Аслияб гьумералде

ЧIахIиязул адаб гьаби

ЧIахIиязул адаб гьаби

ЧIахIиязул адаб гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде  рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан бичIчIула чIахIиязул адаб тей кIудияб мунагь букIин.

 

ЧIахIияздехун адаб-хIурмат гьаби ккола инсанасул лъикIал табигIатазул цояб. Гьединав чиясдехун цогидазулги лъикIаб бербалагьи букIуна ва кIодолъидал цогидазги гьесул адаб гьабула.

«Кабаир» абураб тIехьалда ТIабаранияс бицана Аварагасдасан, Абу Умаматица бицанин: «Саназде вахарав бусурбанчи, гIалим ва ритIухъав имам сан гьавичIого толаро мунапикъас гурони», - ян.

Сан гьавичIого тейги ккола гьел ралъаргъи, гьездехун хъачIго кIалъай, гьел ругел бакIалда адаб тарал жал гьари, гьел каки. Жакъа нилъеда гIемер бихьула кIудияв чи тIаде вачIиндал эхедецин рахъунарел чагIи. Гьелде тIаде, цо-цояз цогидал гIолилазе кеп гьабиялъе ралъаргъуна чIахIиял. Школазда учительзабазул адаб гьабиги цебе гIадин гьечIо. Цебе учителас лъималазда кьаби гIадатияб жолъун букIана ва гьелъухъ эбел-инсуца учителасе баркалаги кьолаан ва жиндирго лъимадуе гIадлуги гьабулаан. Гьанжейин абуни, цIалдохъанасдехун абураб мекъаб рагIи сабаблъун, эбел-эмен кIанцIула учителасе гIадлу гьабизе. Гьеб кинабго ккола къиямасеб къоялъул гIаламатлъун. 

Анас бин Маликидасан бицараб хIадисалда буго: «Исламалдаги вукIун 40 сонил ригьалде  вахарав чиясдаса ТIадегIанав Аллагьас гIадаллъи ва барас унтаби тIаса росула, 50 соналде вахиндал – Аллагьас лъикIлъаби гьаризе гьесие бигьа гьабула, 60 соналде вахиндал – Аллагьас гьев Жиндиего бокьулеб жоялде вакил гьавула, 70 соналде вахиндал – ТIадегIанав Аллагьасе ва зобалазул агьлуялъе гьев вокьула, 80 соналде вахиндал – Аллагьас гьесул лъикIал гIамалал къабул гьарула ва квешаздаса тIаса лъугьуна. 90 соналде вахиндал – цере арал ва гьаризе ругел мунагьал гьесул чурула, гьесдаги абула ракьалда Аллагьасул асирилан, хъизан-агьлуялъе шапагIат гьабизе Аллагьас гьесие изнуги кьола.  100 соналде вахиндал – гьесда абула Аллагьасул хIабисилан (туснахъ гьавурав). Ракьалда вугев Жиндир хIабисасе гIазаб гьабунгутIизе Аллагьги гъоркье чIарав вуго»  (АхIмад).

Балагьеха, ТIадегIанав Аллагь ﷻ инсан саназде вахаравгIан гьесда гурхIулев вугеб куц? Аллагьцин ﷻ гьедин гурхIулеб мехалда нилъеца жеги лъикI гьабизе ккеларищ чIахIиязул адаб?

Абу Бакар асхIабас бицана: «ГIадамазул цо къокъаялъ Аварагасда ﷺ цIехана: «Я, Бичасул Расул, бищун лъикIал гIадамал щал кколел?» - илан. Аварагас ﷺ абуна: «Жиндир гIумруги халалъарав ва гIамалги берцинлъарав», - илан. Цинги гьез гьикъана: «Бищун квешал гIадамал щалха кколел?» - илан. Жаваб гьабун Аварагас ﷺ абуна: «Жиндир гIумру халалъарав ва гIамалги квешлъарав», - илан (Тирмизи).

ГIаишатидасан бицана Аварагас ﷺ абунин: «Дир умматалдасан 80 сон барав чиясе хIисаб-суал гьабуларо ва гьесда абула Алжаналъуве лъугьа», - ян.

Саназде вахарав чиясул гьурмаде ТIадегIанав Аллагь ﷻ къойил щуго нухалъги валагьун, абулила: «Ле, Адамил лъимер, дур соналги цIикIкIана, черхги загIиплъана, гIажалги гIагарлъана. Мун Дикьа неча, саназде вахарав чиясе гIазаб гьабизе Дунги нечола», - абун.

 

Камил  МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Пашманлъи тIаса инабулеб

ТIадегIанав Аллагьас инсанияталъе гIемерал нигIматал рижун руго. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магIна): «Гьев инсан кин валагьуларев Аллагьас ﷻ жиндие ризкъилъун кьун бугеб батIи-батIияб тIагIамалде». (Сура «ГIабаса», 24 аят).   Гьел нигIматазул цояб ккола хъабахъ....


Рокъоб мавлид гьабиялъул даража

Абубакр Сидикъас абуна: «Мавлидалъе цо диргьам жинца кьурав чи Алжаналъув дир гьалмагъ вуго», - абун.   ГIумарица абуна: «Аварагасул ﷻ мавлид жинца кIодо гьабурав чи, ислам чIаго гьабурав чи вуго», - ян. ГIусманица абуна: «Мавлид цIализе цо диргьам жинца кьурав...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Лъимер хьихьизе бачине бокьун буго     Дир йикIана яс. Гьей унтана ва къадаралда щвана. Гьеб ками цIакъго захIмалъана. Лъимер гьабулеб ригьалда гьанже дун гьечIо, амма лъимер хьихьизе бачине бокьун буго. Аллагьасда ﷻ цебе гьеб лъимер дирлъун лъугьунищ?   Ш.,...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

(Байбихьи цересел номералда)   Гьелдаса хадуб рагьун дин биччазегIан гьев мубарак жиндирго цIулал хIалтIиги гьабун гIадамазда гьоркьов гIадатияв чилъун вукIун вуго. Дагъистаналде зияраталъ вачIанщинахъе гьес рещтIен гьабулеб букIун буго ХасмухIаммад-хIажиясухъ. Гьесул гIумрудул цIех-рех...


БацIцIадаб гIоралда релъараб

Как буго диналъул кьучI ва аслу. Как тарав чиясул дин биххулин абун буго хIадисалдаги. Гьелъул магIна ккола диналъул щулалъи какалда бараб букIунин.   Бусурбанчияс кIвар кьезе ккола какалде. Гьелъул кIвар бицана хIадисалъги: «Дуда лъай, ишазул бищун лъикIаб как бугеблъи...»...