Аслияб гьумералде

Зулму гьаби

Зулму гьаби

Жакъа зулму гьаби гIадатияб жолъун лъугьун буго. Исламалдайин абуни зулму гьаби гьукъун буго. Къуръаналдаги рехсон буго зулму гьабулел чагIазе кутакаб тамихI букIине бугин абун.

 

Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дуда ракIалде ккоге, МухIаммад, Аллагь ﷻ гъапуллъун вугин абун гьел зулмучагIаз гьабулеб гIамалалдаса. Аллагьас ﷻ гьел гIазаб гьабичIого тола, гьезул берал гIачIихунеб къоялъ гIазаб гьабизе», - ян. (Сура «Ибрагьим», аят 42)

Ракьандаса кверал къотIарав цо чи вихьун вуго пашманго гIодов чIун. РакI бакъван гьев вихьидал, щиб ккарабин гьикъидал, гьес бицун буго: «Цо къоялъ дица зулму гьабун ччугIихъанасухъа ччугIа бахъана. Хадусеб къоялъ килщида бугеб унтиялъ радал ворчIана дун. Гьеб унти къокъаб заманалда кIигъуждузда щвана ва кIиябго квер къотIизе ккана. Цинги дица цIаларав чиясда цIехейдал гьес бицана доб ччугIихъанасда гьабураб зулмудул ва гьес хьамуралъул хIасил бугин гьебилан. Гьесухъа тIасалъугьин тIалаб гьабичIони мун кватIичIого хвезе вугиланги абуна гьес.

Сардилъ гьев ччугIихъанги валагьун, тIасалъугьин гьарун, гьесул хIатIазда убачал гьаруна дица. Гьев дида тIаса лъугьана. Цинги дица гьикъана гьесда щиб дуца гьабураб гьаб унти диде ккезе ккани абун. Гьес абуна: «Дуца дида зулму гьабидал, зодире квералги ритIун, квешаб дугIа гьабуна дуе», - ян.

Ибну МасгIудидасан бицараб хIадисалда буго: «Цонигиязе зулму гьабуге, гьабуни нужеца гьабураб дугIаялъе Аллагьас жаваб гьабизе гьечIо, нужеца цIад гьаризе буго ва гьеб базеги гьечIо, кумек гьаридалги нужее кумек гьабизе гьечIо», - ян.

Гьединго жинда зулму гьабурасул дугIаялдаса цIунизе ккола. Гьесул дугIаялдаги Аллагьасдаги ﷻ гьоркьоб пардав букIунаро. Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «Жинда зулму гьабурасул дугIаялдаса хIинкъа, гьелдаги Аллагьасдаги ﷻ гьоркьоб щибго пардав букIунаро», - ян. (Бухари)

Гьеб цебе рехсараб хIадисалъул баян гьабун ГIабдуррауф Мунавияс хъвалеб буго: «Жинда зулму гьабурас нужее квешаб дугIа гьабичIого букIине нуж зулмуялдаса рикIкIалъе. Гьев капурав ялъуни фасикъав вугониги гьесул дугIаялъе жаваб гьабула ва амма гьесул къосин гьесда цадахъ хутIула», - ян.

 

 

Жабир Мажидов

 

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


ННТялъ бергьенлъи босана

МахӀачхъалаялда тIобитIана «Журналистазул вацлъиялъулаб кубок» абураб цIаралда гъоркь мини-футбол хIаялъул рахъалъ турнир. Байбихьуда ННТ команда, ГТРК «Дагестан» командаялдасаги бергьун, борчIана плей-оффалде ва гьенибги медиакомандаялдаса 5:2 хӀисабгун бергьана. Финалалда гьел дандчIвана...


Шагьидзаби кIочон гьечIо

1935 соналъ ЧIикIаса Ацал ГIабдурахIманил хъизаналда гьавуна вас СагIид. Гьеб букIана ШагIбан бащалъараб Барааталъул сордо. Гьеб сордоялъ лъабго нухалъ хирияб "Ясенги" цIалун, ГIабдурахIаманица Аллагьасда гьарана жиндир вас гIалимчи вахъагиян. ТIадегIанав Аллагьас инсул дугIаялъе жаваб гьабуна....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кредит босана...   Чияр счеталде гIемераб гIарацги битIун, щибго жоги гьечIого хутIана дун. ХIинкъун йикIана гьелъул хIакъалъулъ росасда бицинеги. Гьеб бахчизелъун дица кредит босана. Гьанже кредит бецIизецин кIолеб гьечIо, кьезе кколеб болжалги гIагарлъулеб буго. Щибдай...


КIудияб макъам

ХIурматиял бусурбаби. Аллагьасул диналде халкъ ахIи буго аварагзабазул ирс. Гьезул тIубараб гIумруго къурбан гьабун ана халкъ битIараб нухде ахIулаго. Гьелда жаниб аслияб жоги ккола гIицIго ихлас, ай ракI бацIцIалъи букIин. Гьебги щибго гьечIеб бакIалда бокьарав чиясе щолеб жо гуро.   Ихлас...


ХIикматал махлукъатал

Квокка Квокка ккола унго-унголъунги гIажаибаб ва цIакъ хIикматаб хIайван. Гьелда абула «Ракьалда бищун талихIаб хIайваниланги». Гьаб ккола кенгуруялъул хъизамалдаса гьитIинабго хIайван. Гьелъул кIодолъи-гьитIинлъи буго гIага-шагарго рукъалъул катил гIадаб. Черхалъул халалъи: 40-54 см,...