Аслияб гьумералде

ХIикматазул гъамас

ХIикматазул гъамас

Лукъманул ХIакимил насихIатал

  • КIвахIаллъиялдаса ва ццин бахъиналдаса мун цIуне. КIвахIаллъиялъ дур парзал хутIизарула ва ццин бахъиялъ битIараб, ритIухъаб жо къабул гьабиялдаса нахъчIвала.
  • ГIемераб мехалъ хIажатханалда гIодор чIани, басуралъул (геморой) унти ккезе рес буго.
  • ГIадамалгун ритIухъ вугони, ТIадегIанав Аллагьас I яхI-намус ва цIар цIикIкIинабила.
  • Эбел-инсуца тарбия кьун лъималазда кьаби, бекьараб жоялъе ракул мисалалда буго.
  • КIалъалелъув къокъ вукIа. ХIажалъи ккедал гьелъул бицуневги вукIунге.
  • Дур бугеб къуваталъ гIадамазе квешлъи гьабиялде мун ахIулев вугони, Аллагьасул дудехун бугеб Къуват ракIалде щвезабе. Кида-къадниги квешал гIадамазе Аллагьас I гьабизе бугеб тамихIалдасаги мун цIуне. Аллагьасул тамихI абадияб букIуна.
  • Квешаб-лъикIаб дуе лъугьиндал, мун цIуне «гьедин гьабун букIинчIебани лъикI букIинаан» абурал рагIабаздаса.
  • Цогидаб риваяталда буго: мун рази гьечIеб дуе лъугьиндал, кидаго рекIелъ «гьелъулъ лъикIлъи буго» абураб жо чIезабе.
  • Я, дир вас! КIал кквей шагьват бекиледухъ ва какие зарал кколаредухъ. Как бай кIал кквеялдасаги тIадегIанаб буго. КIал кквей нилъеда тIадкъан буго хасият берцинлъизе ва шагьват бекизе. Жеги кIал кквей рухIанияб рахъ цебетIезелъун буго. Как байин абуни киналниги квешлъабазе ва ахIмакъал мурадазе аслулъун бугеб напс квегъизелъун буго.
  • КIалдиса къватIире арал рагIабазда дир ракI чанги гурхIана, амма вуцIцIун чIеялда киданиги ракI гурхIичIо.
  • КIалъай гIарац батани, вуцIцIун чIей месед буго.
  • Аллагь рехсолареб мажлисазда гIахьаллъи гьабуге. Мун гIалимчи ватаниги гьениб кьолеб лъаялъ дуе пайда гьабуларо, амма жагьилчи ватани, дур жагьлу жеги цIикIкIинабила.
  • Я, дир вас! Цогидазул гIакълу дуего хIалтIизабе. Васас гьикъана: «Кин гьеб букIунеб», - илан. Лукъманица абуна: «Дурго масъалабазулъ гIакълу дандбай», - илан.

ГЬУМЕР Х1АДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...