чиясда гIадин, жибги бокьараб хIалалда тIаде бортун бачIиналда хIинкъи бугеб. Гьелъ, кидаго тавбу гьабиялъ ва жиндирго загIиплъи лъаялъ кумек гьабула живго лъикIавлъун вихьи ва чIухIиялъул гIамал къезабизе.
  3. ГIадамазулгун гьоркьоблъи гьабиялъулъ бигьаяб хIал цIуни. Авараг ﷺ вукIана бищунго тIадегIанав, къимат борхатав чи. Амма гьелдаго цадахъ гьес ﷺ бихьизабулеб букIана гIорхъолъа араб гIадатияб гIодобегIанаб чIухIи гьечIеб хIал. Гьев ﷺ гIодов чIолаан санагIалъи ккараб бакIалда, жинцаго тIоцебе кьолаан гIадамазе саламги, ретIелги букъулаан, цогидаздаса жив киданиги лъикIавлъунги вихьулароан. Гьес абулаан: «ГIодовегIанлъи бихьизабурав чиясул даража Аллагьас ﷻ борхизабила. ТIадегIанлъи ﷻ бихьизабуравги Аллагьас ﷻ гIодовегIан гьавула», - ян.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги бергьенлъи щвезе! Амин! 

 

АхIмад Къурбанов

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Цадахъ гIуна   Дица дирго лъимер ясли-ахалде битIичIо. Гьеб кидаго дида цадахъ букIуна. Ниж цадахъ хIала, цадахъ кванала. Дица лъимер сундасаго цIунула. Гьанжейин абуни вас школалде ине ккола. Дунги гьечIого гьенив вукIине ккола гьев. Гьебин абуни нижее захIмалъизе буго. Щибдай гьабун лъикI?...


Суал-жаваб

Улул гIазмаби абурал аварагзаби щал кколел ва гьеб рагIул магIна щиб? УлулгIазми абураб рагIул магIна ккола, кутакаб цIакъ бахъиялъулги, сабруялъулги, цIодорлъи-бегIерлъиялъулги бетIергьаби, ай гьел хасиятал жиделъ рукIарал чагIи абураб. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда нилъер хириясде ﷺ хитIаб...


«Кавказалъул рагъул бахӀарчияб эпос – АхӀулгохI»

Дагъистаналъул гуманитарияб институталда тӀобитӀана Кавказалъул рагъул аслиял лъугьа-бахъиназул цояблъун кколеб АхӀулгохIалъул рагъул хӀакъалъулъ бицараб данделъи. Гьеб тадбиралда гIахьаллъана экспертал, тарих бокьулел, студентал. Данделъи нухда бачана ДГИялда цебе бугеб «Тарихалъул...


ГIалимчи вукIун гIоларо

Абу Язид БастIамиясулгун лъеберго соналъ гьалмагълъи гьабун вукIун вуго цо гIалимчи, къад кIалал ккун, къаси сардал гIибадаталда рорчIун. Цинги цо къоялъ гьес абун буго Абу Язидида: «Я дир сайид! Дица дуе хъулухъги гьабуна, дуеги мутIигIлъана, кинниги дие загьирлъичIо БетIергьан Аллагьас ﷻ...


КIванагIан хех гьабе

Жакъа унтараб суал буго гьабураб къотIи-къай тIубангутIи ва кьураб рагIи ккунгутIи. Гьеб сабаблъун цоцада гьоркьоб гьуинлъи ва цолъи хола. Инсанас, Аллагьас ﷻ абухъе, цогидасул хIакъ тIубани ва Аварагас ﷺ хIадисалда абухъе жидиего гьабизе бокьулеб гIадин цогидасеги гьабуни, букIинищ гьениб...