Аслияб гьумералде

Ругъун унареб

Ругъун унареб

Абугьурайратица бицун буго цо нухалъ аварагасухъе вачIанин цояв ва абунин: «Я Аллагьасул расул , цо кинаб бугониги малъахъвай гьабе дие», - ян.

Абулелъулги гьев чи ццим бахъун вукIинчIо, гIодове виччан вукIана. Аварагас абуна: «Ццим бахъине биччаге», - ян. Гьев чи вукIана жеги аварагасда аскIове вачIун нижеда вихьичIев чи. БукIаниги гьев аварагасухъе вачIана ва малъахъвай тIалаб гьабуна гьесдаса. Гьеб малъа-хъвай гIарабиясе гIечIо ва гьес нахъеги чанго нухалъ гьарана аварагасда жиндие малъа-хъвай гьабеян. Аварагасги щибаб нухалъ ццим бахъиналдаса цIунеян малъана гьесда. (Бухари).

Щайха аварагас ццим бахъиналдаса цIунеян малъараб гьев чиясда. Щайин абуни, ццим бахъин буго чиясулъ би гьалдон, дандияздаса рецIел босиялде рачунеб гIамал. Нилъеда лъала ццим бахъиндал гIодове виччазавизе кIоларого щиб хIалалда чи вукIуневали.

Аварагас хIадисалда абулеб буго: «Нужеца цIуни гьабе ццим бахъиналдаса. Щайин абуни, гьеб буго Адамил лъимадул рекIелъ боркьун бакараб тIурччи. Ццим бахъараб мехалъ нужеда бихьуларищ кин гьесул тIом багIарлъулебали ва бидурихьалги понцIон рачIунелали», - ян (Абу-Давуд).

КIудияв гIалим ХIамид ибну ГIабдуррахIманица хъвалеб буго: «Гьел аварагасул рагIабазда тIад ургъараб мехалъ, дида бичIчIана ццим бахъин кинабниги квешлъиялъе сабаблъун бугеблъи. Щайин абуни, чиясул ццим бахъараб мехалъ гьесда бичIчIуларо щиб абулеб ва гьабулеб бугебали. Гьединаб хIалалда вукIаго чиясухъа гьабунги ккола тохабщинаб гIамал, хIатта такъсиргицин», - ан.

Гьединлъидал буго аварагасги абураб: «Чи къуватавлъун гьечIо цогиясдаса бергьунев, къуватавлъун вуго ццим бахъараб мехалъ жиндирго напсалда кверщел гьабизе кIолев чи», - ян (Бухари).

Ццим къинабиялъе мисал

Цо гIолохъанчи вукIун вуго цIакъ хехго ццим бахъунев, бахъараб заманалъги жиндирго напсалда ва черхалда кверщел гьабизе кIоларого тохабщинаб иш гьабулев. Васасул гьеб гIамалалда щиб гьабилебали лъаларого вукIарав инсуца цо къоялъ гьесухъе кьун руго таргьа цIурал магIал. Малъунги буго, щибаб нухалъ ццим бахъанщинахъе таргьинисаги босун цо-цо магI гьаб цIулал нуцIида кьабеян. Васасги байбихьун буго инсуца малъараб гьабизе.

ТIоцебесеб заманалда нуцIида кьабурал магIаз гIезегIанго бакI цIезабуна. Сундуе гIоло гьеб инсуца малъарабали бичIчIарав васас байбихьула щибаб нухалъ, ццим бахъанщинахъе, гьеб къинабизе сабабал хIалтIизаризе ва къойидаса къойиде нуцIида кьабулел магIалги дагьлъана.

Хадуб гьес пикру гьабула, щибаб нухалъ магI кьабизегIан ццим къинабизего бигьаяб бугин ва жибго тола гьел нуцIида кьаби. Хадув инсуда аскIове вачIун абула тIокIалъ магIал кьабизе гьечIин. Инсуца гьесда абула, гьанжеялдаса хадуб ццим къинабунщинахъе дуца гьениса цо-цо магI бахъеян. Гьелдаса хадуб уна гIезегIан заман ва лъугIула гьенир рукIарал магIалги рахъун. Гьеб мехалъ инсуца вас, кверги ккун, нуцIида аскIове вачуна ва абула:

– Дуца гIезегIан жигар гьабуна, амма бихьулищ, чан каратI бахъун бугеб магIаз нуцIида? Гьанжеялдаса хадуб гьеб киданиги цебе букIахъе лъугьине гьечIо. Гьелда релълъун руго дуца ццим бахъараб мехалъ цогиясда абулел рагIабиги. МагIаз нуцIида гьарурал картIал кинниги гьесул рекIелъги хутIула дуца абуралъул асар ва гIуж.

Анас асхIабас бицараб хIадисалда буго, цо нухалъ аварагас абунин: «Ццим бахъараб мехалъ гьеб къинабулев чиясдаса, Аллагьасги жиндирго гIазаб нахъчIвала. ХIажат гьечIеб бициналдаса жиндир мацI цIунулесулги, Аллагьас квешлъаби рахчула», - ян (ГIукъайли).

Аллагьас кумек гьабеги щивасе ццим бахъунгутIизе ва бахъиндал сабру гьабизе. Лъеца цIа свинабулеб кинниги, сабруги буго ццим бахъиндал гьеб гIодобе биччазабулеб жо.

МУХIАММАД САЛМАНОВ

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...


Цолъиялъул мурадалда

Болъихъ районалъул лъималазулгун гӀолилазул спортивияб школалда тӀобитӀана СССРалъул ва Россиялъул мустахӀикъав бакӀал ралев ГӀабдулбасир Халикъов ракӀалде щвезавиялъул хIурматалда кIалбиччаялъул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, депутатазул собраниялъул...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


«Шукруялъул мажлис»

Рамазан моцIалъул хIурматалда, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ тIоби-тIана «Шукруялъул мажлис» абун цIар лъураб руччабазул данделъи.   Гьениб лъималаз ри-кIкIана кучIдул, ахIана нашидал, бихьизабуна ясал цадахъ кIал биччазе иналъул ва цоцазул тIалаб гьабиялъул хIакъалъулъ...


Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

ГIадатияб гуреб ва рекIее асар гьабулеб лъугьа-бахъин ккана СВОялда. Дагъистаналдаса школлъималаз гьабураб ва гуманитарияб кумек хIисабалда битIараб гьиналъ кумек гьабуна тушманасул дроналъ гьужум гьабичIого букIине ва нилъер рагъухъабазул гIумру хвасар гьабизе.    Гьеб кумек щварав...